Дагьал церегӏан къояз Халкъияб Собраниялъ тӏобитӏана рахьдал мацӏазул суал борхараб данделъи

Республикаялъул Халкъияб Собраниялъул председатель Хизри Шихсагӏидовас Миллиял гьоркьорлъабазул рахъалъ комитеталда тӏадкъана Дагъистаналъул мацӏазул хӏакъалъулъ законалъул проект хӏадур гьабизе ва гьеб парламенталъул сессиялда гьоркьоб лъезе. Гьелъул бицун тӏобитӏараб данделъиялда гӏахьаллъана республикаялъул парламенталъул депутатал, батӏи-батӏиял министерствабазул ва ведомствабазул вакилзаби, газетазул редакторзаби ва журналистал.

Халкъияб Собраниялъул председателасул заместитель Елена Ельниковалъ абуна республикаялда рахьдал мацӏал цӏуниялъул суал цӏакъго кӏвар цӏикӏкӏараб бугилан.

«Жакъа цӏалдохъабаз лъазабулеб буго ингилис ва цогидал къватӏисел пачалихъазул мацӏал. Амма гьебго заманалда дагьго гурони кӏвар кьолеб гьечӏо рахьдал мацӏазде. Мацӏал лъазариялда бараб буго миллияб культура цӏунун хутӏиги гьелъул цебетӏейги. Гьелъ кумек гьабула лъималазе тарбия кьезеги миллаталъул гӏадат-гӏамалал цӏунизеги», — ян абуна гьелъ.

Миллиял ишазул министерствоялъ гьабулеб бугеб хӏалтӏул бицана министрасул ишал тӏуралей Татьяна Гамалейица. «Миллияб мацӏалъ ва гьелъул маданияталъ бихьизабуларо миллияб хаслъи. Жеги чанги хаслъаби руго миллат бихьизабулел. Гӏадамал дагь-дагьккун шагьаразде гочунел руго, гьелъ квалквал гьабулеб буго мацӏал цӏуниялъе ва церетӏеялъе»,- ян абуна министралъ.

Гьеб суалалъул хӏакъалъулъ жиндирго пикру загьир гьабуна Халкъияб Собраниялъул депутат Хӏамидулагь Мухӏамадовасги. Гьес абуна цӏалул программаялда рекъон, рахьдал мацӏ малъизе кколин ва гьеб иш ракӏбацӏцӏадго тӏубазабизе кколин. Гьес бицана дагьаб цебегӏан РФялъул Пачалихъияб Думаялда профильнияб комитеталъ улкаялъул регионазда рахьдал мацӏал цӏуниялъул суал борхун букӏиналъул ва гьеб суалалде Пачалихъияб Дума тӏадбуссине букӏиналъул.

Мацӏазул гӏалимчи Мухӏамад Мухӏамадовас бицана Дагъистаналъул мацӏазул тарихалъул ва гьелъул жакъа бугеб хӏалалъул хӏакъалъулъ.

«Нижеца цӏех-рех гьабуна Махӏачхъалаялъул лъималазда рахьдал мацӏ кинаб даражаялда лъалеб бугебали ва якъинлъана 90 процент лъималазда мацӏ лъалеб гьечӏолъи. Мацӏ лъалин рикӏкӏунезда гьоркьорги гӏемер руго литературияб мацӏ лъаларел. Гьединлъидал школазда рахьдал мацӏал малъизе рихьизарурал сагӏтазул къадар дагьабги цӏикӏкӏинабизе ккола», — ян абуна М. Мухӏамадовас.

Гьединабго пикру загьир гьабуна «Елдаш» газеталъул редактор Камил Гӏалиевасги.

«Жакъа бищунго аслиял масъалабазул цояблъун нилъее ккола гӏолилазда рахьдал мацӏалъул бугеб кӏвар бичӏчӏизаби. Гьезулъги бижизабизе ккола мацӏ гьечӏони, миллат тӏагӏунин абураб пикру», — ян абуна гьес.

Дагъистаналъул бетӏерасда цебе гӏуцӏараб Жамгӏият цебетӏеялъул ва инсанасул ихтиярал цӏуниялъул советалъул председатель Зикрула Илясовас загьир гьабуна жакъа Дагъистаналъул жамгӏиятги, мацӏазда сверухъ бугеб ахӏвал -хӏалалда хадуб гӏицӏго халккун чӏун бугони ва хадубккунги гьелда сверухъ хӏалтӏи гьабичӏони, рес бугин къокъаб заманалда жаниб мацӏал тӏагӏинеян абураб пикру.

Дагъистаналъул халкъияй шагӏир Шейит-Ханум Алишевалъ бицана миллиял мацӏазда хъвадарулел гӏолилазул тӏахьал чӏорого риччаялде ва гьезие грантал кьеялде кӏварбуссинабизе ккеялъул. «Гӏолилазде буссинабураб гьединаб кӏваралъ рес кьезе буго миллияб адабият цебетӏеялъе», — ян абуна гьелъ.

«Хӏакъикъат» газеталъул бетӏерав редактор Гӏали Камаловас ракӏунтун бицана рахьдал мацӏазда сверухъ бугеб ахӏвал-хӏалалъул.

«Къваригӏун буго лъималазул ахаздаса байбихьун рахьдал мацӏ малъиялде кӏвар кьезе, школазда рахьдал мацӏазул ЕГЭ тӏобитӏизе. Кӏвар кьезе ккола миллиял мацӏазда тӏахьал къватӏире риччаялде ва миллиял газет-журналазда хӏалтӏизе махщел тӏадегӏанал ва камилал кадраби хӏадур гьариялде. Цӏалул программабаздаги рахьдал мацӏал малъиялъул суал букӏине ккола тӏоцебесеб бакӏалда. Пачалихъалъулаб хъулухъалде хӏалтӏизе лъугьунев чиясухъаги экзамен босизе ккола рахьдал мацӏалъул. Гурони, кӏвезе гьечӏо мацӏал цӏунизе»,- ян абуна гьес.

Шамай Хъазанбиева