Ахираб заманалда Дагъистаналъул водительзабазул рахӏат хвезабун буго газ хиралъулеб букӏиналъ.

Махӏачхъалаялъул заправкабазда гьелъул багьа бахун буго 37 гъурщиде. Цӏех-рех гьабураб заманалда баянлъана улкаялъул цогидал регионаздаги газалда сверухъ ахӏвал-хӏал нилъер гьанибго гӏадаб букӏин.

Амма цогидал бакӏазда Дагъистаналда гӏадин гӏемер гьечӏо газалда хӏалтӏулел машинаби. Гьелъги батила, республикаялъул водительзабазда гьеб суал цӏакъго унтун бугеб.

Хӏатта, республикаялда газ бичулел заправкабазда дандечӏеялцин унел руго. Водительзабаз хӏукму гьабун буго гьеб учузлъизегӏан бензин хӏалтӏизабизе. Газ хиралъиялъе гӏиллалъунги цо-цо экспертаз рикӏкӏунеб буго Цӏияб Уренгоялда цӏатариялъул заводалда цӏа ккей.

Гьезулго пикруялда рекъон, газ учузлъизе рес гьечӏо къватӏисел пачалихъазде бичулеб цӏатариялъул къадар дагьги гьабун гьеб жанибехун буссинабичӏони.