Араб анкьалда Махӏачхъалаялда, Р. Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб миллияб библиотекаялда, печаталъул министр Гӏумаргӏусман Хӏажиев дандчӏвана республикаялъул миллияб прессаялъул ва телевидениялъул хӏалтӏухъабигун, шагӏирзабигун, хъвадарухъабигун, мацӏазул гӏалимзабигун.
Жиндирго кӏалъаялда гьес кӏвар буссинабуна миллияб пресса цебетӏеялъе ратулел ругел ресазул бициналдеги, Дагъистаналъул мацӏазул адабият цебетӏеялдеги, рахьдал мацӏал цӏуниялдеги. Данделъиялда гӏахьаллъарал ДРялъул Хъвадарухъабазул союзалъул председатель Мухӏамад Ахӏмадовас, «Хӏакъикъат» газеталъул бетӏерав редакторасул ишал тӏуралев Зикрула Ильясовас, мацӏалъул ва адабияталъул гӏалимзаби Мухӏамад Мухӏамадовас ва Ахӏмад Муртазагӏалиевас бицана рахьдал мацӏазда сверухъ бугеб пашманаб ахӏвал-хӏалалъул хӏакъалъулъ.
— Шагьаразда, хӏатта районаздагицин киса-кирего къватӏисел пачалихъазул мацӏазда чӏварал игӏланалги, росабалъгицин гӏурус мацӏалда тӏоритӏулел тадбиралги – гьеб киналъго бицунеб буго рахьдал мацӏазул букӏинеселъул нилъ рохизесеб хӏал гьечӏолъиялъул, — ян абуна З. Ильясовас.
Жакъа цебе тӏолеб буго миллияб литература. Гьелдаго цадахъ чӏаго гьабизе къваригӏун буго таржамачагӏазул школаги. Нилъ ургъизе ккола гӏурус мацӏалде руссинарурал асарал рахъизесеб бакӏалда тӏадги. Гьелъие кварбакъилаан «Литературияб Дагъистан» журнал гӏурус мацӏалда биччаялъги, — ян абуна Мухӏамад Ахӏмадовас.
ИЯЛИялъул гӏалимчи Мухӏамад Мухӏамадовас бицана районазда ва росабалъ рахьдал мацӏазда рачаниги бегьулел тадбирал гӏурус мацӏалда рачунел рукӏиналъулги, гӏун бачӏунеб гӏелалъе гьеб гьуинлъиялъе гьабулеб хӏалтӏи гьечӏолъиялъулги хӏакъалъулъ. Гьелъие лъикӏаб мисаллъун гьес бачана СулейманСтальск районалъул бетӏерас ДГУялъул Дагъистаналъул филологиялъул факультеталда цӏалулел ругел студентазе пачалихъалъ кьолелде тӏадеги стипендия кьей. Жидедехунги жидеца тӏаса бищараб махщалидехунги бугеб гьединаб бербалагьиялъ гӏолилазул гъирашавкъ цӏикӏкӏинабула, — ян абуна гьес.
ИЯЛИялъул гӏалимчи Ахӏмад Муртазагӏалиевас кӏвар буссинабуна ахираб лъеберго соналда жаниб магӏарул мацӏалда Хӏамзатил Расулил тӏахьал риччан гьечӏолъиялде. Кӏалъазе рахъараз бицана республикаялда тӏобитӏизе бугеб «Хъахӏал къункърабазул» байрамалъул хӏакъалъулъги. Гьеб цӏигьабизе, гӏолилазе дагьабги интерес кколедухъ гӏуцӏизе ккеялъул бицана Кавказалъул шагӏирзабазул ва хъвадарухъабазул клубалъул Дагъистаналда бугеб отделениялъул нухмалъулей Миясат Муслимовалъ.
— Дие бокьилан гьеб байрамалъул багьаги магӏнаги жакъасел гӏолилазда дагьабги лъикӏ бичӏчӏизе. Гьеб хӏалтӏи гьабизе ккола байрам гӏуцӏулез, ай гӏолилазул гӏахьаллъи гьениб букӏунеб хӏалалда, — йилан абуна гьелъ.
Данделъиялда кӏалъарай Дагъистаналъул тӏахьазул издательствоялъул бетӏерай редактор Лариса Голубевалъ бицана издательствоя лъул хӏалтӏул, къватӏире рич- чалел тӏахьазул ва дандчӏвалел квекӏеназул хӏакъалъулъ.
Дандеруссиналъул ахиралда Гӏумаргӏусман Хӏажиевас абуна кӏвараб жигар бахъизе бугин данделъиялда рорхарал суалал гӏумруялде рхъинариялъе ресал ратиялъе.
Шамай ХЪАЗАНБИЕВА