Хьиндал ахикь гӏураб пихъ гьарзаяб гъветӏ
Магӏарул кочӏол роценги, берцинлъиги, пасихӏлъиги цӏунарай кочӏохъан
Чвахе, магӏарул кечӏ
Магӏарул кечӏ-бакъан. Гьелъулъ бугебщинаб берцинлъи. Гӏажаибаб гугьаралъ гьелда базабун бугебщинаб нур. Хӏайранаб бакъаналда ахӏулеб хӏасратаб магӏарул кочӏолъ рессун руго рацӏцӏадал, цӏорорал иццазул чилиги, согӏал мугӏрузул тӏабигӏатги, мугӏрулгӏан тӏадегӏанал, кьварараб гӏамал-хасияталъул рокьулел магӏарулазул сипаталги. Гьелъухъ гьоболлъи бала гӏолохъанлъиялъул талихӏал лахӏзатазухъе тӏадруссине бокьарал ботӏрол рас хъахӏлъарал харабазги, гьанжего гьанже гӏищкъул асирлъуде ккарал гӏолилазги, магӏаруллъиялъухъ рокьи ккаразги. Унго-унгояб магӏарул кочӏоца битӏахъего гъаргъар базабула тӏолабго черхалда.
Цӏияб гӏумруялде
лъурал галаби
Раисат Тажудинова. Гӏолохъанай кочӏохъан. Гьанжего гьанже магӏарул кочӏолаб маданияталде галаби тӏамулей йигей. Жийго гӏолохъанай йикӏаниги, гӏумруялъул хӏакъалъулъ пикраби цӏубарал руго Раисатил. Кочӏолаб маданияталда аслияблъун Раисатица рикӏкӏунеб буго магӏарул кочӏол берцинлъиги, хаслъиги, роценги цӏунун бажари.
— Жакъа кочӏохъабазул буго захӏматаб гӏумру. Машгьурлъизе ккани, къваригӏунел руго спонсоралги. Гьел ругони, кечӏ ахӏизе кӏудияб махщелги къваригӏунеб гьечӏо. Дие гьедин бокьун гьечӏо. Бокьун буго бергьенлъаби дирго захӏматалдалъун росизе. Гьелъулъги дие чӏагояб мисаллъун ккола жиндир кочӏоца магӏарул маданият берцин гьабулей, Дагъистаналъул мустахӏикъай артистка Гӏайшат Тажудинова. Махщелчилъиялъулъ гьелъул нух ккун ани, ракӏчӏола дие битӏккеялда, — йилан абула Раисатица.
Тӏоцебесеб лъай-хъвай
Лъиениги балъголъилъун кколаро, маршруткабазда рекӏиндал, гьенир жанир ахӏулел рукӏунел магӏна гьечӏел кучӏдул — «кодоре росизе гӏоркь гурел, гӏодор лъезе тӏину гурел». Рагӏабазухъ цӏакъго кӏвар кьун гӏенеккани, аскӏор гӏодор чӏараздаса нечон, ракьулъе тӏерхьун унел ругеб гӏадаб хӏалги лъугьуна.
Амма цо къоялъ шагьаралъул маршруткаялда рекӏарай дида тохлъукьего рагӏана гӏажаибго берцинаб, рекӏелъе бортун унеб гьаракьалъ ахӏулеб кечӏ. Ахӏулеб кечӏ лъугӏизегӏан ана дун, маршруткаялдаги рекӏун. Цинги дица шоферасда гьикъана кечӏ лъица ахӏарабилан. Ва гьей ятана дирго ракьцояй Раисат Тажудинова. Тӏоцебе рагӏарабаго, асир гьаюна дун гӏолохъанай кочӏохъаналъул гьаркьица. Ва ракӏалде ккана гьелъулгун лъай-хъвай гьабизе.
Гӏажаибаб кочӏолаб
дунялалда гьоболлъухъ
Дица цее чӏезаюн йикӏаралдаса гӏадатияй ятана Раисат. Ахӏидал, гьей ячӏана газеталде гьоболлъухъе.
— Ахӏеха, Раисат, биччай цо гьаракь, — илан абун бахъиналде, умумузул бакъаналда хӏасратго кечӏ ахӏана гьелъ.
Раисат Тажудинова гьаюна Хунзахъ районалъул Коло росулъ. Гьитӏинго бижана магӏарул кечӏ-бакъаналде рокьи. Раисатил хъизамалда хасаб бакӏ кколаан магӏарул некӏсияб кочӏоцаги. Гьел ахӏула магӏарул кочӏол маданияталда гвангъараб нур рещтӏинабурай Раисатил ункъгӏал Гӏайшат Тажудиновалъги. Рагӏулаан гьел кочӏохъаналъул кӏудияв инсул ва кӏодоэбелалъул гъасдаги. Ва гьале гьанже гьеб пиша ирсалъе щун буго Раисатиеги.
Кочӏохъаналъул ракӏалдещвеяздаса
— Дун эбел-инсуда цадахъ Москваялда йикӏана гӏумру гьабун. Цӏалулейги Москваялъул школалда йикӏана. Дагъистаналде ячӏана 11 классалда цӏализе. Дун гӏумруялъго налъулай йиго эменлъиги эбеллъиги дие гьабурай ункъгӏал Гӏайшат Тажудиновалъе. Гьелъул баракаталдалъун бижана дилъ магӏарул кочӏоде кӏудияб рокьи. Гьелъ малъанин абизе бегьула кечӏ ахӏизеги, ахӏулеб кочӏол адаб гьабизеги, гьелдаго цадахъ мугӏрузул ясалъул борхатаб намус цӏунизеги, — ян абуна Раисатица.
Школа лъугӏун хадубги, Раисат эбел-инсухъе Москваялде тӏадюссана. Цӏализе лъугьана правовияб академиялде. Амма гӏолилалъул гьениб ракӏ сасунеб букӏинчӏо. Кочӏоде бугеб гӏищкъул куркьбаздаги рекӏун, Раисат цӏидасанги Дагъистаналде тӏадюссана.
Тӏоцебесеб роржен
Ва байбихьана гӏолилалъул цӏияб, творческияб гӏумру. Рагӏана магӏарулазда гӏолохъанай кочӏохъаналъул хӏасратаб гьаракь.
— Ахӏулеб буго Раисат Тажудиновалъ — гьадинал лъазабияз чанго нухалда данде гьаруна магӏарулал.
20 сон барай кочӏохъаналъ Муи Хӏасанова ракӏалдещвеялъе тӏобитӏараб республикаялъул фестивалалда Раисатица ахӏараб кочӏое тӏадегӏанаб къимат кьуна жюриялъул член, Россиялъул мустахӏикъав артист Тӏагьир Къурачевас:
— Жакъа дида рагӏана гучаб гьаракь. Гьелъулъ бихьулеб буго магӏарул кочӏол цӏияб букӏинесеб. Магӏарул кочӏол роценги, берцинлъиги, пасихӏлъиги цӏунарай кочӏохъаналъ дун асир гьавуна, — ян абуна гьес, гӏолилалъул кочӏое къимат кьолаго.
Ва магӏарул музыкалияб маданияталде жание Раисат лъугьун ячӏана жиндирго хасал къагӏидабигун. Гьелъул тӏоцебесеб роржен батана икъбалаблъун.
Тӏоцересел бергьенлъаби
Дица тӏадехун рехсараб фестивалалда босараб бергьенлъиялъ кунчӏизабуна Раисатил саринал — гьез магӏарулазе кьезе байбихьана хинлъи. Гьел ихлъун рещтӏана гӏенеккаразул ракӏазулъ.
Аслияб къагӏидаялда Раисат Тажудиновалъ кучӏдул ахӏула Каримулагь Гӏабдулаевасул, Ахӏмад Гӏамирхановасул ва халкъиял бакъназда. Рукӏунаро гьелъул авторал гьечӏел рагӏабиги. Раисат заочно цӏалулей йиго ДГПУялъул музыкалияб факультеталда.
Кватӏичого, ай анкьабилеб апрелалда, кочӏохъаналъ Гьудуллъиялъул рокъоб кьезе буго тӏоцебесеб концертги.
Нух битӏаги дуе,
Раисатил кечӏ
Ракӏчӏола кочӏохъан жинцаго тӏасабищараб нухккун инин цеехунилан. Гьейин абуни, гьабсагӏаталда йиго битӏараб нухда — магӏарулалъул сабруги, сценаялда йикӏа-яхъине лъайги, дурусаб магӏарул кечӏ-бакъанги. Гьеб кинабго цӏунизе кӏвани ва цогидалги гӏолохъанал кочӏохъабазе мисаллъун хутӏун бажарани, Раисат Тажудинова йикӏине йиго магӏарулазул йокьулей кочӏохъанлъун.