Лъикӏаб байбихьи, хӏасилаб букӏинесеб

Дагъистаналда щуго миллион гӏи бугин абизеги кӏоларо, гьечӏин чӏезабизе кьучӏаб хӏужаги гьечӏо

Цебесеб анкьалъ къватӏибе биччараб газеталда нижеца баян кьун букӏана Росдал магӏишаталъул министерствоялда тӏобитӏараб гӏияхъанлъиялда бугеб ахӏвал-хӏалалъул хӏакъалъулъ бицараб данделъиялде ахӏарал гьалбал редакциялдеги рачӏун рукӏанин. Гьезда гьоркьор рукӏана Россиялъул гӏелмияб академиялъул член-корреспондент, Тимирязевасул цӏаралда бугеб Россиялъул пачалихъияб аграрияб университеталъул — Москваялъул росдал магӏишаталъул академиялъул зоотехникиябгун биологиялъул факультеталъул декан Юсуп Юлдашбаев, гьебго университет-академиялъул зоостанциялъул директор Нагимет Мухӏамаджанов ва Дагъистаналъул НИИСХалъул гӏи-боцӏухъанлъиялъул отделалъул заведующий Гӏабдусалам Хӏожокӏов. Гьезулгун ккараб гара-чӏвари бахъулеб буго гьаниб гъоркьехун.

— Гӏумруялъул, магӏишаталъул, тӏабигӏаталъул бечелъиялъул кинал рахъал росаниги, Дагъистан буго гӏажаибаб ва гьайбатаб республика, — ян бицана Гӏабдусалам Хӏожокӏовас. — Гӏи-боцӏухъанлъи, гьелдаго гьоркьоб гӏияхъанлъиги буго нилъер умумуздаго лъикӏ лъалеб букӏараб магӏишат. Нилъер тӏабигӏаталъул шартӏазги, гьава-бакъалъги, хасел тӏамизе гӏураб къадар рагӏи-хералъул хӏадуризе бажарунгутӏиялъги рес кьоларо тӏубараб лъагӏелалъ гӏи мугӏрузда хьихьизе. Хӏаримазул гӏатӏилъи гӏоларого букӏиналъ, рес кьоларо риидал гӏодоблъиялда гьеб хьихьизеги. Гьединлъидал Дагъистаналъе хаслъи бугеблъун ккана гочинабун гӏи хьихьулеб къагӏида.

— Дагъистаналда бугин абула гӏи-цӏцӏаназул 5 млн бетӏер. Дуца кин рикӏкӏунеб, бугищ гьаниб гьедигӏанасеб къадар?

— Гӏи-цӏцӏаназул бищун цӏикӏкӏараб къадар букӏана 1987 соналда, ай 3,8 млн бетӏер. Амма доб заманалда гӏаммал магӏишатазул гӏиязда цадахъ вехьасе изну букӏана хьихьизе жиндирго гӏиги: колхозалда — 40 бетӏер, совхозалда — 20 бетӏер. Гьабсагӏаталда босани, вехьас хьихьула кӏварабгӏан къадар. Руго гӏухьби кибго хӏисабалда гьечӏеб 400-500 гӏиялъажо бугелги. Гьечӏо мухӏканаб хӏисаб Дагъистаналдаса къватӏибе баччулеб чӏагояб гӏиялги, хӏакъаб жо, гьелъулги къадар кӏудияб букӏин. Буго кибниги хӏисабалда гьечӏеб гӏиял къадарги, буго, субсидиял щвезелъун, «припискаби» гьарун тӏаде хъварабги. Гьединлъидал дида кӏоларо Дагъистаналда 5 млн бетӏер бугин ракӏчӏун абизе, гьединго кӏоларо гьеб гьечӏин абизеги.

— Церехун хӏалтӏизарулел рукӏарал къагӏидабиги хӏисабалде росун, рикӏкӏине бегьуларищ гӏи?

— Гьеб буго цӏакъ битӏараб пикру. Амма гьеб бугоха гӏезегӏан захӏматаб, къо бихьулеб, гӏемераб заманги харжалги тӏад унеб хӏалтӏи. Гьелдаго цадахъ, Росдал магӏишаталъул министерствоялъул ихтияр гьечӏо гьединаб хӏалтӏи гьабизеги.

— Мун вуго гӏемерал соназ росдал магӏишаталда хӏалтӏарав, хӏалбихьи бугев чи. Кинаблъун бихьулеб дуда гьабсагӏаталда нилъер гӏияхъанлъиялъул сипат?

— Пачалихъ биххун хадуб гӏиял квасул къимат гӏодобе ккана. Квасул тӏалаб гьечӏеблъиги бихьун, гьанал къимат цӏикӏкӏунеб букӏинги хӏисабалде босун, гӏияхъабаз байбихьана гьан кьолеб тайпаялъул гӏи Дагъистаналде баччизе. Гьеб лъугьана лъицаниги халгьабулареб, хӏисаб-суал гьечӏеб масъалалъун. Журана тайпаби, хвана квасул даража. Тайпадулаб, бацӏцӏадаб гӏиял бащдаб хутӏанин абуни мекъи ккеларо, гьеб кинабго цӏигьабизе ккани, нилъее къваригӏуна гӏемерал сонал.

Юсуп Юлдашбаевасулгун ккараб гара-чӏвариялда нижеца гьесда гьикъана цевехун Дагъистаналде щун вукӏанищин.

— Цо къо базе щун вукӏана. Гьаб кӏиабилеб нух буго, — ян абуна Ю. Юлдашбаевас. — Росдал магӏишаталъул цӏияв министр вуго лъикӏав специалист. Гьес лъугӏизабуна нижер академия ва гьев ккола росдал магӏишталъул гӏелмабазул кандидат. Гьесда лъикӏго лъала гӏияхъанлъиялда ругел, гьелда церечӏарал масъалаби. Гьединлъидал гьес гӏуцӏана гӏияхъанлъиялъул бицунеб гьаб данделъиги гьанире ахӏана нижги. Советияб заманалда гӏиял 100 процент букӏана гӏаммал магӏишатазда, селекциялъулабгун хьонбиччаялъул хӏалтӏи букӏана лъикӏаб даражаялда. Гьабсагӏаталда 20 процент буго гӏаммал магӏишатазда, 80 процент — фермеразулал магӏишатазда. Хӏакъаб жо, гьениб гьечӏо тӏадаблъун гьабун бугеб цо низам, къагӏида. Гьелъул хӏасилалда журалел руго тайпабиги, гӏодобе кколеб буго даражаги, гӏи хьихьиялъул пайдаги. Руго тайпабиги кӏиго нухалъ цӏикӏкӏун гьан кьолелги, ункъо нухалъ цӏикӏкӏун квас кьолелги, амма масъала буго гочинабун хьихьиялдеги ругьунал, бакӏалъулал тайпаби, гьеб «халкъияб буголъи» цӏуни. Министрасги данделъиялда абуна, нилъеца кӏвар кьечӏого, хвезе тун бугин селекциялъулаб хӏалтӏи, чара гьечӏого хӏажат бугин гьеб цӏигьабизеян. Гӏи-цӏцӏаназул 5 млн бетӏер бугеб Дагъистаналъ къадаралъул рахъалъ Россиялда тӏоцебесеб бакӏ ккола.

— Данделъиялда кӏалъалаго, магӏишатазул нухмалъулез, аслияб куцалда сунда тӏадчӏей гьабураб?

— Гӏияхъабазул аслиял масъалаби руго Россиялъул киналго регионазе гӏаммал: хӏаримал ижараялъе росиялъул, гьезухъ кьолеб мухьалъул, лъел, субсидиязул, гӏезарурал нигӏматал ричиялъул. Гьанир рехсарал хӏужабаз бихьизабулеб буго гӏарцулал сурсатал ва материалияб рахъалъ хьезари аслиял суалал рукӏин. Гӏемераз загьир гьабуна, гӏияхъанлъиялъул пайда борхизабизелъун, гӏелмиял цӏирагьиял производствоялда хӏалтӏизаризе хӏажат букӏиналъул пикру. Министрасги бихьизабуна гьел масъалаби, Дагъистаналъул хаслъиги шартӏалги хӏисабалде росун, цадахърекъон тӏуразе кколеблъи.

— Цо-цояз абула, гочинабун хьихьулеб гӏияхъанлъиги тун, гӏодоблъиялъул ракь кьезе кколин гьелъул бетӏергьабазухъе. Дуда кин кколеб?

— Цо гектаралда хьихьизе бегьулеб боцӏул (гӏиял) норма буго. Дагъистаналда гьеб чӏезабун буго цо гектаралъе цо бетӏер хӏисаб гьабун. Гьадинаб кӏудияб къадар гӏиялги букӏун, нужер гьаниб гьеб норма цӏунуларо, цӏунизе ресги гьечӏо. Риидалил мугӏрузде гӏи гочинабичӏони, кин гӏезе бугеб гьеб къадаралъе эркенаб ракь, рагӏи-хер? Берцинаб хӏалалда кваназе хер гьечӏеб ракьалда тӏад гӏияда хадуб хутӏула гӏицӏаб майдан. Сунде гьелъ рачинел? Тӏубанго хвезе буго ракьги экологияб системаги, хиса-сверизе буго тӏабигӏаталъул сипат-суратги. Тӏадехун рехсарабги хӏисабалде босун, гочинабулеб гӏияхъанлъи лъугӏизабиялъул суал тӏубазабизе рес гьечӏо. Ялъуни дагь гьабизе ккола гӏиял къадар. Гьеб киналдаго цадахъ хӏажат буго: гӏатӏидго хӏалтӏизаризе цӏияб тайпаялъул хӏаримал, цӏигьаризе ккола ругел хӏаримал (хьон хьан, къачӏан, цӏам чучазабун). Хасало гӏодоблъиялде гочинабулеб гӏиялъажоялъул цӏайи нухда дагьлъула лъеберго проценталъ. Дир пикруялда, щай бегьулареб гӏиял гьан бичулел пунктал магӏарухъ рагьизе?

Гьел руго гӏияхъабазда лъикӏ лъалел, гӏияхъанлъиялъул пайда борхизабиялъе хайир гурони зарал гьечӏел суалал.

Киналъулго ахир гьабулаго, Нагимет Мухӏамаджановас абуна: «Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимов вуго цадахъ цӏаларав, лъикӏав инсан ва бажари бугев специалист хӏисабалдаги нижеда лъикӏ лъалев, божарав гьудул-гьалмагъ. Къадар цӏикӏкӏараб бугониги, гӏияхъанлъи гьабсагӏаталда буго пайда цӏикӏкӏун кьолареб магӏишат (10-15%). Цӏакъго тохлъун, биччантун буго зоотехникиябгун тайпадулаб гӏи-боцӏул рахъалъ хӏалтӏи. Гӏадада гурелъул министрасги жиндирго хӏалтӏи гьелдаса байбихьулеб бугеб. Церечӏарал масъалаби кигӏан захӏматал ругониги, Гӏабдулмуслим вуго ишалъул, рагӏул чи, гьес кинабго босила кверзукье ва бачина цебе. Гьесие кумекалъе нижги хӏадурго руго»,- ян.

Зикрула Илясов,

Гӏабаш Гӏабашилов