Гӏадамазе кумекалъе гурищ МФЦял рагьун ругел?
Гӏемер бицуна МФЦялъул хӏалтӏухъабаз гьабулеб хӏалтӏул хӏакъалъулъ. Хасго районазда ругел хӏалтӏухъабазе кьола лъикӏаб къимат. Гьеб лъикӏги буго, щайгурелъул, нилъехъа нилъерго рокъор ругезулцин букӏине кколедухъ тӏалаб гьабун бажарулареб мехалда, тӏубараб халкъалъул ургъел гьабизе ккей, гьеб бигьаяб иш гурелъулха.
«Epistulam non erubescit» (эпистулам нон эрубесцит) абун буго латиназул цо аби, ай магӏарул мацӏалда абуни «Кагътица щибго хӏехьола» абураб. Дун гуро, кагъат-къаламалъул ихтияр кодоб букӏунилан, бокьа-бокьараб хъвалев чи, хъваларо дидаго жаваб кьезе кӏолареб хӏужаялъул хӏакъалъулъги. Амма, дирго пикру загьир гьабичӏого, рекӏеда хӏунсараб къватӏибе рехичӏого, чӏезеги кӏоларо.
Гьайгьай, лъикӏаб хӏалтӏуе лъикӏаб къимат кьезеги, квеш хӏалтӏарал какизеги кӏвезе ккола нилъеда, гьурмахъ, хъулухъалъухъ балагьичӏого. Гьебги, хъулухъчиясул хӏалтӏуде гъирабазабиялъул ва гьев кантӏизавиялъул мурадалда, кинаб бугониги жахӏда рекӏелъе биччачӏого. Жиндир адресалда критика гьабулесулги щибго ракӏхвей букӏине ккеларо бугеб жо абунилан ва тадбирал гьаризе ккела рехсараб гӏунгутӏи тӏагӏинабиялъе, хадубккун биччангутӏиялъе гӏоло.
Цо заманалда, гендерил тоннельги къан, рикӏкӏадасан сверизаруна шагьаралде-нахъе унел-рачӏунел гӏадамал. Амма цо хасал гӏадамазе гьелъул кӏудияб къварилъи букӏинчӏо, квалквал гьечӏого гьенисан унаан ва рачӏунаан. Гьеб заманалда хъван букӏана дица «Хӏакъикъат» газеталде «Гӏадамал цӏалкӏулеб цӏалкӏу» абураб асар. Гьединаб цӏалкӏуцин гуродай МФЦялъулазухъеги щварабилан ракӏалде ккезе бачӏана, гьез ургъел гьабулеб халкъалъул къапилаялде гъорлъе, щаялиго, дун кколев ватичӏеб мехалда ва щаклъизе бачӏунеб буго дун гӏадинал жеги ратизе бегьулеблъиялда. «Хӏакъикъат» газеталъул «Рекӏел ахӏи» рубрикаялда, «Киналъулго хӏалбихьана» абураб бетӏергун, бахъун букӏана (№37, 16.09.2016 с.) дир макъала. Гьениб хъваралъул хӏакъалъулъ кинабго такрар гьабиларо, рехсела цо-кӏиго мисал.
«Поддержка начинающих фермеров на период 2015-2017 годы» абураб хӏукуматалъул программа лъие хӏалтӏулеб жояли лъазе бокьун. Росдал магӏишаталъул министерствоялдасан, лъикӏаланго квалквалаздаса хадуб, дагьабго квербазе бакӏги щун, документал хӏадуреян гьаригун щвана районалъул МФЦялде. Цӏадаса Хӏамзатица абухъе, «басиялъ гӏощтӏол гӏоркь хъублъун батана», ай «мохмохалда нах бахунеб» программа батана гьеб: цо чанго къоялдасан ахӏун бачӏана банкалъул счеталда миллион «Р» букӏине кколеб рагӏулин. Миллион кодоб букӏун хадуб гьезул кумекго щаяли бичӏчӏичӏо, лъаларо! Гьадинаб ахӏвал-хӏалалда рекъараб букӏинароандай хӏукуматалъул пуланаб яги рехсараб министерствоялъул пуланаб номералъул, пуланаб заманалда бахъараб хӏукмуялъул кьучӏалда, пуланаб къадар гӏарцул бетӏергьанлъун мун ватичӏони, дуе рехсараб кумек щоларин абун хъван кагъат битӏун, къваригӏел тӏубаян вачӏарасда лъазабизе, кӏал букъулеб бакӏги букӏунарелъул! Гьеб мехалда гьезул кумекалде хӏажатазда якъинго лъазе букӏанагури тӏалаб закониябищ яги, законалда тӏасан галиги бегьун, ургъун бахъарабищали.
Игьелдерил ракьалда шагьранухлул рагӏаллъабазда рарал даран гьабулел ва квана-гьекъолел бакӏазул цонигияб букӏинчӏо умумуздаса ирсалъе щвараб, жалго бетӏергьанаб ракьалда бараб, нижер гурони. Гьел бакӏал разе байбихьилелдего кьуна документал МФЦялде, «зеленка» гьабизе абун камурал-тарал документалгун чанго нухалда щвана гьениве. Ахиралдаги гьадигӏанасеб гӏарац кьезе кколин, гьелда бан бугин кинабгоян абидал, кьуна гьебги, босана квитанцияги. Гьале 3-4 сон унеб буго, документ щоларого. Лъабго соналъ цебе, гьеб документ дихъе щвани, бахъизе бер кьелин абулелги рукӏана, дунгоги хӏинкъун вукӏана дун сабаблъун берги гьечӏого хутӏиладай цонигиявилан. Гьединги Вангада гуребги лъалеб букӏун буго балъголъи. Газеталда хъван бачӏиндалгӏаги цодагьаб шура-хъули лъугьине бегьулин букӏана пикру, амма… гӏурусаз абухъе – «Как об стенку горох». Дагьабги гӏажаиблъизе ккараб жо гьечӏищ: цоял рачӏуна рарал бакӏазул документилан, тӏад гӏакӏа къотӏизе лъугьуна. Цин ракьул документ гьечӏого рарал бакӏазул документ кин букӏинеб, гьаваялда рарал гьелги гьечӏелъул? Гьанже ракӏалде кколеб буго цощинаб, бетӏергьабаздасаги балъго, цониги хӏакимас документалги гьарун жиндиего босун бугодай гьеб мухъалъул ракь абун, гӏурумухъалъул кӏиябго рахъалда ругел ракьазе, цоги гӏадамазеги инкар гьабун бугелъулха гьеб документ гьабизе. Гурого, рехсараб документ гьабунгутӏизе щиб гӏилла бугебалигӏаги баян кьезе ккеларищ? Гӏадамаз минабиги разе байбихьун руго гьенир.
Кинабгӏаги жоялъул букӏуна кӏиго рахъ: авал-ахир, у-гуро, бихьана-бихьичӏо, рагӏана-рагӏичӏо, лъала-лъаларо, бажарула-бажаруларо ва гь. ц. «Tarcium non datur» абула латиналъ, ай лъабабилеб нух гьечӏо. Бачӏинахъего «гьаб нижер иш гуро», «гьеб нижехъа бажаруларо, яги бажарула, цӏараб болжалалда тӏубазе буго» абун абизе бигьаяб букӏинароандай, гьалщинал нерваби хвезаричӏого. «Босанищ тӏаде — тӏубазабе, кьунищ рагӏи – щулаго ккве» абун руго магӏарулазул гӏакъилал рагӏаби.
Цебе кинаб бугониги идараялде бачӏараб кагъат, гӏарза яги газеталда бахъараб критикияб макъала, иш тӏадал гӏадамаз, ун бакӏалдегун, гъорлъе раккун, халгьабун, хӏакъикъат мухӏкан гьабун, иш роцӏинабиялъе тадбирал гьарулаан ва законалъ чӏезабураб болжалалда жавабги кьолаан. Гьелъ борхулаан живго нухмалъулесулги, гьес нухмалъи гьабулеб хъулухъалъулги къадру. Жакъа щибха камун бугеб? Гӏадамазухъ гӏенеккараб мехалда, бихьулеб буго гьезул цо-цоязул нухмалъулездаса тӏубанго ракӏбуссун букӏин, абураб, хъвараб жоялъги щибго пайда кьолеб гьечӏолъи. Чанго соналъ цебе районалда билълъанхъараб гӏадат букӏана зама-заманалда, щибаб отделалъул нухмалъулелгун росабалъе щун, жамагӏаталгун дандчӏван, гьезул гӏузрабазухъ гӏенеккун, бажарани бакӏалдаго мурад тӏубан, санагӏат ккечӏони, цадахъ хъван росун гьабулеб, хадубккун гьабураб хӏалтӏул хӏакъалъулъ гӏадамазе баянги кьолеб. Тӏубанго мурад тӏубачӏониги, гьеб букӏана жамагӏатал разияб хӏалтӏи.
Рукӏуна гӏадамал цо-цо хӏакимзабаз рикӏкӏунарел, гьезул «лъикӏаб бералда» рихьуларел, кинавго чи цого вукӏунарелъулха. Хӏалтӏиги хъулухъги заманалъул иш буго: жакъа – мун, метер – цогидав. Воре, магӏарулал, хъулухъалъе, гӏиси-бикъинаб дунялалъул боцӏуе гӏоло билизе тоге умумуз нилъее ирсалъе тараб иманги, намусги, гӏаданлъиги.
Гьаб накъиталъеги ахир лъезе бокьун буго латиназул цоги абиялдалъун: «Dum spiro-spero» («Чӏаго вукӏаго — хьул буго»). Бичӏчӏулесда бичӏчӏила.
Магьди Гӏабдурахӏманов,
Игьали росу