Апрель моцӏ
1725 соналъул апрелалда шамхал Гӏадил-Гирей Россиялде данде вахъана ва гӏахъущгун цадахъ «Аграханский» абулеб хъалаялде тӏаде кӏанцӏана.
1803 соналъул апрелалда аваразул ханлъи Россиялъул кверщаликье ккана.
1843 соналъул апрелалда Шамил-имамас, киналго наибзабиги, дибирзабиги, къадизабиги ракӏарун, гьезул букӏине кколеб мутӏигӏлъи гьечӏилан бадибчӏвайги гьабун, лъазабуна жинца имамлъиялдаса инкар гьабулеб бугилан.
1846 соналъул апрелалда Шамил-имамас кӏудияб чабхъен гьабуна Кабардаялде. Гьес цебе лъураб масъала букӏана Кабардаги Чергесияги имаматалде гъорлъе рачин.
1860 соналъул апрелалда Кавказалъул бетӏерас «Дагъистан областалъе ва Закатала округалъе нухмалъи гьабулеб къагӏида» тасдикъ гьабуна.
1892 соналъул апрелалда гьанжесеб Махӏачхъалаялда «Анжи-гор» абулеб борхалъиялда хӏалтӏизе биччана гумузе нух бихьизабулеб маяк.
1900 соналъул 18 апрелалда Дербент шагьаралда гьавуна композитор, РСФСРалъул искусствоялъул мустахӏикъав хӏаракатчи, Сталинил цӏаралда бугеб премиялъул кӏицӏул лауреат Готфрид (Жабрагӏил) Хӏасанов.
1910 соналъул 14 апрелалда Дарги округалъул Хӏапшима росулъ гьавуна тарихчи, Кӏудияб Ватӏанияб рагъул гӏахьалчи, Дагъистаналъул халкъияб лъайкьеялъул вукӏарав комиссар, ДАССРалъул Верховный Советалъул председателасул заместитель, Россиялъул мустахӏикъав гӏелмияв хӏаракатчи Расул Мухӏамадович Мухӏамадов.
1910 соналъул апрелалда Россиялъул армиялъул поручик ва тӏоцересел летчиказул цояв Петр Нестеровас, Порт-Петровскалда (Махӏачхъала), хъизамгун цадахъ хӏухьбахъи гьабулеб заманалда, ургъана гьелде щвезегӏан букӏинчӏеб самолет, ва лъабго соналдасан гьес Киевалъул зодоб гьеб самолеталда гьабуна «хвараб кӏичӏ» (мертвая петля) абураб гьунар.
1925 соналъул апрелалда Махӏачхъалаялда тӏобитӏана Тӏолгодагъистаналъул советазул V съезд.
1927 соналъул 5 апрелалда Тӏолгодагъистаналъул советазул VI съездалда къабул гьабуна Дагъистаналъул кӏиабилеб Конституция.
1932 соналъул 22 апрелалда Дахадаев районалъул Дибгаши росулъ гьавуна Дагъистаналъул халкъияв шагӏир, драматург Сулейман Рабаданов.
1932 соналъул 27 апрелалда Махӏачхъалаялда, тӏобитӏана Дагъистаналда культурияб гӏуцӏиялъул суалгун культураялъул идарабазул хӏалтӏухъабазул тӏоцебесеб съезд.
1934 соналъул апрелалда ВКП(б) ялъул Дагъобкомалъул бюроялъ хӏукму гьабуна 1934 соналъул 15 июналда советиял хъвадарухъабазул Тӏолгодагъистаналъул съезд ахӏизе.
1936 соналъул апрелалда Дагъистаналда борлъана сордо-къоялда жаниб 250 тонна нартил бахъулеб буругъ.
1938 соналъул 11 апрелалда Болъихъ районалъул Кьохъ росулъ гьавуна Дагъистаналъул халкъияв артист, республикаялъул С. Агъабабовасул цӏаралда бугеб премиялъул лауреат, Дагъистаналъул искусствоялъул мустахӏикъав хӏаракатчи Мухӏамад Абакаров.
1938 соналъул 22 апрелалда Буйнакск районалъул Гъоркьа Гъазданущив гьавуна Дагъистаналъул гӏелмабазул миллияб академиялъул член, гӏелмияв хӏаракатчи, профессор Хӏамид Бучаев.
1940 соналъул 26 апрелалда гьавуна «Лезгинка» ансамбль гӏуцӏарав Россиялъул халкъияв артист Танхо Израилов.
1942 соналъул 22 апрелалда Советский (Шамил) районалъул Ракьуб росулъ гьавуна Дагъистаналъул халкъияв артист, Цӏадаса Хӏамзатил цӏаралда бугеб магӏарул музыкалиябгун драмаялъулаб театралъул художествияб нухмалъулев, Дагъистаналъул искусствоялъул мустахӏикъав хӏаракатчи Хӏайбула Гӏабдулгъапуров.
1955 соналъул апрелалда Дагъистаналда гӏуцӏана «Къуватаб къокъа» абураб Северияб Кавказалда тӏоцебесеб Композиторазул союз. Гьелде гъорлъе унаан ункъо композитор: Готфрид Хӏасанов, Сергей Агъабабов, Наби Дагиров ва Мурад Кажлаев.
1961 соналъул 23 апрелалда гьавуна 2007-2013 соназда Дагъистаналъул хӏукуматалъул председателасул заместительлъун вукӏарав, Россиялъул Северияб Кавказалъул ишазул министрасул гӏакълучи Ризван Гъазимухӏамадов.
1961 соналъул 28 апрелалда Буйнакск шагьаралда гьавуна Дагъистаналда бугеб федералияб казначействоялъул нухмалъулев Сайгидхӏусен Мухӏамадов.
1963 соналъул 21 апрелалда «Рорхатал цӏваби» абураб тӏехьалъухъ Расул Хӏамзатовасе кьуна Ленинилаб премия.
1991 соналъул 26 апрелалда къабул гьабуна «Репрессиялде ккарал халкъал ритӏухъ гьариялъул хӏакъалъулъ» РСФСРалъул закон.
2005 соналъул 28 апрелалда Махӏачхъалаялда тӏобитӏана Дагъистаналъул Журналистазул союзалъул XV съезд. Съездалда союзалъул председательлъун нахъеги вищана Гӏали Камалов.
2006 соналъул 28 апрелалда Дагъистаналъул президент Мухӏу Гӏалиев Москваялда дандчӏвана нилъер республикаялдаса бизнесменалгун.
2006 соналъул 17 апрелалда Дагъистаналъул президент Мухӏу Гӏалиевас гъолбасана республикаялда лъималазул ихтиярал цӏунулев вакиласул хъулухъ букӏинабиялъул хӏакъалъулъ указалда гъоркь.
2007 соналъул 30 апрелалда Санкт-Петербургалъул Смольниялда ДРялъул президент Мухӏу Гӏалиевас ва гьеб шагьаралъул губернатор Валентина Матвиенкоца гъолбасана Дагъистан Республикаялда ва Санкт-Пертербургалда гьоркьоб 2007-2011 соназда экономикиябгун культурияб ва гӏелмияб цадахърекъон иш гьабиялъул къотӏи-къаялда гъоркь.
***
Халкъазда гьоркьосеб календарь
30 март — 7 апрель
Бищунго кӏвар бугезул цояблъун кколеб жугьутӏазул Пейсах байрам. Гьеб бухьараб буго Египеталъул лагълъиялдаса рорчӏиялда. Гьел къояз кӏодо гьабула жугьутӏал хасаб халкълъун лъугьин.
1 апрель
Рицӏцӏигъотӏол гьатӏан
Гӏиса авараг, хӏамидаги рекӏун, Иерусалималде жаниве лъугьараб къо. Хӏама кколаан ракълилаб гӏаламатлъун. Гьеб ккола насраниязул Пасха байрамалда цебесеб анкьалъул къоги. Гӏадамаз гьесда дандчӏвай гьабуна рохалилаб ахӏвал-хӏалалда. Гьезул хьул букӏана гьес Гӏизраилалъул халкъалъул тушбабаздаса рецӏел босилин. Амма Гӏиса аварагас гьеб божилъи ритӏухъ гьабичӏеб мехалда, халкъ гьесде дандечӏана.
Гӏадаталда рекъон, насранияз гьеб къоялъ рицӏцӏигъотӏол гӏаркьалабазул квацӏаби гьарула ва рокъор цӏунун тола тӏубараб лъагӏалица.
1 апрель
Пасха (Григорианил календаралда рекъон)
Насраниязул байрам. Гьеб къоялъ хъизамалъул киналго чагӏи данделъула ва гӏодор чӏола байрамалде дандекколел тӏагӏамал тӏад лъураб столалда нахъа. Щибаб улкаялъул жинди-жиндир гӏадаталги руго. Масала, Германиялда гьеб байрамалъул гӏаламатлъун ккола гӏанкӏ ва ханал. Польшаялда байрам кӏодо гьабула кӏиго къоялъ: гьатӏаналъги итниялъги. Гьатӏаналда хадуб букӏунеб «биччараб итниялъ» полякалъулаз цоцазде лъим тӏола. Лъим — гьеб кколеб буго сахлъиялъул, икъбалалъул гӏаламатлъун.
2 апрель
Россиялъулги Белоруссиялъулги халкъазул цолъиялъул къо.
1996 соналъул гьеб къоялъ кӏиябго пачалихъалъул бутӏруз гъолбасана Белоруссиялъулги Россиялъулги союз гӏуцӏиялъул къотӏи-къаялда.
5 апрель
Кӏудияб Хамиз яги бацӏцӏадаб Хамиз.
Гьебги ккола насраниязул байрам — кӏалкколеб моцӏалъул ахирисеб анкь. Абула гьеб къоялдаса нахъе байбихьанила гьарурал мунагьазухъ Аллагьас гӏадамазе тамихӏ гьабизе. Гьеб къоялъ ракӏалдещвезабула Балъгояб дандеруссинги — жиндирго цӏалдохъабигун цадахъ Гӏиса авараг къасикванил заманалда Пасхаялъул тӏоцебесеб къоялъ гӏодов чӏей. Гьебго сордоялъ Ягьудав хилиплъун вуго Гӏиса аварагасе. Гьеб къоялъ Гӏиса аварагас гӏадамазда бихьизабун буго гьел мунагьаздаса цӏунулеб битӏараб нух. Гьединаб къолъун кколеб буго Кӏудияб Хамиз — Пасхаялда цебесеб къоялъ килисаялде уна насраниял ва жалго рацӏцӏад гьарула гьарурал мунагьаздаса.
5 апрель
Хансик (хварал умумул ракӏалдещвезариялъул къо).
Гӏадаталда рекъон, насраниял уна хабалазде, хобал рацӏцӏад гьурула, рищни-къул бакӏарула, гьеб къоялъ ине рес ккечӏел нахъисеб къоялъги уна. Цо-цояз гьелда «цӏорораб кванил къойиланги» абула — цӏаги бакун, квен гьабулеб гьечӏо гьеб къоялъ.
5 апрель
Гъутӏби чӏолеб къо.
Кореялъул хӏукуматалъ чӏезабураб гьеб къоялъул магӏна букӏана рохьал цӏигьари. Гьеб къоги Хансик байрамги цого къоялъ рукӏиндал батила, хабалазда гъутӏби чӏолел гӏадамал гӏемер рукӏуна.
6 апрель
Кӏудияб рузман
Гьеб къоялъ насранияз ракӏалдещвезарула Гӏиса авараг Гефсиманалъул ахикь жанив тӏами, Пилатил суд, Гӏиса аварагасул гӏумру ва хвел. Гьеб къоялъ насраниязул цо-цояз щибго кунаро ва гьекъоларо.