Бищун лъикӏаб сурат жеги бахъизе буго Зургьаловас

Миллияб ратӏлил

ва миллаталъул ургъалида

Бищун лъикӏаб сурат жеги бахъизе

буго Зургьаловас

Махӏачхъалаялъул Гьудуллъиялъул рокъоб бугеб Россиялъул халкъазул гьудуллъиялъул музеялда рагьана машгьурав фотограф, Россиялъул Журналистазул союзалъул член, ДРялъул культураялъул мустахӏикъав хӏалтӏухъан Хӏажимурад Зургьаловасул «Халкъалъул рухӏ» абун цӏар лъураб суратазул выставка. Хӏ. Зургьаловас бицухъе, выставка тӏобитӏиялъул аслияб мурадги ккола миллияб культураялде ва умумузул гӏадатазде жамгӏияталъул кӏварбуссинаби.

Гьудуллъиялъул рукъалъул директорасул заместитель Георгий Гьаруновасул рагӏабазда рекъон, суратал рахъулаго, Зургьаловас жиндирго гьунарги махщелги буссинабун буго гӏадамазде, гӏадатазде ва Дагъистаналъул миллияб ратӏлиде. ДРялъул Миллатазда гьоркьосеб министерствоялъул миллияб политикаялъул управлениялъул начальник Мухӏамад Даитбеговас бицана Хӏажимурадида бихьулин гӏадатиял чагӏазда бихьулареб гӏемераб жо. Гьесул хӏалтӏабазулъ кидаго букӏунин Дагъистаналъул халкъазул унго-унгояб хаслъи.

Выставкаялда лъун буго ахираб къого соналда жаниб Зургьаловас бахъараб 64 сурат.

«Гьаб буго дир суратазул 16-абилеб выставка. Гьел тӏоритӏана Москваялдаги, Санкт-Петербургалдаги, Екатеринбургалдаги… хӏатта Мексикаялдацин. Жакъа дун хӏалтӏулев вуго «Лъалареб Дагъистан» абулеб темаялда тӏад. Амма дир жеги рес ккечӏо бищун лъикӏаб сурат бахъизе. Гьаб выставкаялда лъун ругел сураталги ккола «Кӏудияб чиллайдул нух» абулеб маршруталда ругел росабалъ рахъарал», — ан бицана Хӏ. Зургьаловас.

Ингушав Макломица хъвалеб буго: «Пакистанияз, гӏарабаз, жугьутӏаз, узбеказ, индусаз, индейцаз, шотландияз ва гӏемерал цогидазги ретӏуна жидерго миллияб ретӏел. Цохӏо кавказалъулазда кӏочон тун буго умумузул ратӏлил къимат гьабизе», — ян. Суратазул кумекалдалъун гьеб «унтиялъул» хӏакъалъулъ бицунеб буго выставкаялда Хӏажимурад Зургьаловас. Миллатазул гӏадатал берцин рихьулев ва миллияб ратӏлил къимат гьабулев чи 25 апрелалде щвезегӏан выставкаялда лъун ругел суратазухъ балагьизе вачӏине бегьула.

Нури Нуриев