Республикаялъул аптекабазда ричулел дараби хӏалтӏизаризе бегьула
Шамилхъала поселокалдаса Арсланов Гӏалица редакциялде битӏун бачӏараб кагътида хъвалеб буго: «Абула, аптекабазда ричулел дарабазул 30-40 процент гьересияб бугилан. Дарабазул даражаялда хадуб халккколеб идарагойищ букӏунареб? Масала, Интернеталда гӏемер руго хириял дараби росичӏого, гьезулго гӏадаб пайдаялъул ва учузал нилъерго дараби росейилан малъа-хъваял гьарулел роликал. Гьенирго рехсолел руго гьелъие нугӏлъи гьабулел гьадинал дандекквеялги: Нурофен (120 гъур.) ва Ибупрофен (10 гъур.), Мезим (300 гъур.) ва Панкреатин (30 гъур.), Белосалик (380 гъур.) ва Акридерм (40 гъур.), Вольтарен (300 гъур.) ва Диклофенак (40 гъур.), Деклюкан (400 гъур.) ва Флуконазол (30 гъур.), Мирамистин (200 гъур.) ва Хлоргексидин (10 гъур.). Гьезул халатаб сияхӏалъул ахиралда буго гьадинаб хитӏабги: «Кваназаруге фармакорпорациял. Сахгьариялъе хӏалтӏизаре учузал дараби ва кӏванагӏан гӏемерал чагӏазда бице гьезул хӏакъалъулъ», — ан.
Арслановасул кагъатги цӏалун, ДРялъул Сахлъицӏуниялъул министерствоялда цебе бугеб аптекабазул управлениялъул директор, провизор Хулата Магьдиевас гьадин бицана:
— Федералияб ва регионалияб программабазда рекъон, ДРялъул Сахлъицӏуниялъул министерствоялъ росарал дараби нижер управлениялъул аптекабазул складазда цӏунула. Гьениса гьел уна бигьалъаби щолел чагӏазе дараби кьолел аптекабазде ва больницабазде, гьединго хириял дараби росула къанагӏат гурони дандчӏваларел унтаби ругел чагӏазе кьезе.
Ниж хӏалтӏула республикаялъул 84 аптекагун. Пачалихъалъул больницабазе кьола наркотикиял ва психотропниял дарабиги.
— Лъица халгьабулеб нужер складазда ва аптекабазда ругел дарабазул даражаялъул ва кин ралагьулел дарабазда гъорлъ гьересидараби ругищали?
— Гьеб хӏалтӏи гьабула Росздравнадзор абулеб территориалияб идараялъ, гьелъул специалистаз дарабазул анализал росула, чӏезарула гьел хӏакъикъиял ругищ-гьечӏищали. Гьел анализал цӏех-рех гьабизе ритӏула ЧРялъул Гудермес шагьаралда бугеб хасаб лабораториялде, щаклъи ккарал дараби тӏагӏинарула. Цоги, Росздравнадзоралъул сайталда руго киналго дарабазул хӏакъалъулъ хъварал мухӏканал баянал, гьезул кьучӏалдаги тӏатинарула гьересидараби, ратани, росарабго бакӏалде тӏадруссинарула. Гьересидараби тӏатинарураб аптека ва гьелъул жавабияв тамихӏалде цӏала.
Жакъа республикаялда руго гӏемерал фирмаби ва аптекаби. Гьединлъидал дарабазул бизнесалда ругез хӏаракат бахъула клиентал жидехъего цӏазе, хӏажатал дараби чӏезаризе. Аптекабазда гьоркьоб бугеб къецалъ гьел тӏамула лъикӏ хӏалтӏизе.
Складалде рачӏарал дарабазул цӏех-рех гьабула нижерго лабораториялда, гьелдаги гӏей гьабичӏого, Сахлъицӏуниялъул министерствоялъул «фальсификат» абулеб сайталда лъун руго тӏатинарурал гьересидараби. Нижер специалистаз гьелгун данде ккола цӏирачӏарал дараби. Къокъго абуни, гьересидарабазе жакъа нух къан буго.
— Хабар буго, аптекабазул хважаинзабаз, цоцалъ рекъон, дарабазул багьа цӏикӏкӏинабулеб бугин, ва тохтурзабаз, кколелги кколарелги дарабиги хъван, унтарал пуланаб аптекаялде айилан ритӏулин ва гьеб «бизнесалдаса» щвараб хайиралдаса аптекараз гьезие щуго-анцӏго процент кьолин…
— Гӏемерал сонал руго дун гьаб хъулухъалда хӏалтӏулев вугелдаса, амма аптекабазул бетӏергьабазул цоцалъ рекъейин абулеб жо тӏоцебесеб нухалъ рагӏулеб буго. Жакъа аптекабазда гьоркьоб кӏудияб къец буго, щивав клиент гьезие «хириявги» вуго, дарабазул къварилъиги гьечӏо.
Тохтурзабазул «бизнесалъул» гӏемер бицуна, гьеб битӏарабги батила, амма дидаго гьеб иш лъаларо ва кьучӏаб жаваб кьезеги кӏоларо. Тохтурас ритӏараб аптекаялдеги чара гьечӏого ине кколаро.
— Ругищ багьа цӏикӏкӏинабизе гьукъарал дараби?
— Гӏезегӏан руго, гьел ккола унтарасе гьечӏого гӏоларел дараби, ДРялъул тарифазул хъулухъалъ гьезул багьа цӏикӏкӏинабизе гьукъула. Гьел дарабазул багьабазда хадуб халккола Росздравнадзоралъ, чӏезабуралдаса гьезул багьа цӏикӏкӏинабуни, аптекаялда тӏад гӏакӏаги къотӏула.
— Дараби ричулел идарабазе лицензия лъица кьолеб? Гьеб гьечӏого аптека хӏалтӏизе рес букӏунищ?
— Гьеб документ кьола ДРялъул Сахлъицӏуниялъул министерствоялъул лицензиялъулаб отделалъ. Дунги хӏалтӏана гьенив. Лицензия кьурал аптекаби Росздравнадзоралъул сияхӏалда рукӏуна ва зама-заманалдасан, прокуратурагун цадахъ, гьезул халгьабула. Лицензия гьечӏеб аптека къала, хважаинасда тӏад гӏакӏа къотӏула яги административияб тамихӏалде цӏала.
— Нилъер республикаялде киса рачӏунел дараби?
— Республикаялъул оптовиял фирмабаз дараби росула Россиялъул дараби гьарулел заводаздаса ва оптовиял базабаздаса. Республикаялъул цониги фирмаялъул лицензия гьечӏо батӏиял пачалихъаздаса дараби росизе. Гьединлъидал къваригӏарал дараби нижеца росула Москваялъул оптовиял фирмабаздаса.
— Дуца абулеб буго Дагъистаналда дарабазул рахъалъ къварилъи гьечӏин. Амма, дараби кьолел гьечӏинги абун, хӏукуматалъ чӏорого ва 50 проценталъул бигьалъи гьабун дараби кьолел чагӏазул гӏарзал лъугӏулелго гьечӏо.
— Гьединал чагӏазул хъвай-хъвагӏай букӏине ккола федералияб яги регионалияб реестралда. Инвалид реестралда вугони, гьесул цӏаралда заявка кьола Сахлъицӏуниялъул министерствоялде, ва гьелъ босула гьеб дару. Гьеб мурадалда исана федералияб ва регионалияб бюджетаздаса саламатаб гӏарац биччан буго ва лъагӏалие гӏурал дарабиги росулел руго. Тӏадехун бицунелъе бугеб аслияб гӏилла ккола жиндир заманалда инвалид реестралде восичӏолъи ва дараби тӏадчӏун тӏалаб гьарунгутӏи.
— Цо-цояз абула жидеца къваригӏунел дараби нахърателалъе рукӏинеги къватӏисел пачалихъаздаса росулин. Масала, Цолъарал Гӏараб Эмиратаздаса босарабги нилъер аптекаялдаса босарабги «Тромба-Ассалъул» гьоркьоб хӏамидаги чодаги гӏанги кӏудияб батӏалъи бугин. Гьеб пикру битӏараб бугищ?
— Рес бугел чагӏаз дараби бокьараб бакӏалдаса росизе бегьила, амма цого даруялъул даража кибго цого букӏуна.
Нури Нуриев