Дагъистаналъул адабияталда цӏиял цӏарал

27-28 марталда республикаялъул шагьараздаса ва районаздаса шагӏирзаби данделъун рукӏана Поэзиялъул театралда

Шигӏрабазул байрам байбихьана А. Пушкиние ва Р. Хӏамзатовасе театралъул азбаралда рарал памятниказда цере тӏугьдул лъеялдалъун. Дандеруссин рагьана ва нухда бачана Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул правлениялъул председатель Мухӏамад Ахӏмадовас.

«Жакъа нилъ киналго данделъун руго Дагъистаналъул адабияталъул букӏинеселъул хӏакъалъулъ бицине. Дун цӏакъ вохарав вуго гӏолилазда гьоркьор рахьдал мацӏалда хъвадарулезул къадар цӏикӏкӏунеб букӏиналдаса. Нилъер киналго гӏелазул хъвадарухъабазул буго цо мурад: миллияб адабияталъул бакъул гвангъараб кунчӏи хадусел наслабазеги цӏуни. Нилъеца хъвалеб буго гӏаммаб тӏехь. Гьелда цӏарги буго — Дагъистан. Тӏохьол щибаб бутӏа ккола Дагъистаналъул мацӏазда хъварал асарал. Цогӏаги бутӏа гьениса камуни, кинабгӏаги тӏагӏамги букӏунаро. Жакъа нужеда, гӏолохъанал хъвадарухъабазда, цебе буго цӏакъго жавабчилъи цӏикӏкӏараб масъала — нуж ккола нужерго миллаталъул матӏулъун ва нужехъе цӏунизе кьолеб буго нилъер гӏаммаб тӏехь»,- ан абуна гьес, гӏолилазде хитӏаб гьабулелъул.

Гӏолилазда шигӏрабазул байрам баркана Хъвадарухъабазул союзалъул миллиял секциязул нухмалъулезги шагӏирзабазги. Гьез гӏолилазе цӏалана жидерго кучӏдулги. Хадуб хъвадарухъаби рикьана миллиял секциязде ва форумалъул хӏалтӏи тӏобитӏана Хъвадарухъабазул союзалда. Гьенирги шагӏирзабаз цӏалана жидерго асарал. Чӏахӏияб гӏелалъул хъвадарухъабаз гӏолилазе гьаруна малъа-хъваял, насихӏатал.

Форумалъул кӏиабилеб къоги байбихьана Хъвадарухъабазул союзалда. Жигараб хӏалалда хӏалтӏана магӏарул мацӏалъул секцияги. Дандеруссиналда бищунго гӏемер рукӏана магӏарул хъвадарухъаби. Гӏолилаз цӏалана жидерго шигӏраби. Гьел ккола Хунзахъ районалдаса Индира Зубаирова ва Саида Мухӏумаева, Буйнакск районалъул Чӏикӏаб росулъа Зайнаб Хӏажиева, Рамазан Халидов, Хӏамзат Сурхаев, Гъуниб районалъул Хӏутниб росулъа Рамазан Гъазимухӏамадов, Лаваша районалъул Урма росулъа Насихӏат Гӏабдурашидова, Шамил районалъул Зивури росулъа Патӏимат Мухӏамадова, Гӏахьвахъ районалдаса Мадина Нуцалханова ва цогидалги.

… Цӏидасанги данделъана Поэзиялъул театралда. Цо нухалда гӏенеккана гӏолохъанал шагӏирзабазухъ. Гьенир кучӏдул цӏалана ва гӏолилазе нухбитӏиялъул рагӏаби абуна халкъиял шагӏирзаби Мухӏамад Хӏамзаевас, Аминат Гӏабдулманаповалъ, Бике Кулунчаковалъ. Гьединго форумалда кӏалъана щибаб мацӏалъул секциязул нухмалъулелги. Данделъиялъул ахиралда магӏарул мацӏалъул секциялъул нухмалъулев Мухӏамад Патахӏовас грамотаби кьуна гӏолохъанал магӏарул шагӏирзабазе, Мухӏамад Ахӏмадовас дипломал ва тӏахьал кьуна батӏи-батиял миллатазул гӏолохъанал хъвадарухъабазе.

Хадурагӏи

Щив чи кколев шагӏир? Гьайгьай, гьев вукӏине ккола лъиданиги релълъинчӏев. Кинабго: гӏамал-хасиятги, пикрабиги, рухӏияб дунялги, сипат-суратги, партал-магӏалги, сценаялда вукӏа-вахъине лъайги — букӏине ккола миллаталъул гӏадатаздеги, гӏамалаздеги, цӏаралдеги дандекколеб. Гурони, гьел къабул гьаризе гьечӏо гӏагараб халкъалъ. Гьезул гьаракь рагӏизе гьечӏо рорхатал мугӏрузда. Шагӏирасул гьаракьин абуни рокьул дандерижилъун гъугъазе ккола мугӏрузул тӏогьазда. Бокьилаан форумалда гӏахьаллъарал магӏарул гӏолохъанал шагӏирзабаздаги заманалдасан жидерго бакӏ батизе гӏагараб миллаталъул адабияталъул гъанситохъ. Кӏваги гьезда гьанжего гьанже кунчӏун бачӏунеб бугеб жидерго цӏваялъе гвангъи кьезе.

Цоги, форумалда гӏахьаллъарал магӏарулаз цӏалана цохӏо кучӏдул. Цӏакъ бокьилаан гӏолилазул прозаялъухъги гӏенеккизе. Ратилагури гьезда гьоркьорги магӏарул адабияталда лъалкӏ тарал Муса Мухӏамадовги, Мухӏамад Сулимановги, Мухӏамад Шамхаловги ва цогидалги прозаиказул ирсилалги.