ДРялъул хӏукуматалъул председатель Гӏабдулпатахӏ Гӏамирхановас тӏобитӏараб данделъиялда бицана «Демография» ва «Лъай кьей» абурал миллиял проектазда рекъон, республикаялда ран ругел бакӏазе лицензия кьеялъул хӏакъалъулъ.
Гӏ. Гӏамирхановас бицана, РФялъул хӏукуматалъул бихьи- забиялда рекъон, 2021 соналъул тӏоцебесеб сентябралде республикаялда хӏалтӏизе байбихьизе ккола рехсарал миллиял проектал гӏумруялде рахъинарулаго бараб 12 объектин абун. Гьезда гьоркьоб буго: лъабго лъималазул ах (Махӏачхъалаялда), кӏиго школа (Хасавюрт районалда), лъималазул цо-цо ах (Хасавюрт, Дербент ва Гъизилюрт шагьаразда, Мухӏарамкент, Хъумторхъала, Казбек ва Дербент районазда).
Амма, премьер-министрасул пикруялда рекъон, цо-цо бакӏал ран рахъиналъул рахъалъ щаклъи буго – гьединал баянал кьолел руго ДРялъул Лъай кьеялъул ва гӏелмуялъул министерствоялъ. Гьелъул министрасул ишал тӏуралев Яхӏя Бучаевас бицана, киналго бакӏал ран рахъун ругин абун. «Амма лъимал къабул гьарилалде цере лъай кьеялъул идарабазул объектазул цӏарал хъвазе ккола пачалихъияб мулкалъул реестралда, гьезул рукӏине ккола хӏалтӏизе ихтияр кьолел документал ва гьел рачине ккола муниципалитеталъул мулкалда гъорлъе. Гьелдаса хадуб тӏобитӏула лицензия кьеялъул мурадалда гӏуцӏулеб тадбир», — ан бицана министрасул ишал тӏуралес.
Хӏалтӏизе байбихьиялъул рахъалъ «хӏинкъи» бугел объектаз- да гьоркьор данделъиялда рехсана Махӏачхъалаялъул Ак-Гёл микрорайоналда бугеб 250 лъимадуеги, Хъумторхъала районалъул Учкент росулъ 100 лъимадуеги рарал лъималазул ахал. Заманалда гьелги рагьиялъе тадбирал гьареян лъазабуна премьерас.