Дир захӏмат – дир магӏишат
Инсуца малъараб гьабулев вукӏиналдаса лъикӏаб жо батуларо
Гьал къоязда ниж щвана Басрияб Миякьо росдада аскӏоб бугеб Буйнакск районалъул Басрияб Чӏикӏаб росдал гьитӏинабго хъутаналде. Гьениб Шагӏбан (эмен), Зугьра (эбел) ва вацал Хӏажимурадги Гӏабдулкъагьирги Къурбановазул хъизамалъул «Каир» фермеразулаб магӏишаталъул буго мокьрол ахалъул 1,5 гектар, ва гьез хьихьулеб буго 90 бетӏер чӏегӏербоцӏул (гьездаса 10 бечӏчӏулеб гӏака). 9 класс лъугӏаралдаса нахъе, гӏияда хадувги хьвадун, цинги КамАЗ машинаялдаги хӏалтӏун, гьабсагӏаталда КФХялъул нухмалъулевлъун вугев Гӏабдулкъагьирилгун ккана нижер гара-чӏвариги.
— Гӏабдулкъагьир, школалъул 9 класс гурони лъугӏичӏев мун, махщелги тӏасабищичӏого, мун гӏияхъанлъиялде, боцӏухъанлъиялде машгъуллъиялде гӏилла щиб ккараб?
— Дида лъалеб мехалдаса нахъе, нижер рокъоса хӏайван камураб заман букӏинчӏо. Гьедин батилаха, гьитӏинго боцӏудехун дир рокьиги бижараб. Цӏалудехун киданиги гъира букӏинчӏо, кидаго ракӏцӏалаан техникаялде, гӏи-боцӏуде.
— Гӏияде рокьи бугев дуде тӏаде ккун буго ахихъанлъиги…
— 1995 соналда чӏана нижеца гьаниб 30 мокьрол гъветӏ, гьелъул кколеб хӏасилги бихьун, 2007 соналда гӏатӏид гьабуна ах. Захӏмалъулеб букӏана гӏи хьихьизе, дагьаб чӏалгӏунги букӏана. Гьединлъидал, гьебги тун, тӏадчӏей гьабуна чӏегӏербоцӏуда, кодобе босана ахихъанлъиялъул хӏалтӏиги.
— Жакъа щиб хӏалтӏудаха нуж ругел?
— Гъутӏбузда сверухъ бакӏ бухъана, рак лъуна, гьабсагӏаталда гьел кӏурулел руго.
— Удобрение, ай химия гӏемер хӏалтӏизабулищ?
— Гьеб хӏалтӏизабиялъе хӏажалъи букӏунаро. Нижерго боцӏул кигӏан бокьанаги рак бугелъул, гьелдаса босула пайда. Пихъ берцинлъиялъе, гьеб халатккун цӏунун хутӏиялъе нижеца щибго хӏалтӏизабуларо. Амма, чӏезабураб къадаралда рекъон загьру хӏалтӏизабичӏого кинго тӏубаларо, гьеб речӏчӏизабичӏони, пихъ лъугьинего лъугьунаро, хӏапаро-нацӏалъ, батӏи-батӏиял унтабаз хвезабула.
— Гъоркьиса кигӏан микьир нужеца бакӏарараб, бигьалъанищ гьеб бичизе?
— Гъоркьиса бакӏарана гӏага-шагарго микьго тонна. Гӏезабураб бичиялъулъ гьанжелъизегӏан щибго къварилъи букӏинчӏо. Гӏемерисеб бараб букӏуна мокьрол тайпаялда. Нижер руго гьелъул лъикӏал, цӏикӏкӏараб тӏалаб бугел, гӏадамазе рокьулел тайпаби – Багӏараб микьир, Хӏажимикьир, гьединлъидал микьир бичичӏого хутӏуларо. Рукӏуна, гьанире рачӏун, гьеб босулел гӏадамалги, нижецагоги кьола Хасавюрталъул базаразде. Гьаб буго хӏалтӏизе кколеб, хӏалтӏун хадуб хайир кьечӏого букӏунареб иш. Гьабсагӏаталда бугеб хӏалалда рекъон, гъутӏбузухъ балагьун, хадубккун цӏорой ккечӏого борчӏани, исана дагьабги лъикӏ букӏинин ккола пихъил бачӏин.
— Цӏибил гӏезаби жеги пайдаяб гьечӏищ?
— Цӏибил букӏуна аскӏоб бугеб Басрияб Миякьо росулъ. Нижер гьаниб гьеб дандекколаро, хӏанчӏаз толаро.
— Микьир гӏезабиялда цадахъго нужеца хьихьулеб буго боцӏиги. Кин нужехъа гьеб бажарулеб, кин хӏадурулеб хӏажатаб къадар кӏалцӏи-хералъул?
— Бегьилаан хӏалтӏухъаби кквезеги, амма гьел ккун хадуб, щиб хайир-пайдаха нижее букӏинеб, гьебги хӏисабалде босун, кинабго хӏалтӏи тӏубала нижецаго. Гьаниб аскӏобго буго росдал жамагӏаталъул ракь, гочинабулеб гӏи хьвадулеб нухалъул авал, боцӏи нижеца гъола гьенибе. Хасало къваригӏунеб харил ункъазаргогӏанасеб танг дица босула Бабаюрт районалдаса. Сезоналъул заманалда босун, рокъобе баччараб гьелъул цо танг чӏола 70 гъуршиде, сезоналъул ахиралде гьеб бахуна 100 гъуршиде. Лъагӏалие хӏажалъулеб хӏадурараб кӏалцӏул 40-гӏанасеб тонна (цо кило 7,20-7,30 гъуршиде) босула Доргъелиса.
— Чӏагояб боцӏи, гьан кин бичулеб?
— Чачаналъ рагъ бугел соназда, гьанире рачӏун, чачаназ босун унаан чӏагояб боцӏи. Гьанже хъураб боцӏул гьан нижеца кьола Гъизилюрт шагьаралда бугеб гьеб бичулеб тукаде (250 гъуруш кило хӏисаб гьабун)
— Бечӏчӏараб рахьдада щибха гьабулеб?
— Эбелалъ хӏан бахъула. Базаралде инецин кколаро, хӏалбихьарал, гьелъул къимат лъалел гӏадамал гьеб босизе рачӏуна рокъоре. Гьабсагӏаталда гьелъул килоялъул багьа буго 250 гъуруш, риидалил, кӏалцӏи-хер кьезе кколареб заманалда гьеб ккола 200-220 гъуршиде.
— Дур хӏалбихьиялда рекъон, боцӏи хьихьийищ пайдаяб бугеб, пихъ, хасго микьир гӏезабийищ?
— Цо соналда, микьир тӏегьараб заманалда, ккана цӏорой, гъутӏбузда тӏад щибго пихъ хутӏичӏо. Доб соналъ ахикьа бакӏарун батила 100 килограммгӏанасеб микьир, кьечӏо тӏокӏаб Аллагьас, кьечӏеб жо дицаги кисаха босилеб. Боцӏуде цӏикӏкӏун ругьунав вукӏиналъги батизе бегьула, гьеб хьихьи баракатаб бугин ккола дидаго.
— Гьанжелъизегӏан къарзалъе пачалихъалъухъа гӏарацго босанищ?
— Киданиги босичӏо, гьелда хадувги лъугьинчӏо, хӏалтӏулев чи гьелде регӏунги вукӏунаро. Гьеб щола ракьги боцӏиги гьечӏел, кагътида кинабго бугел, кабинетазде хьвадун ругьунал гӏадамазе.
— Мун вуго гӏолохъанчи. Къасиги къадги хӏалхьи гьечӏеб гьаб хӏалтӏиги тун, шагьаралъул бацӏцӏадаб хӏалтӏуде лъугьине бокьилин абурал пикраби рачӏунарищ ботӏролъе?
— Ботӏролъе гьединал пикрабиги рекӏелъе гьединал хиялалги рачӏунаро. Гьаб буго дие бокьулеб, дида лъалеб, дун бетӏергьанаб, дир захӏматалъ гьабулеб магӏишат.
Инсуца гьабулеб батараб, инсуца малъараб гьабулев вукӏиналдаса лъикӏаб киб дида батилеб?
— Дуе щун буго инсул ирс. Бокьилаанищ дур васасги гьабго нух тӏасабищизе?
— Заманалъ жиндирабго босичӏого толаро, щиб гьес тӏасабищилебали лъаларо. Амма, эмен хӏисабалда, дие бокьилаан гьевги гьабго ишалда вукӏине.
Гара-чӏвари гьабуна
Гӏабаш Гӏабашиловас.