Махӏачхъала шагьаралъул администрациялъ пассажирал раччулеб транспорталъул компаниялъул бетӏергьаби мукӏур гьаруна, рекӏадухъ багьа бахинабичӏого тезе. 31 августалда, социалиял гьиназда хъвалеб букӏана, Махӏачхъалаялда хӏалтӏулеб СТС (Современная Транспортная система) абураб компаниялда ракӏалда бугин шагьаралда жаниб рекӏадухъ багьа 23 гъурщидаса 27 гъурщиде бахинабизе абун. Амма 1 сентябралда тахшагьаралъул мэриялъ баян кьуна жидеда кӏванин тӏадехун бицен гьабулеб компаниялъулгун къотӏи гьабизе ва заманаялъ багьа букӏараб къагӏидаялда тезе.

Нижеца цересел номеразда бицун букӏана, республикаялда автомобилазде тӏолеб хъахӏилаб цӏатариялъул багьа циндаго хиралъиялъул хӏакъалъулъги. 37 гъурщиде бахана газалъул цо литрадул багьа.

Гьелда тӏасан бриффинг тӏобитӏун букӏана дагьал церегӏан къояз «Дагестанская правда» газеталъул редакциялда. Журналисталгун дандчӏвазе вачӏун вукӏарав ДРялъул Энергетикаялъулгун ЖКХялъул министр Ризван Мурадовас абуна, цӏатариялъул багьа бахиналъе гӏилла кканин гьеб хӏадур гьабулел заводазул гӏемерисел къан рукӏин. Гьенир ремонталъул хӏалтӏаби рагӏула унел. Гьединго, араб соналъ хасел Европаялъул пачалихъазда цӏакъго согӏаб букӏанин, гьебги кканин газ хиралъиялъе гӏиллалъунин бицана министрас. Амма багьа бахинабулел чагӏазда тӏадецуй гьабизе жидер рес гьечӏинги мукӏурлъана Р. Мурадов. Щайгурелъул гьел пачалихъалъул тӏалабазда гъоркье кколарелъул. Амма жидеца гьезулгун къотӏи-къаял гьарулел ругин, ноябрь моцӏалдехун бугониги газалъул багьа цебе букӏараб бакӏалде бачӏинабизеян бицана энергетикаялъулгун ЖКХялъул министрас.

Амма цо-цо шагьаразда рекӏаралъухъ багьа хиралъизе байбихьана республикаялда. Мисалалъе, Каспийск шагьаралда маршруткаялда рекӏаралъухъ гьанже кьезе ккола 20 гъурущ, букӏана 15 гъурущ. Багьа хиралъана гьаб ахираб анкьида жаниб. Гьединго социалиял гьиназда хъвалеб буго «БуйнакскМахӏачхъала» маршруткаялдаги багьа хиралъанин абун. 100 гъурущ букӏараб бакӏалда гьеб бахун буго 120-ялде.

Ашахан ЮСУПОВ