Гьал къоязда редакциялда гьоболлъухъ вукӏана Шамил имамасул цӏаралда бугеб Халкъазда гьоркьосеб маданияталъулгун тарихалъулфондалъул президент, ДРялъул Жамгӏияб палатаялъул член Гӏалиасхӏаб Хархачаев. Исана гьес тӏубана 70 сон. Гьеб юбилейги баркун, нижеца гьадинаб гара-чӏвари гьабуна гьесулгун.
– Гӏалиасхӏаб, гӏумрудул 70 сон– гьеб дагьаб жо гуро. Чанги батӏи-батӏиял лъугьа-бахъинал ккун ратила. Байбихьи кинаб букӏараб?
– Дир умумузул ракь ккола тӏелкьадерилгун гӏорхъода бугеб Кӏуяда росдал Чарахъ абураб кули. Гьениб букӏун буго 160-ниги цӏараки. Дир эмен 1939 соналдаса нахъе вукӏана рагъда – цин Финляндиялъулгун ва хадув – Кӏудияб Ватӏанияб рагъулъ. 1944 соналда, жеги дун гьавилалдегоха, нижер росдал жамагӏат гочинабуна Чачаназул Замаюрт абураб росулъе.
Гьебго соналъул февралалда, Сталинил указалда рекъон, чачанал ритӏана Казахстаналдегун Сибиралде. Магӏаруллъиялъул гӏемерал районал гочинаруна гьенире. Гьеб букӏана рагъул заман ва росабалъ хутӏун рукӏинчӏо ярагьунел бихьинал – рукӏана хералгун гӏисинал ва руччаби. Гьебмехалда дир эбелалъ бан букӏана 13 сон. Гьелда цӏакъ лъикӏ ракӏалда буго гьеб заман.
Нухда хун вуго гӏемер чи. Эбелалъ бицунаан, жал Замаюрталде щвараб мехалда, цӏеда лъураб хьагги хьагинир рарал хинкӏалги ратанин чанги бакӏалдаян абун. Гьедин инжитго рачахъун руго чачанал жидер ракьалдаса.
Гьединго инжитго рахъинаруна гьенире дагъистаниялги. Масала, эбелалъ бицунаан, росу тун инарин данде чӏараб мехалда, солдатас ботӏролъ автоматги кьабун, гьеб бакӏалдаго хванилан Жавгьарат абурай гӏадан. Гьей я юкъизе, я гьениса нахъе ячине течӏила. Росулъа къватӏире киданиги рахъинчӏел гӏадамазе бокьун букӏинищха чияр ракьалде ине.
1946 соналда эмен тӏад вуссана рагъдаса. 13 соналъ гьабуна магӏишат Чачаналда. 1957 соналда, улкаялъул нухмалъиялде Никита Хрущев вачӏиндал, чачаназе ихтияр кьуна ватӏаналде тӏадруссине.
Нижер жамагӏаталъе ихтияр кьечӏо рукӏарабго бакӏалде тӏад руссине– СССРалъул Министрзабазул Советалъул хӏукмуялда рекъон, нижер росдал ракьал рикьун ругоан Гьонода, Къорода росабаздаги Кӏуяда росабазда гьоркьор. Гӏатӏиракьалда бихьизабуна нижер гӏадамазе бакӏ – гьанжесеб Нечаевка росулъ (гьенив гьавуна дун). Рукӏана цо-цоял росулъе тӏад руссун аралги – бачӏун милициялъ нахъе рачахъана.
Нечаевкаялда лъугӏана дир школаги. Гьенисан ана армиялдеги. Вукӏана авиациялда эскадрильялъул старшиналъун ва вахъана авиамеханиклъун. Хъулухъ гьабуна разведкаялда. Ункъо моцӏалъ вукӏана Египеталъул рагъдаги. Гьеб букӏана балъгояб операция. Нижер рагъулаб часть букӏана Псков областалда.
Египеталдаса дица битӏараб кагъат унаан гьенибе ва, Псковалъул печаталги чӏван, гьенисан битӏулаан рокъобе.
– Армиялдаса тӏад вуссараб мехалдаги механиклъунищ хӏалтӏизе арав мун?
– Дун ана цӏорол кӏор гьабулеб заводалда хӏалтӏизе. 20 сон барав дун тӏамуна АТСалъул (автоматическая телефонная станция) начальниклъун. Гьенив хӏалтӏана ичӏго моцӏалъ. Гьенисан заводалъ витӏана Гусь-Хрустальный абураб шагьаралде цӏорол техникумалда заочно цӏализе. Цинги дун хӏалтӏана цӏорол кӏор цехалда сменаялъул начальниклъун. 1981 соналда ана
ЧӏикӏабГЭСстроялда хӏалтӏизе.
– Тӏубанго батӏияб пиша –захӏмалъичӏищ гьеб хӏалтӏи дуе?
– Гьеб цӏорол гаразул цехалда букӏана захӏматаб хӏалтӏи. Индиялдаса, Венгриялдаса, Румыниялдаса ва цогидал бакӏаздаса бачӏинарураб 18 компонент гъорлъги гьабун, цӏер
гьализабулаан – корониб букӏунаан 1500 градусалъул багӏари. Гьединаб бакӏалдаса бетоналъул заводалде ин дие букӏана цӏакъ бигьаяб хӏалтӏи.
Миякьоб ва Рихьуниб ГЭСал ралаго, байбихьудаса ахиралде щвезегӏан хӏалтӏана дун. Байбихьана бетон хӏадурулеб цехалъул начальникасдаса ва ахиралда вукӏана профкомалъул председательлъун. 12 азарго чи вукӏана гьенив хӏалтӏулев.
ГЭСал рай гуребги, нижер идараялъ гьарулаан цогидал хӏалтӏабиги. Масала, Махӏачхъалаялда кьоял, хӏалтӏухъабазе рукъзал кьеялъул мурадалда – гӏемертӏалаял минаби
рана; рана гьел Буйнакскиялдагун Гъизилюрталдаги.
– Дида рагӏана, Шамилхъалаялда цӏар лъезе дуца хӏаракат гьабунин абун …
– Битӏараб буго – дир хӏаракаталъ ккана гьеб гьедин. Доб поселокалда букӏана Светлогорск абураб цӏар. 1985 соналда Светлогорскиялда
тӏобитӏана профсоюзалъул конференция. Гьенив кӏалъалаго, дица загьир гьабуна, поселокалда Шамил имамасул цӏар лъезе кколин абураб пикру. Тӏадеги рахъун, гьелъие
хъат чӏвана делегатаз. Гьеб пикру рекӏее гӏечӏо стройкаялъул начальниклъун вугев гӏурус миллаталъул чиясе ва Дагъистаналъул обкомалъул тӏоцевесев секретарьлъун вугев
Мухӏамад Юсуповасе. Шамилидехун бербалагьи расги лъикӏаб букӏинчӏо доб заманалда.
– Гьединаб заманги букӏаго, кин гьеб пикру дур ботӏролъе бачӏараб?
– Дун вуго Шамилил мурид Хархачил васасул вас. Гьев гьавун вукӏана 1832 соналда. 70 сон барав
чи, хъизанги хун, жиндиего чӏужу ялагьизе Къахӏиве ун вуго гьев. Гьес ячана жидедаса 53 соналъ гьитӏинай
чӏужу. Гьелъие гьабуна ункъо лъимер: кӏиго ясги кӏиго васги. Гьезул цояв вуго дир эмен. Кӏудияв инсуца
бана 107 сон. Гьев хвана 1939 соналда. Дир эмен гьавуна, кӏудияв инсуца 88 сон бараб мехалда. Гьеб мехалда кӏудияй эбелалъ бан букӏана 37 сон.
Кавказалъул рагъул хӏакъалъулъ гӏемер бицунаан дир инсуда
кӏудадаца. Инсуца, тӏамурги бачун, кӏиго сагӏаталъ тӏатӏала ахӏулаан Шамил имамасул хӏакъалъулъ кучӏдул.
Диеги гӏемер бицунаан Шамилил хӏакъалъулъ. Гьитӏинго рекӏелъ тӏинкӏараб рокьул хӏенехӏалъ киданиги течӏо дун Шамилил темаялдаса
ватӏалъизе.
– Шамилидеги, ватӏаналъул тарихалдеги, умумуздеги рокьи рекӏелъ цӏуни лъикӏаб иш буго, амма темаги гьукъараб ва киналго партиялъул пикруялда хадур унеб заманалда Шамилил цӏар кьеян кӏалъазе вахъин бахӏарчилъи кколаха…
– 1971 соналда бетоналъул заводалда хӏалтӏизе вачӏана дун. Гьениб лъай-хъвай ккана Гӏумарин абурав лъебеласулгун. Гьесулгунги гӏемер кколаан Шамилил хӏакъалъулъ хабар. Гьесухъа щвана дие «Шамилил цо-цо рагъазулъ дагъистаниязул хвалчадул паркъи» абураб тӏехь цӏализеги. Гьеб букӏана 1951 соналда басмаялда бахъараб тӏехь. Гӏемер цоцазухъе кьун цӏалиялъ, хӏул-хӏулун рукӏана гьелъул тӏанчалго. Чанцӏулго цӏалана дица гьеб. Гьединлъидалги рес букӏинчӏо Шамилил тема кӏочон тезе.
1985 соналда конференциялда кӏалъан хадуб, дун, парткомалъул бюроялъул член, ахӏана ЧӏикӏабГЭСстроялъул парткомалде ва лъазабуна: гьеб хабар къотӏинабичӏони, партиялдаса рехизе вугоян абун. Дица жаваб кьуна, нилъер миллаталъул бахӏарчи мустахӏикъав вугин ватӏаналда даимлъиялъеян абун. Кӏиго соналъ букӏана гьеб сабаблъун дагӏба. Ахирги ахӏана обкомалде. Юсуповасги лъазабуна, тӏокӏалъ гьеб суал борхугеян абун.
Доб заманалда дун вукӏана Захӏматалъул коллективалъул советалъул председатель. Щибаб идараялъул нухмалъиялъе гьукъулаан, гьеб советалда дандбачӏого, хӏукму гьабизе. Дунги ЧӏикӏабГЭСстроялъул управлениялъул начальник Виталий Жолнерчукги унел рукӏана Москваялде. Гьеб букӏана хӏалтӏул сапар. Самолеталда дун ккана Фазу Гӏалиевалда аскӏов. Бицана гьелда дирго рекӏелъ бухъардулеб пикру. Гьелъиеги асар гьабуна гьеб пикруялъ ва рагӏи кьуна кумек гьабизе.
Фазуца гьеб пикру бицун буго политбюроялъул членлъун вукӏарав Рой Медведевасда. Гьевгун дандчӏвазе ахӏана дун Фазуца. Бугеб хӏал бицана дица. «Дица Кавказалъул рагъул хӏакъалъулъ гӏемер тӏахьал цӏалана.
Шамил вуго машгьурав инсан, ватӏаналда бахӏарчилъун рикӏкӏунев чи. Гьесул цӏар поселокалъе кьеялъулъ щибго бегьунгутӏи гьечӏо», — ян абуна
Медведевас. Дицаги гьесда гьарана, гьеб пикру загьир гьабураб кагъат кьеян абун. Гьебсагӏатго хъван кьуна кагъатги. Дагъистаналде тӏад вуссаравго, Юсуповасухъе ана дун, гьебги босун. Гьедин кьуна поселокалъе цӏар.
– Сунца къуват кьолеб букӏараб ракӏалде ккараб жо гӏумруялде
бахъинабиялъе?
– Къуват кьолаан ватӏаналде, вижараб ракьалде рокьиялъги. Гьебги нилъее ирсалъе щун буго умумузухъанго. Дагъистаниязул бидулъ бессун буго эбел-инсул адаб-хӏурмат
гьабиги, ватӏан бокьиги, тарих цӏуниги. Масала, дир эбел-инсул заман букӏунароан гьадин вукӏа, додин гьабеян малъаризе. Гьез ниж куцана жидерго мисалалдалъун, щибаб къоялъ гьабулеб хӏалтӏудалъун ва жидерго умумузул гьабулеб букӏараб хӏурматалдалъун. Гьанже гьеб лъикӏаб хӏаракат гьанже кӏочонеб буго.
Гӏалиасхӏаб Хархачаев хӏалтӏана батӏи-батӏиял бакӏазда,вукӏана Гъизилюрт шагьаралъул бетӏерасул заместительлъунги ДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутатлъунги. Гьесул жигараб гӏахьаллъигун 2013 соналда Калугаялда рагьана «Дагъистан» абураб культурияб центрги Шамил имамасул музей-рукъги.
Гьеб ишалъе Сагӏид Амиров ватана кумекалъеянги бицана Гӏалиасхӏабица. «Музей-рукъ къачӏазеги гьеб рагьиялъул тадбиралда гӏахьаллъизе Дагъистаналдаса вакилзаби ритӏиялъеги кӏиго
миллионгун ункънусазарго гъурущ харж гьабуна гьес. Кӏудияб кумек гьабуна доб заманалда Калугаялъул губернаторлъун вукӏарав Анатолий Артамоновасги, областалъул Культураялъул министерствоялъги, бакӏалъул музеялъул хӏалтӏухъабазги. Хӏалае вахъунаан Москваялда хӏалтӏулев вукӏарав Рамазан Гӏабдулатӏиповги», – ян бицана Хархачаевас.
Кавсарат СУЛЕЙМАНОВА