Редакциялде гьоболлъухъ рачӏун рукӏана «Рахьдал мацӏалъул бищун лъикӏав учитель» абураб къецалъул гӏахьалчагӏи

Чачаналъул бетӏер Рамзан Къадировасул гьариялда рекъон, Россиялъул цогидал регионаздаса республикаялде вачӏун вуго хӏалтӏизе 500-ялдасаги цӏикӏкӏун гӏурус мацӏалъул учитель. «Республикаялъул школазда гӏурус мацӏ малъиялъул иш тӏадегӏанаб даражаялде бахинабиялъул масъала тӏубана. Амма ниж хӏадур руго гьеб рахъалъ кумек гьабизе бокьарал учительзаби жеги къабул гьаризе», — ян абуна Чачан Республикаялъул лъайкьеялъул ва гӏелмуялъул министр Исмагӏил Байхановас. Аслияб къагӏидаялда учительзаби хӏалтӏулел руго росабазул школазда.

Анлъабилеб тӏалаялда дандчӏвай

Мустахӏикъаб къиматги кьуна

Редакциялде гьоболлъухъ рачӏун рукӏана «Рахьдал мацӏалъул бищун лъикӏав учитель» абураб къецалъул гӏахьалчагӏи

Исанаги къецал тӏоритӏана Махӏачхъалаялъул №11 гимназиялда. Гьезулъ гӏахьаллъана батӏи-батӏиял районаздасаги шагьараздасаги 39 учитель. Гьезда гьоркьов вукӏана магӏарул мацӏалъулги адабияталъулги 11 учительги. Редакциялде рачӏун рукӏана Болъихъ районалъул Кьохъ росдал школалдаса Гьадигат Хӏасановаги Гъуниб районалъул Хӏутниб росдал школалдаса Рамазан Гъазимухӏамадовги.

Къецалда «Магӏарул мацӏ» номинациялда Гьадигат мустахӏикълъана лъабабилеб бакӏалъе. Къецалъул хӏакъалъулъ гьадинал пикраби загьир гьаруна гьелъ: «Конкурсалъ дие гьабуна кӏудияб асар. Ракӏбухӏана гьанжелъизегӏан гьезулъ гӏахьаллъичӏолъиялдаса. Дие гӏемераб пайда щвана гьелдаса.

Кутакалда рази хутӏана хӏасилаздасаги. Исана тӏоцебесеб нухалда къецалда щвараб лъабабилеб бакӏ дица рикӏкӏуна тӏоцебесеблъун. Жюриги букӏана кутакалда сабруяб, киналго рахъалги рорцун, мустахӏикъаб къиматги кьуна гьез щивасул хӏаракаталъе.

Ленинкенталдасаги шагьаралдасаги цӏалдохъаби рукӏана дир дарсида. Гьезги кумек гьабуна дие – лъикӏ жавабал кьуна. Жеги халатаб букӏарабани дарсилан ракӏалде ккеледухъ ана гьебги. Гьезул учительзабазеги буго кӏудияб баркала. Шагьаралда гӏолел лъималазе гьединаб даражаялда мацӏ малъизе бажари кӏудияб иш буго».

Шамай Хъазанбиева хӏалтӏулей йиго №11 гимназиялда. Гьелъ санайил кумек гьабула къецазул гӏахьалчагӏазе. Къецал гӏуцӏиялда бан гьаризе бегьулел хиса-басиязул хӏакъалъулъ бицунаго, Шамайица абуна: «Ленинкенталъул гимназиялъул учительница Гулишат Мухӏамадовалъ щибаб соналъ рачуна нижер гимназиялде цӏалдохъаби. Сундулъго кумекалъе ятула гьей. Нижер гимназиялъул администрациялъги кӏудияб кӏваркьола рахьдал мацӏал малъиялде.

Магӏарул мацӏалде бугеб рокьи бихьизабуна учительзабаз. Гьезие бигьалъилаан, дагьабги лъикӏ мацӏ бицунел цӏалдохъаби дарсида рукӏаралани. Амма, дир пикруялда, рахьдал мацӏалъул конкурсалде учительзаби хӏадуриялде росабазул, районазул нухмалъиялъ кӏваркьолеб гьечӏо. Москваялдаги бергьенлъаби росизе бажарулел учительзаби руго нилъер. Жюриялъул гӏахьалчагӏи асир гьаруна Рамазан Гъазимухӏамадовас. Кӏиго соналъ гурони хӏалтӏулев гьечӏониги, гьесухъа бажарана жив унго-унгояв магӏаруллъи бокьулев учитель вукӏин бихьизабизе. Бокьана Чӏарада районалъул Кьорош росдал школалдаса Патӏимат Мухӏамадгӏалиевалъул дарсги. Кӏудияб хӏаракат бахъана Гьадигатицаги. Гьелъул букӏана лъималазулъ гъира ккезабулеб дарс. Дарсидаса къватӏире рачӏун хадуб цӏалдохъабаз дида абуна, тӏокӏалъ ячӏунарищ дой нижехъеян. Гьединал учительзаби гӏемер руго нилъер.

11 учителасда гьоркьоса ичӏгояс кьуна адабияталъул дарс. Шагьаралъул школазда кӏалзул каламалъул цебетӏей абизегӏанасеб букӏунаро. Гьединлъидал гьезухъа бажаруларо адабияталъул дарсида учитель разияб хӏалалда, эркенго жаваб кьезе. Мацӏалъул дарс кьезе бигьалъилаан гьезие, дир пикруялда», — ян.

«Адабияталъул дарсалдаса лъикӏаб рес щола учителасулги цӏалдохъабазулги гара-чӏвариялъе. Мацӏалъул дарсида, тӏадкъаял тӏуразарулаго, уна дарсил цӏикӏкӏарасеб заман. Адабияталъул ва мацӏалъул – батӏалъи гьечӏого – дарсида учителас бихьизабизе ккола гьанжесел технологияздаса жиндихъа пайда босун бажарулеблъи. Гьелъие цӏикӏкӏарал ресал кьола адабияталъул дарсалъ.

Шагьаралъул школазда цӏалулел руго, сверухъ рахьдал мацӏги рагӏуларого, батӏи-батӏиял миллатазул вакилзабазул ригьнал ругел хъизамазда гӏолел лъимал. Гьезул рокъор эбел-эменги кӏалъаларо рахьдал мацӏалда. Гьединлъидал дида ракӏалде ккола, къецалъул дарсал кьезе рачине бегьилаанин районаздаса лъимал. Гьел рукӏине бегьула олимпиадабазда бергьарал цӏалдохъаби. Гьебмехалда цӏикӏкӏараб рес щвела учителасе жиндирго бажари бихьизабизе», — ян бицана Рамазаница. Гьесул пикруялда рекъон, буго цоги мурад росабалъа цӏалдохъаби рачиналъул: гьезда бихьилаан, росулъ гуребги, шагьаралдаги рахьдал мацӏалъул дарсалги тадбиралги рукӏунеллъи, бичӏчӏилаан болмацӏ кибго хӏажалъулеб букӏинги.

Гьебго пикруялда тӏадрекъана Шамайги. «Амма бегьилаан дарсазул темабазулъ хиса-баси гьабизе. Гьабсагӏаталда, къецалъул шартӏалда рекъон, учителас кьезе ккола программаялда рекъон, цӏалдохъабазда малъизе кколеб темаги хӏисабалде босун. Гьединлъидал санайилго рукӏуна цого темаби. Гӏенеккулеб жюриялъеги дарсида гӏахьаллъулел цӏалдохъабазеги чӏамучӏлъизехъин руго гьел дарсал», — ан абуна гьелъ.

Гьадигатица абуна, батӏи-батӏиял школаздаса цӏалдохъаби ракӏарун бажарулеб гьечӏони, учителасе рес кьезе бегьилаанин, жиндирго цӏалдохъабигун вачӏине. Амма къецалъул аслияб шартӏ буго цереккун рихьичӏел цӏалдохъабазе дарс кьей.

Киназго абулеб букӏана, гӏолохъанав вугониги, кӏудияб гъираялда хӏалтӏулев учитель вугин Рамазанилан. Къецалъул хӏакъалъулъ гьадин бицана гьес: «№11 гимназиялда къецазде мухӏканго хӏадурлъун ругоан. Берцинго тӏоритӏана конкурс рагьиялъулги гьелъул хӏасилал гьариялъулги тадбирал. Киналго миллиял мацӏазда ахӏана гимназиялъул цӏалдохъабаз кучӏдул – гьелъ кӏудияб асар гьабуна нижее. Баркала буго, кӏиябго къоялъ дарсазда гӏодорчӏун, конкурсалъул гӏахьалчагӏазе кумек гьабурал учительзабазеги цӏалдохъабазеги. Дарсаздеги букӏана лъикӏаб хӏадурлъи.

Щивав учителасул дарсихъги гӏенеккун, гьезие пайдаял малъа-хъваялги гьарун, берцинго хӏалтӏулеб букӏана жюриги. Гьезул хӏалтӏи, дир пикруялда, букӏана бищунго захӏматабги жавабчилъи цӏикӏкӏарабги», — ян.

Кагъат хӏалтӏизабизе бажарулес баллал ракӏарула

Конкурсалъул гӏахьалчагӏи рази гьечӏоан учительзабазул хӏалтӏуе кьолеб къиматалдаса, ай харжал кьеялъул къагӏидаялдаса. «Дие расги рекӏее гӏоларо нижее харж кьолеб цӏияб къагӏида. Хӏалтӏул стажалъухъ балагьун харж кьолеб къагӏида ритӏухъаб букӏана. Кагъат хӏалтӏизабизе бажарулев чоде вахараб заман бугин абилаан дица гьанже. Методикаялда рекъезарун дарсил планалги хъван, гьелъие хӏажатаб материалги балагьун, хӏалтӏулев учитель бердаго вихьулев гьечӏо. Кагътида кинабго рекъезабун бажарулев учитель рецц-бакъалъе мустахӏикъавлъун рикӏкӏунев вуго. Цӏалдохъабазул лъаялъул даража борцунаро – киналъего къимат кьола, учителасул папкаялъур ругел кагътазул хӏисабги гьабун. Сон-церекъад школалде рачӏарал учительзаби руго, дидасаги цӏикӏкӏун харжги босун. Дораса-гьаниса конкурсазда гӏахьаллъанилан кагътида хӏалтӏиги рекъезабун, гьелги портфолиоялда жанире ракӏарун, дарс кьеялде кӏварги буссинабичӏого рукӏуна гьел», — ан бицана Гьадигатица.

Амма киналго гӏолохъанал педагогал гьединал рукӏунареблъиялдаги мукӏурлъана гьей. «Нижер школалда хӏалтӏулев вуго ингилис мацӏалъул учитель. Гьес киназего кумекги гьабула, живгоги кӏудияб гъираялда дарсазде хӏадурлъула. Щибаб къецалда, олимпиадаялда цересел бакӏалги росула гьесул цӏалдохъабаз. Гьединал жигарал гӏолохъанал учительзабазе диралдасаги цӏикӏкӏун харж щвейги дида мекъи бихьуларо», — ян абуна гьелъ.

Харж кьеялъул къагӏидаялда гуреб, учителасул намус-яхӏалда бараб бугин гьеб ишан бицана Рамазаница.

Кавсарат Сулейманова