Махӏачхъалаялъул аэропорталда рагьана халкъазда гьоркьосеб терминал. Гьелъул кумекалдальун аэропорталъ лъагӏалида жанив къабул

гьавизе вуго 300 азарго чи. Гьеб ккола цебеялда данде ккун лъабго нухалъ цӏикӏкӏун.

Терминал рагьиялъул тадбиралда гӏахьаллъана ДРялъул бетӏерасул ишал тӏуралев Сергей Меликов, РФялъул транспорталъул министрасул заместитель Игорь Чалик, Дагъистаналъул пачалихъияв секретарь Хизри Абакаров ва цогидал.

«Цӏияб терминалалъ рес кьезе буго лъикӏаб даражаялда гьалбал къабул гьаризе, аэропорталда хӏалуцин лъугӏизабизе. Гьеб цебе букӏаралдаса анцӏго нухалъ гӏатӏидаб бугелъул»,-

ан абуна Сергей Меликовас.

Дагъистаналъул бетӏерасул пресс-хъулухъалъ нухмалъулев Низами

Хӏажибалаевас бицана терминалалъул гӏатӏилъи 11 азарго квадратияб метр бугилан. Гьелъул кумекалдалъун сагӏаталда жаниб аэропорталда къабул гьавун бажарулин 190 чи.

Гьединаб техникияб рахъалъ лъикӏал шартӏал ва телетрапал ругеб терминал Северияб Кавказалъул федералияб округалда гьечӏиланги тӏаде жубана гьес.

Махӏачхъалаялъул аэропорталда цӏияб терминал базе ва гьанже заманаялъул тӏагӏел-алаталдалъун хьезабизе инвестораз харж гьабуна миллиардгун 600 миллион гъурущ.