РФялъул Гӏелмуялъул ва тӏадегӏанаб лъай кьеялъул министерствоялъул гӏахьаллъигун улкаялъул студентазда гьоркьор тӏоритӏулел къецазда гьоркьоб бищунго къадруяблъун рикӏкӏуна «Я – профессионал» абураб Тӏолгороссиялъул олимпиада. Исана гьеб тӏобитӏана ункъабилеб нухалда ва гьелъул букӏана 72 батӏияб рахъ – филологиялдаса робототехникаялде гӏунтӏун.

2020-2021 цӏалул соналда рехсараб олимпиадаялда гӏахьаллъана Дагъистаналдаса 11393 студент.

Рикӏкӏадасан гӏуцӏараб туралъул хӏасилалда гьезда гьоркьоса тӏаса вищана 1393 чи. Финалалда гӏахьаллъана 55 студент.

Гьезда гьоркьосаги ункъояв мустахӏикълъана олимпиадаялъул дипломазе: Камил Ниналалов (ДГУ), Хӏасан Гучучалиев(ДГУНХ), Айна Мурадова (ДГПУ) ва Фатима Сайпудинова (ДГПУ).

Гьел студентазе бигьалъи гьабизе буго церетӏурал Россиялъул вузазул магистратураялде, аспирантураялде ва ординатураялде цӏализе лъугьунаго. Гьединго гьезие рес кьола профилияб компаниялда стажировка гьабизе. Олимпиадаялда медаль щварал гӏолилазе кьезе буго гӏарцул премияги – 100-300 азарго гъурущ.