Дуца гьудуллъун ккве квер гӏатӏидаб тӏехь…
«Хӏикматаб улкаялде» сапар бухьана лъималаз
Байрамалъул тарихалдаса
1943 сон. Рагъул кӏкӏуйдулъ босараб гӏагараб Ватӏан. Чӏахӏиязе кумекалъе гьезул хьолбохъ эхетарал лъимал. Москваялъул лъималазги гьабулаан кумек лъукъаразда хадуб хъулухъ гьабизеги, цӏаял свинаризеги, щулалъаби разеги. Лъималазул шагӏир Л. А. Кассилида ракӏалде ккана гьел лъималазе тӏахьазул байрам тӏобитӏизе. Лъималгун дандчӏвазе рачӏун рукӏана Самуил Маршак, Корней Чуковский, Лев Кассиль.
Гьеб гӏадатги хвезе течӏого, улкаялда санайил, ихдалил каникулазда, тӏобитӏула тӏахьазул байрам. Марталъул ахирисел къоязда Махӏачхъалаялда бугеб Ясикӏабазул театралдаги тӏобитӏана гьеб. Театралъул жанахӏалъуб рагьун букӏана «Тӏахьазул улка — гьеб букӏин лъикӏ буго» абураб цӏаралда гъоркь выставка. Республикаялъул Н. Юсуповасул цӏаралда бугеб лъималазул библиотекаялъул директор С. Загьидовалъ лъималазе бицана библиотекаялда тӏоритӏулел ругел тадбиразул хӏакъалъулъ. Гьединго лъималазда тӏахьазул анкь рагьи баркана шагӏирзабазги, хъвадарухъабазги, учительзабазги. Байрамалъул ахиралда Ясикӏабазул театралъул артистаз бихьизабуна «Айболит» абураб спектакльги. Тадбирал тӏоритӏана республикаялъулаб лъималазул библиотекаялда.
26 март
Гӏисинал классазул цӏалдохъабазе гьеб къоялъ каваби рагьана «Лъикӏлъиялъул улкаялъ». Гьелгун дандчӏвазе рачӏун рукӏана тӏахьазул авторал. Гьез лъималазе бицана жидерго хӏалтӏул хӏакъалъулъ ва лъимал ахӏана кидаго лъикӏлъи гьабизе.
Чӏахӏиял классазул цӏалдохъабаз сапар бухьана Хӏамзатил Расулил шигӏрабазул улкаялде. Гьез цӏалана ва рикӏкӏана шагӏирасул кучӏдул.
27 март
Гьеб къоялъ гӏисинал цӏалдолез гьоболлъи бана гӏурус хъвадарухъан С. Михалковасул асаразухъ. Лъималазда бихьизабуна хъвадарухъанасул гӏумруялъул хӏакъалъулъ бицунеб фильмги.
Чӏахӏиял классазул цӏалдохъабаз гьеб къо сайгъат гьабуна Дагъистаналъе. Гьез бицана Дагъистаналъул хӏакъалъулъ, бихьизабуна гӏагараб ракьалъул хӏакъалъулъ жидеда гӏемераб жо лъалеб букӏин.
28 март
Цӏалдохъабазул гӏисинаб къокъаялъ байрамалъул гьеб къо сайгъат гьабун букӏана маргьабазе. Аваданаб хӏухьбахъи гьабуна лъималаз.
Чӏахӏиял классазул цӏалдохъабазул церерахъин сайгъат гьабун букӏана гӏурус хъвадарухъан А. М. Горькиясе. Гьез цӏалана хъвадарухъанасул асараздаса кескал, бицана гьесул гӏумруялъул хӏакъалъулъ.
29 март
Тӏахьазул байрамалъул гьеб къо сайгъат гьабун букӏана экологиялъе. Лъималазда гьоркьоб тӏобитӏана тӏабигӏаталъул хӏакъалъулъ викторина, экологияб лъай борцунел батӏи-батӏиял хӏаял, чӏвана бицанкӏаби.
30 март
Гӏисинал цӏалдохъабазе бицана «Мультипликация» абураб хӏикматаб улкаялъул хӏакъалъулъ. Гьез сапар бухьана гьеб улкаялде, «дандчӏвана» рокьулел мультфильмазул багьадурзабигун. Гьединго балагьана чанго мультфильмалъухъги. Чӏахӏиял цӏалдохъабазул къокъаялъ сапар бухьана «Фантазия» абураб маргьадал улкаялде. Гьединго гьез рихьизаруна ихдалил тӏабигӏаталъул берцинлъи загьир гьабулел тӏагӏелал хӏадур гьариялъул мастер-классалги. Щуябго къоялъ лъималгун цадахъ сапаралда рукӏана библиотекаялъул директор Салтанат Загьидоваги, отделазул нухмалъулел Насихӏат Мухӏамадоваги Елена Кудатинаги.