Рихьизе рокьула лъикӏал гӏадамал
Редакциялде рачӏарал кагътазул обзор
«Хӏакъикъаталъул» гьурмазда рахъарал кагътазул хӏасил гьабун хъварал макъалабазда аслияб куцалда бицунаан цӏалдолез кагътал хъваялъе гӏилла бугин бакӏазда ругел хӏакимзабазухъа кумек щолеб гьечӏолъи. Хъвалеб букӏана мискинчиясул гӏарзазухъ гӏенеккулев, гьесул масъалаби тӏуразарулев хӏаким, къад чирахъ бакун валагьаниги, ватулев гьечӏилан. Ракӏунтун бицунеб букӏана разиго гӏадатияв чиясул квер босулев, недегьго гьесул бадиве валагьулев чи халкъалъе хъулухъ гьабизе таразулъ къанагӏалъун вугилан, жидеего щолеб-толеб жоялда хадур лъугьун, хӏакимзаби гӏадамазул масъалабазде регӏулел гьечӏилан.
Жакъайин абуни, нижее бокьун буго яхӏ-намусги иманги бугел гӏадамазул, гьез халкъалъе гьарулел пайдаял ишазул хӏакъалъулъ бицине. Масала, Шамил районалъул Гъоркьа Бакълъухъа 82 сон барав Салихӏов Мухӏамадрасулица хъвалеб буго: «Гъоркьиса 18 декабралда гьуъразул унти сахгьабизе дун ана Къахӏиб бугеб районазда гьоркьосеб больницаялде. Бетӏерав тохтур Мухӏамадхӏажияс дир хал-шал гьабуна ва вегизавуна. Больницаялда чӏезабун буго лъикӏаб рацӏцӏалъи, тӏагӏамаб квен, чӏезабураб заманалда кьола дараби. Гьениб дие щибниги камураб жо течӏо, тӏадчӏун дараби гьаруна. Жакъа дун саламатаб сахлъиялда вуго. Бокьун буго дир гьабураб адаб-хӏурматалъухъ гьенир хӏалтӏулел лъикӏал гӏадамазе халатаб гӏумруги, сахлъиги, рохелги гьаризе, дун гӏадин, Аллагьги разилъаги гьездаса», — ян.
Гӏемерисел унтараз больницабиги тохтурзабазул тӏаса-масагояб хӏалтӏиги какулеб мехалда, Къахӏиб бугеб больницаялъул хӏалтӏи лъикӏаб даражаялда гӏуцӏун букӏин ва унтарал сахгьариялъе гьенир лъикӏал шартӏал чӏезарун рукӏин нилъ рохизе ккараб хӏужа буго.
Гумбет районалъул Данухъ росулъа Мухӏамад Султӏанмухӏамадовас редакциялде битӏун бачӏараб кагътида хъвалеб буго: «Дун ккола тӏоцебесеб группаялъул инвалид. 1977 соналда авариялде ккана, хвана цадахъ вукӏарав 12 чи. Вегана гӏемерал больницабазда, амма кибго батичӏо ветераназул госпиталалда гӏадаб гӏадлуги, гурхӏел-рахӏму бугел ва кьолеб-толеб жо цӏехоларел тохтурзабиги ругеб больница. Нижер, ай херазул рахъалдасан баркала киназего, баркала киналъухъго», — ян.
Ветераназул госпиталалъул хӏалтӏухъабазе унтараз кьолел баркалаялъул кагътал редакциялде гӏемер рачӏуна. Ракӏбацӏцӏадго хӏалтӏулеб ва унтарал разияб гьеб больницаялъул медицинаялъул коллективалъе нижецаги баркала загьир гьабулеб буго.
«Ракӏбацӏцӏадав инсан» абураб цӏаралда гъоркь Чӏарада районалъул газеталъул хӏалтӏухъан Къасум Чахчиевасул кагътида хъвалеб буго: «Чӏарада районалъул чӏахӏияб гӏелалда гьоркьов цониги ватиларо Цӏулдаса Гӏумаров Хӏажи лъаларев чи. Сабруяв ва ракӏбацӏцӏадав инсан, мухбир ва жамгӏияв хӏаракатчи Хӏажица лъалкӏ тана гӏагараб росдал ва районалъул тарихалда. 1956 соналъ лъугӏизабуна гьес Кьорош росдал гьоркьохъеб школа, хадуб Буйнакскалъул педучилище, хӏалтӏана Суметӏа росдал байбихьул школалда, Гӏурухъ-Сотӏа школалъул заведующийлъун. Гьес кӏудияб кӏвар кьолаан учительзабазул жавабчилъи борхизабиялде, цӏалдохъабазе гъваридаб лъай ва лъикӏаб тарбия кьеялде, школазул материалияб рахъ лъикӏлъизабиялде. 1968 соналда, заочно цӏалун, Хӏажица лъугӏизабуна пединститут. Хӏалтӏана Цӏулда росдал школалда тарихалъул ва физкультураялъул учительлъун. Гьесул цӏалдохъабаз призалъулал бакӏал росулаан районалъул предметиял олимпиадабаздаги спортивиял къецаздаги. 55 сон кьуна гьес, гӏун бачӏунеб гӏелалъе тарбия ва лъай кьолаго. Гьелдаго цадахъ Хӏажи вукӏана жигарав жамгӏияв хӏаракатчиги. Гьев чанго нухалъ вищана росдал советалъул депутатлъун, лекторазул къокъаялъул председательлъун, 15 соналъ тӏубазабуна профсоюзалъул комитеталъул председателасул, хадуб партиялъул организациялъул секретарасул хъулухъал. 1973 соналда районалъул учительзабазда гьоркьоб тӏобитӏараб социалистияб къецалда босараб тӏоцебесеб бакӏалъухъ Хӏажие медальги кьуна. Ракӏбацӏцӏадаб хъулухъалъухъ гьев мустахӏикълъана гӏемерал шапакъатазе. Гьесие кьуна «РФялъул халкъияб лъайкьеялъул отличник», «РФялъул лъайкьеялъул хӏурматияв хӏалтӏухъан», «Дагъистаналъул мустахӏикъав учитель» абурал цӏарал, гьединго ДРялъул хӏукуматалъул, лъайкьеялъул министерствоялъул ва райОНОялъул Хӏурматиял грамотаби.
Жакъа Хӏажи мустахӏикъаб хӏалхьиялда вуго, гьес бажарараб кумекги гьабула гӏагараб росдаеги школалъеги.
Хӏажил йикӏарай цӏалдохъан Патӏимат Асхӏабовалъ гьесие сайгъат гьабун хъвараб кочӏолъ руго гьадинал мухъал:
Дир хирияв учитель,
Ургъула дун кидаго,
Кинаб гӏелмудал гъамас
Дуца дие рагьараб.
Ралъад гӏадаб гъваридаб
Кьуна дуца лъай, гӏакълу.
Лъикӏаб тарбия щвана,
Куцана сундуего.
Инсанас ракьалда толеб лъалкӏ ккола гьес халкъалъе гьабураб лъикӏлъи. Лъикӏав учителас ракьалда толеб лъалкӏ гъваридаб букӏуна. Гьес гъваридаб лъайги камилаб гӏакълуги кьурал цӏалдохъаби ккола улкаялъул бечелъи ва лъикӏаб букӏинесеб. Хӏажи Гӏумаров унго-унголъунги лъикӏав учитель вукӏараблъи бихьула гьесул цӏалдохъаби гӏумруялъул битӏараб нухдасан иналъ, ва гьез Дагъистаналъул цӏар борхатго кквеял, щибго щаклъиги гьечӏо» — ян.
«Хӏабиб-хӏажил гьунар — росдаего мисал» абураб цӏаралда гъоркь хъвараб Сиражудин Шамсудиновасул макъалаялда буго: «Мигӏарсо росулъа Лабазанил вас Хӏабиб-хӏажияс жиндирго гӏумру бухьинабуна динияб лъай тӏалаб гьабиялда. Диналде данде къеркьолеб заманалда, исламияб гӏелму лъазабизе, гьев балъго хьвадана Цӏумада районалъул Хуштада росулъе. Щулияб лъайгун тӏадвуссиндал, гьес жиндирго кьерилазда малъана Къуръан цӏализеги. Хӏабибица 14 нухалъ борхана хӏеж ва иргадулаб нухалда хӏежалде унаго, гӏарабазул ракьалда ккараб камиялъул хӏакъалъулъ гьадин бицана: «Нижер къокъаялда цадахъ йикӏана Патӏимат абурай ункъо лъимадул эбел. Бидул тӏадецуй цӏикӏкӏиналъ, гьей лъикӏ гьечӏого йихьун, дица кӏвараб кумек гьабуна, амма гьей нухда хвана. Кколеб куцалда Патӏимат Сириялъул ракьалда юкъана. Гьеб буго дир рекӏелъа унареб лъугьа-бахъин», — ан.
Хӏабиб-хӏажиясул руго микьго васги цо ясги. Сириялда рагъ ккелалде цебе, исламияб цӏалиги тӏубан, гьениса нахъруссана гьесул васал Мухӏамадги Гӏабдулаги. Мухӏамад ккола Хасавюрталда бугеб исламияб университеталъул мугӏалим, Гӏабдула хӏалтӏулев вуго Мигӏарсо росдал мажгиталъул имамлъун, гьединго мадрасаялда мугӏалимлъунги. Патӏиматица лъугӏизабуна Хасавюрталъул исламияб универститет, заочно цӏалулей йиго аспирантураялда, мажгиталда гьелъ малъула росдал ясазда Къуръан. Гьоркьохъев вас Гӏабдурахӏман ккола росдал басрияб мажгиталъул будун. Хӏабибил лъималазул анлъгоясе щвана тӏадегӏанаб исламияб цӏали, лъабгояв цӏалулев вуго Хасавюрталъул исламияб университеталда. Къокъго абуни, Хӏабибицаги Загьрацаги (сураталда) тарбия кьун гӏезабуна берккезе хӏинкъараб, росуго бахилаб, гӏелмуги бугеб гӏаданлъиги лъалеб ичӏго лъимер.
Хӏабиб ккола Гъоркьа Мигӏарсо росдал имамги будунги. Гьеб гьайбатаб хъизамалъе сундулъго тавпикъги гьарун, бокьун буго гьезие сайгъат гьабизе Шамил районалъул Гӏасаса Салихӏов Къурамухӏамадил назмуялдаса гьал рагӏаби:
Гӏагараб мацӏ гӏадин, гӏараб мацӏги лъан,
Гӏумру берцинлъарал диналъул хӏубал.
Къуръанги хӏадисги бидулъги бессун,
Сабру хӏеренлъарал хӏайранал вацал.
Гьездаса мисал босун гӏумру гьабуни, щивав бусурманчиясул къавуде баракат щвела», — ян.
Бахиллъана дун Хӏабиб-хӏажил ва гьесул хъизан-кулпаталъул гӏумруялда, гьезул исламияб лъаялда, гьез гӏадамазе гьабулеб бугеб лъикӏлъиялда ва ракьалда тезе ругел гъваридал лъалкӏазда. Гьез ракӏалдещвезаруна машгьурав шагӏир Гӏадало Гӏалиевасул гьал рагӏабиги:
Бицунге гьереси, гьабуге квешлъи, —
Гьединаб букӏана дие тарбия.
Бицинчӏо гьереси, гьабичӏо квешлъи, —
Гьелъулъ буго къуват дир къисматалъул.
Нури Нуриев