Дагъистаналъул маххул нухал

Маххул нухал ккола, тӏабигӏаталъул хиса-басиязухъ балагьичӏого, лъагӏалил бокьараб заманалда квалквал гьечӏого хӏалтӏулел нухал. Халкъияб магӏишат, экономика, промышленность церетӏеялъе гьелъул бергьун кӏудияб кӏвар буго. Кида Дагъистаналде маххул нух щвараб, кинаб бугеб гьелъул тарих, республикаялъул экономикаялда гьелъул кӏвар, жакъасеб ахӏвал-хӏал?

Тарихалъ нугӏлъи гьабула

Гӏемерал соназ халатбахъараб Кавказалъул рагъ лъугӏун хадуб, пачаясул Россиялъ пикру буссинабуна Дагъистанги Кавказги улкаялъул централиял регионалгун маххул нухги лъун гӏагар гьабизе. Гьелдалъун тӏубалаан чанги кӏвар бугеб суал: тӏабигӏиялгун магӏданиял нахърателаздалъун, сурсатаздалъун бечедаб Кавказалъул ракьалдаса империялъул экономикаялъе пайда боси, цо хӏалккун чӏоларел, мукӏурлъи къабуллъуларел мугӏрузул халкъазда тӏад кверщел щулалъизаби, зама-заманалда Россиялъулгун кьал ахӏулел Ираналъулгун ва Турциялъулгун гӏорхъоде ярагъгун аскар рехизе ккани маххул нухлул букӏине бугеб стратегиялъулаб кӏвар. Россиялъул цебегосеб гьеб анищалъе квалкваллъун букӏараб, бахъараб хвалчен гӏодоб лъолеб букӏинчӏеб Дагъистанги Чачанлъиги кверде росун хадуб, байбихьана империялъ Кавказалде цӏикӏкӏараб кӏвар кьезе.

Кавказалде маххул нух лъеялъул рахъалъ Петербургалда букӏана кӏиго батӏияб пикру бугеб къокъа. Пачалихъалъул советалъул председатель, кӏудияв гиназ Михаил Николаевичас ва рагъулав министр Ванновскияс рахъкколеб букӏана Бетӏераб Кавказалъул щобазда гъоркьан туннельги гьабун Владикавказалдаса Тифлисалдехун маххул нух лъеялъул проекталъул, кӏиабилез – Кавказалда вугев пачаяс сардар Воронцов-Дашковас, гӏурусазул техникияб жамгӏияталъул член-корреспондент Ю. Проценкоца ва академик Г. Абихица абулеб букӏана Каспиялъул рагӏаллъудасан Петровскиялде (гьанжесеб Махӏачхъала), гьениса Бакуялде нух лъезе кколин. Гьезул рахъккуна пача Александр III.

Маххул нух гьабиялъе ихтияр щвана коллежский асессор Рудольф Штейнгелие. Гьес гӏуцӏула Ростовалъулгун Владикавказалъул маххул нух гьабиялъул акционерияб жамгӏият ва лъабго соналдасан Владикавказалде нух гьабун лъугӏула.

1885 соналда Россиялъул императорас тасдикъ гьабула министрзабазул кабинеталъ Владикавказалдаса Петровскиялде 250 версталъ маххул нух лъеялъул рахъалъ гьабураб проект. Гьелда тӏад харж гьабизе бихьизабула 12,7 млн гъуруш гӏарац.

1891 соналъул 24 маялда байбихьула Беслан станциялдаса Грозныялде, гьениса Петровскиялде нух гьабизе. Нух бахъиялъул бетӏерав инженерлъун тӏамула Михаил Кербезд. Гьесулго нухмалъиялда гъоркь гьабуна хадуб Петровск – Дербент – Баку маххул нухги.

Петровскиялде бачӏунеб маххул нух ине кколаан Таргъу мегӏералъул ахалъудасан. Амма гьелда дандечӏана купецал (даранчагӏи) ва ччугӏихъаби. Щайгурелъул гьез ралъдал порталдаса (порт бан букӏана 1861-1870 соназда) шагьаркъотӏун Таркиялде щвезегӏан баччизе кколаан жидерго къайи. Гьезул гьариялдалъун ва тӏадецуялдалъун ралъдал рагӏалчӏван маххул нух лъезе хӏукму гьабуна. Маххул нухлуе хӏажалъулел мастерскаял ва депо гьаруна шагьаралъул севериябгун бакътӏерхьул рахъалда. Гьедин гӏун бачӏана Петровск – Кавказский поселок (гьанжесеб Тӏоцебесеб Махӏачхъала).

1884 соналъул 17 маялда официалияб къагӏидаялъ рагьана Сулахъ гӏоралдаса Петровскиялде щвезегӏан маххул нух ва шагьаралде бачӏана тӏоцебесеб поезд. 1896 соналда Петровскиялда вокзалалъе бана ганчӏил гьабураб кӏитӏалаяб минаги. (1970 соналъул авалалде щвезегӏан гьеб мина цӏунун хутӏунги букӏана).

1898 соналъул 25 октябралда маххул нух щвана Дербент шагьаралде, 1900 соналъул 1 январалда — Бакуялде. Гьелъул хӏакъалъулъ лъазабидал, Россиялъул император Никӏолайица Кавказалда вугев гражданазул рахъалъ бетӏерав командующий генерал-адъютант гиназ Голицинихъе битӏараб телеграммаялда хъвалеб буго: «Дун талихӏав вуго рельсазул нухалдалъун Закавказье Россиягун цолъиялдаса. Цӏакъ разияв вуго хӏалтӏаби хехго гьариялдаса», — абун.

Дагъистаналде маххул нух гьаби ва жибго поезд бихьи нилъер гӏадамазе букӏана гӏажаибаб жолъун. Дагъистан областалда бана маххул нухлул анцӏго станцияги – Чирюрт, Темиргъое, Петровск-Кавказский, Порт-Петровск, Манас, Буйнакск, Гъаякент, Мамедхъала, Дербент, Белиджи ва 14 разъезд, бана анцӏ-анцӏ кьо, 53 мина. Каспиялъул рагӏаллъиялъул гӏодоблъиялдаса гьабураб маххул нухалъ цӏикӏкӏараб асар гьабуна Дагъистан социалиябгун экономикияб рахъалъ цебетӏеялъе, гьеб гьоркьобе цӏана тӏолгороссиялъул дармил бухьеналде. Маххул нух гьабиялдалъун Дагъистаналда байбихьана чӏахӏиял промышленниял предприятиял разе, шагьранухал гьаризе, гьез рикӏкӏадал мугӏрузулал округал, росаби цоцалъ рухьинаруна, рухьинаруна Россиялъул цогидал регионалгунги. Магӏарулазул гӏумру цебетӏеялъе хасго цӏикӏкӏараб асар гьабуна 1915 соналда Петровскиялдаса, областалъул тахшагьар, Темир-Хан-Шураялде маххул нух лъеялъ. Гьеб нух гьабиялъулъ цебехъанлъи ва хӏаракатчилъи бихьизабун гуребги, гӏарцудалъунги квербакъи гьабуна Темир-Хан-Шураялдаса ресалда вугев Даидбег Даидбеговас. Маххул нухаздасан Дагъистаналде бачӏине лъугьана цӏул, махх, нарт, ретӏел, ххам, ролъ ва цогидабги мануфактура. Дол соназул цо документалда хъвалеб буго: «Гьанжелъизегӏан гӏиял рехъабиги, боцӏул рехьедги, гӏухьбиги гурого рихьулел рукӏинчӏел авлахъал чӏаголъизе лъугьана. Дагъистаналъул гӏодоблъиялда рагьизе байбихьана фабрик-заводал, росаби, поселокал ва шагьарал, гӏатӏидал нухал», — абун.

Хасаб тарих буго маххул нухлул ва гьелъул хӏалтӏухъабазул кӏудияб Октябралъул Социалистияб революциялда лъураб бутӏаялъул. Маххул нухлул хӏалтӏухъаби рукӏана Дагъистаналда тӏоцебесеб хӏалтӏухъабазул класс, пролетарал. Гьез гӏахьаллъи гьабуна 1905 соналда букӏараб тӏолгороссиялъул багъа-бачариялда, 1917 соналъул революциялда. Гьаниб рехселин дол соназул цо кӏвар бугеб лъугьа-бахъинги.

1920 соналъул март моцӏалда Дагъистаналдаса лъутулел деникинилаз, Петровскиялда гумуздаги рекӏун нахъе унелъул бухӏана ралъдал порт, цӏа бачӏунеб букӏана аскӏобго бугеб маххул нухда чӏараб динамиталъул ва пироксилиналъул цӏураб 22 вагоналъул составалде. Гьезде цӏа щун букӏарабани шагьарго щущахъ биххизабиялда хӏинкъи букӏана. Гьеб мурадгун гъун букӏана деникинилаз порталда цӏаги. Мухӏамад Хутинаев абурав асатӏинас-машинистас ва гьесул гьалмагъзабаз вагоналги дандрегъон, хехго состав хъамуна Манасалъул рахъалде, Тарки-Уйташалде. Гьесул бахӏарчилъиялдалъун хвасарлъана шагьарги гӏадамалги.

Буйнакск – Тифлис маххул нух

Араб гӏасруялъул къоабилел соназда ВКП(б)ялъул Северияб Кавказалъул крайкомалъ СССРалъул Маххул нухлул министерствоялда цебе суал борхана Буйнакскалдаса Тифлисалде, гьенисан Армениялде маххул нух лъезе бегьиялъул. Географиялъул картаялде балагьани, гьеб букӏана Закавказьеялъул кӏиябго республикаялде бищун къокъаб манзил бугеб нух. Гьелъул рахъкколезул аслиязул цояв вукӏана крайкомалъул секретарь А. Микоянги. Цебегоялдаса нахъе азербайжаназулги эрмениязулги дандеккунгутӏаби рукӏинги хӏисабалде босун букӏун батила А. Микояница, Азербайжаналдасан гьабичӏого, Дагъистаналдасан маххул нух Армениялде лъеялъул рахъ кколебги. (Хадубккунги Армениялде маххул нух лъуна Чӏегӏерралъдал рагӏалдасан, Гуржиялъан).

Академик Хӏамид Бучаевас бицана: «Буйнакскалдаса Тифлисалде маххул нух лъеялъул рахъалъ цӏех-рехал гьарулел рукӏараллъи хӏакъаб жо буго. 1924 соналда гьеб суалгун Дагъистаналде вачӏун вукӏана СССРалъул Маххул нухазул министерствоялъул жавабияв хӏалтӏухъан Марков абулев чи. Бакӏалдаго гьес цӏех-рехал, хӏисабал гьаруна. Дир пикруялда, маххул нух лъезе гьес тӏасабищун букӏун батизе бегьула Авар гӏорккун жаниблъи, ай Аваро-Кахетиялъул нух. Гьеб нухда гьаризе кколел рукӏун руго чанго гьитӏинал туннелал, Бетӏераб Кавказалъул Вантляшевский габурлъиялда гъоркь кӏудияб туннельги. Цебеккунисеб цӏех-рехги гьабун, Марков Москваялде тӏадвуссана маххул нух лъезе бегьиялъул пикругун. 1925 соналда Марков кӏиабизеги вачӏана Дагъистаналде. Цадахъ чӏужуги ячун вачӏарав Марков, гьелда Сарыкум салул гохӏ, басрияб Хъумторхъала ва цогидалги тӏабигӏиял бакӏал рихьизаризе тира-сверизе уна. Гьенир гьел ккола хъачагъаз, чӏвала чӏужу ва живго. Гьелдалъун лъугӏула Буйнакск-Тифлис маххул нух гьабиялъул ишги. Марковасул хӏурматалда Буйнакск районалъул цо совхозалъе кьола гьесул цӏар. Махӏачхъалаялъул цо къватӏалдаги лъола Марковасул цӏар. Тӏолабго Дагъистаналъул, хасго магӏаруллъиялъул сипат миркалъго хисилаан, тӏегьалаан гьеб проект гӏумруялде бахъун букӏарабани».

Хадусел сонал

Кӏудияб Ватӏанияб рагъул соназда фашистал Кавказалде гӏагарлъидал, къокъабго заманалда жаниб гьабуна Гъизляр-Астрахань маххул нух. Гьелъ рес кьуна Бакуялъул нарт фронталде битӏиялъеги, рагъ тӏаде щолеб бакӏалдаса гӏадамал, гӏи-боцӏи, промышленниял предприятиял ва цогидабги Закавказьеялде гочинабиялъе.

Араб гӏасруялъул 90-абилел соназда Чачаналда рагъ багъариялъ кӏудияб зарал ккана Дагъистаналъул халкъияб магӏишаталъе, рес букӏинчӏо республикаялде поездал рачӏине, нилъ рукӏана блокадаялда гӏадин, гьоркьор къотӏана кванил нигӏматаздаса байбихьун ралел бакӏазул материалазде гӏунтӏун кинабго къайи. Рес букӏинчӏо нилъер гьаниб гьабураб продукцияги къватӏибе ине. Гьеб ахӏвал-хӏалалда республикаялъул нухмалъиялъ Москваялдаги гьарун, федералияб централъул кумекалдалъун, 270 къоялда жаниб 78 километралъул халалъиялда Къарланюрт станциялдаса Гъизляралде цӏияб маххул нух лъуна. Гьеб рагьана 1997 соналда.

Жакъа Дагъистаналда маххул нухазул халалъи буго 509 километр. Щибаб къоялъ Махӏачхъалаялдаса Москваялде уна пассажиразул поезд. Республикаялда жаниб хьвадула щуго электричка: Махӏачхъала-Хасавюрт, Махӏачхъала-Дербент-Белиджи-Самур-Азербайжаналъул гӏорхъи, Буйнакскалде электричка хьвадуларо, гӏицӏго къайи-цӏа рехун унеб поезд гурони.

Махӏачхъалаялдаса уна Баку-Москва, Баку-Киев поездалги. Советияб гӏуцӏиялъул заманалда хьвадулаан Москва-Баку-Тифлис ва Москва-Тегеран поездалги. Гьанже гьел хьвадуларо.

Тахшагьаралда жанир

маххул нухал

Дагъистаналда промышленниял предприятиял разе лъугьарал дол лъеберабилел соназда хӏажалъи ккана Махӏачхъалаялда жанирги, Каспийскалдеги маххул нухал лъезе. «Двигательстрой» абун поселокалда цӏарги лъун гьанжесеб Каспийск шагьаралда рагъулаб завод базе байбихьидал, Махӏачхъала-Дербент маххул нухдасан гӏаркьел цӏана Каспийскалдехун. Махӏачхъалаялда жанир маххул нухал лъуна Мухӏамад Хӏажиевасул цӏаралда бугеб ва «Дагъэлектромаш» заводазде, III Интернационалалъул цӏар лъураб фабрикаялде, Редукторнияб поселокалда бугеб чирма-къалал гьарулеб, ччугӏилгун консервазул ва цӏорол кӏор гьабулеб заводазде. Гьел шагьаралда жанир ругел маххул нухал ккола стратегиялъул рахъалъ кӏвар бугеллъун. Гьанже гӏемерисел фабрик-заводал хӏалтӏулел гьечӏо ва маххул нухал рехун тун руго. Рельсазда тӏаде хъилги тӏун, гьел рахчизарун руго, цо-цо бакӏаздайин абуни гьезда тӏад ва аскӏор минаби ран руго. Миллияб хӏинкъи гьечӏолъи букӏинабиялъе кӏвар цӏикӏкӏарал гьел нухазул тӏалаб лъицаго гьабулеб гьечӏо. Ракӏалде ккола шагьаралда жанир ругел гьел нухазул стратегияб кӏварги хӏисабалде босун, Дагъистаналъул маххул нухазул идараялъ гьеб суалалде кӏваркьелилан.

Пайзула Пайзулаев