Гӏелмиябгун сах гьариялъул мурадалда рагьараб «Журавли» комплексалъ медиказегун гӏалимзабазе лъазабураб акция ахиралде щвана.

Исана кӏиабилеб сон букӏана гьеб тӏобитӏулелдаса. Комплексалъул бетӏергьан Шангъодаса Мухӏамад Мухӏамадовасул ресалдаса чӏобого гьениб сахлъи щула гьабуна нилъер улкаялъул щибаб регионалдаса гӏадамаз. МГУялъул профессорги физикаялъулгун математикаялъул гӏелмабазул докторги ккола гьев.

Гъоркьисала «Журавли» комплексалда хӏухьбахъи гьабуна «красная зонаялда» хӏалтӏарав 623 медикас, исана — ункънусгоялдаса цӏикӏкӏун чияс.

Гьединаб акция Мухӏамад Мухӏамадовас байбихьун букӏана жиндирго эбел кӏикъогоялдаса цӏикӏкӏун соналъ Гъуниб районалда тохтурлъун хӏалтӏулей йикӏиналъ (гьелъ гьарун бугоан васасда ковидалда данде рагъ барал тохтурзабазе хӏухьбахъизе ресал чӏезареян). Исана гьес гьенире ахӏана лъай кьеялъул системаялдаса вакилзабиги, щайин абуни жиндирго эмен учительлъун хӏалтӏулев вукӏун.

Хадусеб нухалда гьел гӏалимзаби, медикалго гӏадин, гӏемер ахӏизе ругин санаториялдеян бицана М. Мухӏамадовас. Гьесул пикруялда рекъон, жеги букӏине кколеб куцалда къимат кьун гьечӏо гӏалимзабазе:

«Zoom-алдасан лекциялги цӏалун, тӏубарал моцӏаз рокъоса къватӏире рахъине рес гьечӏого руго профессорал. Гьединлъидал гьезиеги реабилитация хӏажат буго».

Акциялъул координатор ккола цеве ДРялъул бетӏерасул управлениялда хӏалтӏарав Гӏалибег Гӏалиев. Гьес бицана жинца валагьулев вугила хадубккунги гьеб иш халат бахъинабизе рес бугев гӏадав чи, амма жеги ватулев гьечӏила. Масала, РФялъул Пачалихъияб Думаялде, ДРялъул Халкъияб Собраниялде кандидатураби лъурал дагъистаниял.

«Дица гьезда абуна нуж рукӏунин халкъалъулгун бухьен кквезе кколилан бицунел, гьедин батани, рачӏайинха «Журавли» комплексалда хӏухьбахъулеб халкъги бихьизе, гьездаса унти бахунарилан. Гьебали гьанир ковидалъ унтарал тохтурзаби сах гьарулел рагӏулилан къватӏул харбалги риччан рукӏана, гьединлъидал уборщицабилъун хӏалтӏизегицин рачӏунел рукӏинчӏо гьанире цо заманалда гӏадамал.

Палхӏасил, халкъалъулгун бухьеназул хӏакъалъулъ чӏахӏи-чӏахӏиял харбал рицунел кандидатазул цонигияс рахъкквечӏо гьаб акциялъул», — ин бицана Гӏалибег Гӏалиевас.

Гьезие мисаллъун Гӏалиевас рехсана гьеб комплексалъулгун лъикӏаб гьудуллъи бугев миллияб политикаялъул ва диниял ишазул рахъалъ ДРялъул министр Энрик Муслимовги, Махӏачхъалаялъул кӏиабилеб больницаялъул бетӏерав тохтур Мухӏамад Имангӏалиевги, цогидалги.

«Пандемиялъул заманалда нилъеда рихьана гӏадамазул къуваталги загӏипалги рахъал. Гьедин гьаб комплексалъул бетӏергьан Мухӏамад Мухӏамадовасги загьир гьабуна жиндир бищунго сахаватаб гӏамал», — ин абуна Энрик Муслимовас.

Мухӏамад Имангӏалиевас абуна жинда жеги рагӏичӏин нилъер улкаялда гьединав меценат цойги вугевищали – кӏиго соналъ тӏатӏалаго чӏорого медикал къабул гьарулев. Гьединлъидал улкаялъулги республикаялъулги медицинаялъул хӏалтӏухъабазул рахъалдасан Мухӏамад Мухӏамадовасе ракӏ-ракӏалъулаб баркала кьуна гьес.

Гьаб нухалда гьеб комплексалда сахлъи щула гьабурал Россиялъул регионаздаса тохтурзабазда гьоркьор руго Мытищи шагьаралъул больницаялдаса тохтурзабиги. Гьенив бетӏерав тохтурлъун хӏалтӏулев вуго нилъер республикаялдаса чи (Мухӏамад Мухӏамадовасулги гьудул-гьалмагъ). Гьесул заместитель Сергей Якушевас бицана жидеда цадахъ хӏалтӏулел ругила Гъизляралдасаги Буйнакскиялдасаги тохтурзаби. Гьезул гӏагарлъиялъги гьудул-гьалмагълъиялъги жидее гьаниб кӏудияб гьоболлъиги гьабунила, тарихиял бакӏалги рихьизарунила.

Тӏадеялъул гьеб акция халкъазда гьоркьосеблъун лъугьинеги рес буго. Гьедин бицана Мухӏамад Мухӏамадовас. Гьединаб пикруялде вачӏун вуго гьев дунялалъул цогидал улкабазда ругел лъале-хъвалезги гьудул-гьалмагъзабазги гьесухъе рачӏарал кагътаздаса хадуб.

Акциялъул ахиралда комплексалда хӏухьбахъаравщинав чиясе рикьана Баркалаялъул кагъталги.

З. ХӏАЖИЕВА