Хӏалтӏулъ батана талихӏ

Жакъа республикаялъе чара гьечӏого хӏажат руго Дибировал гӏадинал

нухмалъулелги тохтурзабиги

Кигӏан лъикӏав тохтур вугониги, бокьарав тохтурасухъа гуро бажарулеб больницаялъе нухмалъи гьабун. Гьединасул букӏине ккола камилаб гӏакълуги, кьварараб гӏамал-хасиятги, цогидаздаса тӏокӏаб кӏваркьейги, сабурги, жавабчилъиги. Бетӏерав тохтур вукӏине ккола жиндирго ишалъе ракӏ-ракӏалъ ритӏухъав, тохтурасул хӏалтӏул бугеб кӏвар бичӏчӏулев, захӏмалъабаздаса хӏинкъуларев чи. Дир пикруялда, гьединав нухмалъулевлъун рикӏкӏине бегьула хирург Дибиров Гӏабдурахӏим. Гьев ккола Лак районалъул Хути росулъа. Гьавуна 1962 соналда Москваялда, машгьурав гӏалимчи, цаби-гӏусазул тохтур Дибир Дибировасул хъизамалда. Гьесул жигаралдалъун рагьана Дагъистаналъул мединституталда стоматологияб факультет. Дибирги хӏалтӏана гьенив гӏемерал соназ преподавательлъун.

Школалда Гӏабдурахӏим рикӏкӏунаан мисалияв цӏалдохъанлъун, гьесие рокьулел дарсал рукӏана математика, физика ва ингилис мацӏ. Гьел предметазул олимпиадабазда призалъулал бакӏалги росулаан гьес. Дибиров машгъуллъун вукӏана спорталдеги, шагьаралда ва республикаялда тӏоритӏулел тӏадагьаб атлетикаялъул рахъалъ къецазда чӏелал росулаан гьес.

1979 соналда Дибиров цӏализе лъугьана Дагъистаналъул мединституталъул лечебнияб факультеталде. Институталдаги гьев машгъуллъун вукӏана жамгӏияб ва гӏелмияб хӏалтӏабазде. Гьесда тӏадкъан букӏана профессор М. Арбулиевасул урологиялъул цӏех-рехазул студентазул гӏелмияб кружокалъул жавабчиясул хӏалтӏи.

Гӏабдурахӏимица жакъаги кӏудияб адабгун ракӏалдещвезарула жиндир рукӏарал преподавательзаби: профессорал А. Хӏамидов, Р. Мажидов, Тӏ. Тӏалхӏат, доцент Ю. Куликов ва цогидалги. «Дур бетӏер цӏодораб буго, берал гӏолохъанал, кверал къуватал руго, бажарула», — янги абун, тӏамуна гьев Ю. Куликовас тӏоцебесеб операция гьабизеги. Операция лъугӏун хадуб, гъажалда кверги лъун, гьес абуна: «Хӏалчӏахъад, кверал сородичӏо, дур лъикӏав хирург вахъина», — ян.

Багӏараб дипломалда институт лъугӏидал, Гӏабдурахӏим витӏана Грозный шагьаралъул №4 больницаялда хӏалтӏизе. Гьениб гьесул гьудуллъи ккана Гӏандиса хирург Багьавудин Гӏалиевасулгун. «Гьес ругьун гьавуна дун хирургасул махщалида ва рагьана гьелъул балъголъаби. Лъимадуе гьабураб цо операциялдаса хадуб, «хӏалчӏахъадинги» абун, гьес кьураб къимат дие гӏумруялъго хутӏана бищунго тӏадегӏанаб шапакъатлъун», — ан бицана Дибировас, гьудулги ракӏалдещвезавун.

Грозныялдаса хадуб Гӏабдурахӏим ункъо соналъ хӏалтӏана Гудермес шагьаралъул больницаялда. Гьениб камиллъана гьесул махщелги. Бицараб ритӏухъ гьабизелъун, гьес цо гьадинаб мисалги бачана. «Тӏоцебесеб маялъул къо букӏана. Киналго тохтурзаби ун рукӏана къадаралде щварав пишацояв вукъизе. Дун вукӏана больницаялда хутӏарав хирург. Анлъго сон барав васасул беццаб бакьалъе операция гьабулев вукӏана. Циндаго рагӏана милициялъул машинабазул сирена, машинабазул сигналал, гӏодулезул гьаркьал, ахӏи-хӏур. Больницаялде вачун вачӏана авариялде ккарав чанго чи. Дица хӏукму гьабуна гьабизе байбихьун букӏараб операция нахъбахъизе, Аллагьасе рецц, васасул гӏумруялъе щибго хӏинкъи букӏинчӏо. Авариялде ккарал гъура-чункун рукӏана. Къокъго абуни, дихъа бажарана лъабго чи хвалдаса хвасар гьавун. Гьеб букӏана дир бергьенлъи ва бажари, добги букӏана дунго дидасаго чӏухӏараб къо», — ян.

23 соналъ (1990-2013) Дибиров хӏалтӏана И. Пироговасул цӏаралда бугеб Москва шагьаралъул тӏоцебесеб больницаялда кӏудияв гӏелмияв хӏалтӏухъанлъун ва хирурглъун. Гъваридаб лъаялъул, хирурглъиялъул лъикӏаб махщалил, аслияб жо, берцинаб гӏамал-хасияталъул инсан Гӏабдурахӏим вукӏана киназго адаб гьабулев тохтур. «Нижер хехаб кумек» абураб тӏокӏцӏарцин рекӏун букӏана гьесда. Миллат цӏехечӏого, щоле-толеб жоялъухъ балагьичӏого, гьес киназего кумек гьабулаан. Гьелъие нугӏлъи гьабулеб цо мисалги бачина. «1993 соналъул 31 декабралда гьесухъе ахӏун бачӏана ЧРялъул сахлъицӏуниялъул министр Муса Ахӏмадовас. Гьес абуна, хъачагъазул гуллица захӏматго лъукъун вугила Къадировасул охранник, хӏажат бугила хехаб кумек. Гьес кинабго жавабчилъи жиндего тӏаде босана, лъукъарав И. Пироговасул больницаялда лъуна, операция гьабизе махщел бугел хирургал ахӏана. Палхӏасил, лъукъарав хвалил квачӏикьа вахъана».

2013 соналда Дибиров Дагъистаналде тӏадвуссине ккана, захӏматго унтарав инсуе хӏажат букӏана гьесул кумек. Заманалдасан, республикаялъул сахлъицӏуниялъул министр Танка Ибрагьимовас гьесда гьарана Гъумекиб росдал больницаялъул бетӏерав тохтурасул хӏалтӏи тӏаде босеян. Гӏабдурахӏимица бицухъе, Гъумекиб ратана ремонт гьабураб сон кӏочараб мина ва кабинетал, басралъарал алатал, лъай-махщел камил гьабизе кколеблъи кӏочарал медицинаялъул хӏалтӏухъаби… Лъагӏелгун бащдаб заманалда жаниб кьучӏдасанго хисана больницаялъул куц-мухъ. Бетӏерав тохтурасул тӏалабал тӏуразарун бажаричӏого, лъай-махщел мукъсанал тохтурзаби ва медсестраби жалго хӏалтӏудаса нахъе ана. Гьезул бакӏалде росана Россиялъул медицинаялъул центразда ва Махӏачхъалаялъул больницабазда хӏалтӏулел рукӏарал тохтурзаби: хирург, педиатр, травматолог, невролог, кардиолог, тохтур-лаборант. Жакъа больница хьезабун буго гьаб заманалъул медицинаялъул алатаздалъун, тохтурзабазе чӏезарун руго тахшагьаралдаго гӏадал шартӏал. Тӏадегӏанаб технологиялъул операция гьабизе гурони, жакъа Лак районалдаса унтарав Махӏачхъалаялде вачӏине кколаро.

Лак районалъул жамагӏаталъги ДРялъул Сахлъицӏуниялъул министерствоялъги бетӏерав тохтурасул хӏалтӏуе лъикӏаб къимат кьуна. Гьелъги батила, 2017 соналда Танка Ибрагьимовас Гӏабдурахӏимида гьарараб, Каспийск шагьаралъул больницаялда лъугьун бугеб ахӏвал-хӏал хӏехьезе бегьиялдаса ун бугин, гьеб «сахгьабиялъул» иш тӏаде босеян.

Каспийск шагьаралъул больницаялда хӏалтӏулев вуго 1500 чи, гьездаго гьоркьов 311 тохтурги. Больницаялда цебе бугеб поликлиникаялъул рес буго къойида жаниб 1200 унтарав къабул гьавизе. Гӏабдурахӏимица бицана: «Гьаниб бугеб ахӏвал-хӏал доб Гъумекиб росдал больница кӏочараб батана. Божизе захӏмат букӏана шагьаралъул больница гьадинаб хӏалалде ккун батиялда. Больницаялъул цо-цо бакӏал риххун унел руго, хӏажатханабаздаса бачӏунеб лъим гьелъулго ракьалде чвахулеб буго, котельная хӏалтӏулебго гьечӏо. Гьаниб гӏураб къадаралда гьечӏо я гьабзаманалъул медицинаялъул алатал, я лъай-махщел бугел хӏалтӏухъаби. Лъагӏелгун бащдаб заманалда жаниб Каспийск шагьаралъул больница бищун лъикӏазул цояблъун гьабизе рагӏи кьуна дица министрасе. Жакъа нижее чара гьечӏого къваригӏун руго лапороскопияб методика лъалел хирургал, тӏадегӏанаб лъаялъул чанго эндоскопист, бидурихьазул хирургал, операция гьабулел ортопедал ва травматологал, хӏалбихьи бугел кардиологал, УЗИялъул специалистал, тохтурзаби-лаборантал. Нахътӏамун течӏого, ремонт гьабизе кколеб хӏалалда буго лъимал гьарулеб ва туберкулез сахгьабулел отделениял, лъималазул поликлиника. Больницаялда хадуб буго 70 миллион гъуршил налъи. Масъалаби руго, амма нижер ресалги хӏалтӏизе бугеб гъира-жанги кумекалъеги ахӏун, гьел нижеца къокъаб болжалалда тӏуразарила», — ян.

Гӏабдурахӏимил хъизан-лъималги руго цоцалъ рекъарал, гӏадамазе ва пачалихъалъе пайдаял. Кӏудияй яс Тамара ккола лор-тохтур. Хадусей яс Сунна ккола педиатр-иммунолог, хӏалтӏулей йиго Москваялъул Д. Рогачевасул цӏаралда бугеб медицинаялъул централда, вас Ибрагьимбег школалда цӏалулев вуго.

Жиндирго аслияб хӏалтӏуда цадахъ Дибировас гьабула жамгӏияб хӏалтӏиги. Гьев ккола «Гъази-Гъумек» жамгӏияб фонд гӏуцӏаразул цоявги.

Жакъа Дагъистаналъул медицинаялъе цӏакъ хӏажат руго Дибировал гӏадинал нухмалъулелги тохтурзабиги.

Нури Нуриев