Гьудуллъи-вацлъиялъулъ букӏуна талихӏ

Дие бицине бокьун буго нижее хирияв, гӏумруялъул кӏудияб хӏалбихьи бугев, сундулъго роцен лъалев, рекӏее асар гьабуледухъ кинабго загьир гьабизе бажарулев кӏудадаца бицараб, гьаб гӏумруялда нижее загьирлъулебги бугеб Лаваша районалъул Хъуппа росулъа Абакаровазулги нижерги хъизамалъул бугеб кӏудияб вацлъиялъулги цоцазул гьабулеб адаб-хъатиралъулги хӏакъалъулъ.

Нижер хъизамалъ, Чӏарада районалъул Гӏурухъ-Сотӏа росулъа гочун, Шамхалалда гӏумру гьабулеб буго 2002 соналдаса нахъе. Нижер кӏудада гьенив лъала Асадулагь Шариповичилан абун. Гьесул хӏурмат гьабула тӏолазго. Исана, ай 2018 соналъул августалда тӏобитӏизе буго кӏудадаца 80 сон тӏубаялъул хӏурматалда тадбирги. Гьев 54 соналъ хӏалтӏана батӏи-батӏиял бакӏазда, гьанже хӏалхьиялда вуго. Хӏалхьуда вугониги, гьев вищун вуго Жамгӏияб советалъул председательлъун. Кӏудадал буго анкьго лъимерги 17 лъималазул лъимерги. «Дун цӏакъ бечедав чи вуго», — ян абула гьес.

Даргиясул хъизамалъулги нижерги вацлъи, гьоболлъи, гьуинлъи ккеялъул гьадинаб тарих буго. 1945 соналъул апрель моцӏалда, рагъда хӏетӏеги къотӏун, тӏадвуссунев вукӏарав нижер кӏодоэбелалъул вацгӏал Гӏабдулаев Ислам, гьакидаги лъун, Буйнакскалдаса щвезавун вуго Хъуппаве, Абакаровазул дове. (Цебе гьобол гьечӏев чи хьихьизе иргаялда тӏадкъалаанилан бицана кӏудадаца). Гьел лъикӏал гӏадамаз, нижер росулъе хабарги лъазабичӏого, гьесул загӏиплъиги бихьун, гьев хьихьун вуго къого къоялъ. Хадуб, Исламица гӏемераб гьарун, ругьел битӏун буго росулъе ва, гьакидаги лъун, вачун вуго ругъеждерил «Коммуна» абулеб бакӏалде щвезегӏан. Гьенив гьев росулъа рачӏарал гӏагарал чагӏазухъе кьун вуго. Гьедин байбихьун буго ва, наслуялъ наслуялъухъе кьун, цӏунулеб буго гьайбатаб, гьарзаяб, чӏухӏараб вацлъи.

Кӏудияб рохелалъе мустахӏикъав чи вуго дир кӏудада, щайгурелъул гьес хӏехьезе ккана рагъул кьогӏлъи, бесдаллъи, ракъи-къеч, гьесул эменги инсул лъабго вацги хвана рагъда, хӏукуматалъул рахъалъан кигӏан гьитӏинабниги кумекги щвечӏилан бицуна кӏудадаца. Гьоболасде бугеб рокьиги дагьлъуларин бицуна нижее кӏудадаца, некӏсияб доб язихъаб заманалда гьоболасе букӏунаан бацӏцӏадаб рукъги бусадул къайи-къониги, бищун тӏагӏамаб (мискинлъиялда рекъон) квенги цогидабги.

«Цӏамуда хадурги, нартида хадурги, ххенезе ролъуда, цӏоросаролъуда хадурги, цебе къотӏун хӏамагун (бугес чугун), унаан Шурагьире (Буйнакскалдеги цогидал бакӏаздеги, нухда базе кколаан чамалиго сордо-къо, жиб-жиб росулъ, колода вукӏине кколаан божарав чи (гьобол). Гьеб язихълъиялъги мискинлъиялъги щулагьабулаан Дагъистаналъул халкъазда гьоркьоб гьудуллъиги, гьуинлъиги, вацлъиги. Гьеб цӏунизе ккола нилъецаги, гьеб гьуинлъи, гӏаданлъи кьезе ккола наслуялъ наслуялъухъе», — ян малъула кӏудадаца.

Лъикӏаб гьудуллъи щулаго цӏунизе кӏудияб гьунар буго нижер кӏудадал. 2004 соналда гьес жиндихъего Шамхалалде вачана Хъуппаса Абакаровазул анкьавго вацазул бищун кӏудияв вацасул вас Абакаров Шамил. Гьениб гьесие щулияб лъайги берцинаб гӏаданлъиялъулаб тарбияги кьун, ункъабилеб классги лъугӏизабун, витӏана тӏадвуссун Хъуппаве. Заз, баккулаго, бегӏераб букӏунеб гӏадин, Шамилги гьитӏинго вукӏана цӏодорав вас. Нижер хъизамалдаги гьев батӏияб миллаталъул, батӏияб росулъа чи вугилан ккечӏо ва кколаро. Шамилил эмен Ахӏмадил вуго анлъго вац, гьез абула нижер кӏудада жидер микьабилев вац вугилан.

Щуабилеб классалда цӏализе Шамил ана эбел-инсуда цадахъ Норильскиялде, школа лъугӏун хадуб цӏалана техникияб институталда. Гьебги лъугӏизабун, хӏалтӏулев вуго. Гьев ккола Красноярск краялъул боксалъул рахъалъ чемпион.

2017 соналъул августалда Шамилица гьабуна хъизан. Гьесул берталъ гӏахьаллъи гьабуна нижер тӏолабго хъизамалъги. Дагьалъ цебе бачӏана хабар Шамилие вас гьавунилан, гьесда Асадулагьилан нижер кӏудадал цӏарги кьунилан…

Щулияб хъала бан буго чӏарадисез Хъуппаб, хъуппасез Чӏарада районалъул Гӏурухъ-Сотӏа росулъ.

Анжела Гӏумарова,