Гӏемераб къварилъи бихьаразда гьоркьор рукӏана калмыкалги. 1944 соналда гьел гочинаруна Гьоркьохъеб Азиялде, Казахстаналде. «Эркенлъараб» ракьазул цо бутӏа, халатаб заманалъул ижара хӏисабалда, кьуна мадугьалихъ ругел регионазе, гьезда гьоркьоб Дагъистаналъухъеги (85 азаргогӏанасеб гектар). 1957 соналда калмыказе жидерго Ватӏаналде тӏад руссине ихтияр кьуралдаса нахъеги, заманаялъул къотӏи-къаялги гьарун, гьел тана нилъеда хадур. Советияб заманалда доба букӏана нилъер гӏемерал районазул гӏи, гӏуцӏана хъутаби. Хадубккун ахӏвал-хӏал дагь-дагьккун байбихьана хисизе, калмыказ борхана гьел ракьал тӏуранго жидехъ рукӏине ккеялъул хӏакъалъулъ суал. Амма къабул гьарурал цӏиял къотӏи-къаяз гьеб хӏал хӏалуцине биччалароан, кин бугониги, анцӏго сон ана гьел бетӏергьабазухъе кьуралдаса. Ракьал нилъедаса аниги, нилъер гӏезегӏан гӏияхъаби хутӏана дора, росун ижараялъе ракьалгун руго хӏалтӏулел. Гьединазул цояв ккола ижараялъе 3000 гектар ракьулги босун, 1300 лемагги 50 чӏегӏерхӏайванги хьихьун Лаганский районалда хӏалтӏулев вугев Буйнакск районалъул Чӏикӏаб росулъа Арсланбеков Гӏабдулмажид. Гьал къоязда редакциялде щун вукӏарав гьесулгун нижер ккана гьадинаб гара-чӏвари.

— Киназдаго лъала Чӏикӏаб ахихъабазул росу букӏин. Мун гӏияде кин машгъуллъарав?

— Магӏишатияб рахъалъ нижер росдал гӏадамазул цо бутӏа буго ахихъаби, цогидал ккола шоферзаби, лъабабилел — гӏияхъаби. Нижер умумулги гӏухьби рукӏана, гьединлъидал дицаги тӏаса бищана гьеб пиша.

— Гьеб лъабабго бутӏаялда гьоркьоб бищун пайдаяблъун рикӏкӏунищ дуца гӏияхъанлъи?

— Кутакалда битӏун букӏина гьеб бищун захӏматаб бугин абуни. Ругьунаб букӏиналъ гьабулел рукӏун гурони, гӏемерисеб заман авлахъазда тӏамулеб вехьасул хӏалтӏи бокьа-бокьараз тӏаде босулеб иш гуро. Амма гьитӏинго босараб махщел, кигӏан захӏматаб гьеб батаниги, духъ хутӏулеб буго гӏумруялъго. Тун гӏигун цо заманалда дун жуван вукӏана бизнесалде. Гӏезегӏан лъикӏ унеб букӏана магӏишатги, амма ракӏ цӏана гӏияде.

— Росулъ гӏигун вукӏарав мун гьебго магӏишат гьабизе Калмыкиялде гочиналъе щиб хӏажалъи ккараб?

— Хасалил хӏаримал руго дора лъикӏал, гӏи-боцӏуе пайдаял. Доба гьечӏо нилъер гьаниб бугеб гӏурччинлъи, хер буго дагьаб, мукъсанаб, амма кигӏан дагьаб бугониги гьелъул пайда буго гӏемерго тӏадегӏанаб. Доба кутакаб ракъдаллъи букӏиналъ цо соналда дица гӏи бачун букӏана Бабаюрт районалде. Амма жо ккечӏо, гьенир дида дандчӏвана гӏияе захӏматал унтаби ва бачун гӏигун дун нахъе ине ккана.

— Кинха мун дова къабул гьавурав, кин кӏвараб гьеб ракь ижараялъе босизе?

— Кӏиябго регионалда гьоркьоб хъван букӏараб къотӏи-къаялда рекъон, ижараялъе ракьалги росун, нилъер гӏемерал магӏишатазул хӏалтӏи тӏубалаан доба, нижер совхозалъул кинабго гӏиги, Гъизилюрталдасан поездалдаги лъун, гочинабулаан добе. Колхоз-совхозалги риххун, гӏиги дагьлъун букӏиналъ батизе бегьула, чанго соналъ цебе киналго ракьал ана нахъе росун ва 49 сонил болжалалда, ижара хӏисабалда, гьел кьуна бакӏалъулал гӏадамазухъе. Дора гӏурал, дозул гӏамал-хасият лъалеб букӏиналъ нижее кинабгӏаги къварилъи букӏинчӏо субарендаялъ (ижараялъул цо къагӏида) гьезухъа хӏажатаб ракь босизе. Нилъер гьаниб (Кочубей-Бабаюрт зона) ракь киназего гӏоларого букӏиналъ ижараялъе кьола 100, 200, 300 гектар. Дозул буго цӏакъ гӏемераб ракь, гьединлъидал кьолеб ракьалъул рикӏкӏенги бахуна чанго азарго гектаралде. Гьедин, азарго гектаралъухъ 150-200 азарго гъурущ хӏисаб гьабун, дица ижараялъе (субаренда) босана 3 азарго гектар.

— Дур буго гӏезегӏан кӏудияб магӏишат, кумекалъе щал рукӏунел?

— Хӏалтӏизе вехь щвей жакъа ккун буго цӏакъго захӏматаб масъалалъун. Цере рукӏарал хӏалбихьи бугел, хӏалтӏи лъалел гӏухьбиги херлъана, гӏолохъанаб гӏелалъеги бокьун гьечӏо гӏияда аскӏоре къазе. Кин бугониги, хӏажатал хӏалтӏухъаби ралагьула дорасаги нилъерго гьанисаги. Добаго багъилаб бакӏ балагьун, лъугьараб ахӏвал-хӏалалда санагӏат рекъезабун гурони гӏи нижеца кибего гочинабуларо. Техникаги гӏемер къваригӏунаро, ГАЗЕЛалъ тӏубала кинабго.

— Дур унеб харжги, бихьулеб захӏматги ва гӏезарурал нигӏматал ричун щолебги данде босани, мун разияб хӏасил букӏунищ?

— 5-6 лъагӏелалъ цебеги гьеб рахъалъ гӏемерго мадар букӏана, гьанже кинабго къойидаса-къойиде хиралъулеб буго. Нижеца бичулелъул багьа гьабин абизе гӏураб гьечӏо. Гьединлъидал захӏмалъулеб буго, кигӏан яхӏ бахъаниги, гӏадатияб гурони хайирги щолеб гьечӏо. Масала, дица босулеб кӏалцӏул багьа бахун буго 17 гъуршиде. Цӏадал рараб, авлахъазда лъикӏаб хӏал бугеб соналда гьеб хӏажалъуларо. Амма ккола заман цо чахъдае къойил килограмм кӏалцӏул кьезе ккарабги. Цоялъул 200-250 гъуруш хӏисаб гьабун, гъоркьиса дица босизе ккана харил 1000-гӏанасеб танг. Гьебго заманалда чахъдал гьанал кило буго 250 гурщиде, кьагӏрил — 340 гъурущ. Квасул къиматго гьечӏо. Исана дие щвана 3 тонна квасул, гӏицӏго бакӏ эркен гьаби, хвезе течӏого букӏин мурадалда дица гьеб кьуна 3 гъурщиде килограмм хӏисаб гьабун. Гьеб буго вехь тӏуванго хӏакъир гьавулеб багьа.

— Мун разияб хӏал букӏине ккани, щиб багьа букӏине кколеб?

— Мисалалъе, гьан кьуни 400 гъурщиде, базаралда гьелъул багьа бахуна 600-700 гъурщиде. Амма гьедин кьечӏони, диеги гьечӏо гьелъул пайда. Кӏиго-лъабго соналъ цебе нижер добасаги квас унаан Китаялде, гьелъул багьа бахун букӏана 200 гъурщиде. Берцинаб хӏалалда хӏалтӏи гьабизе ккани, киналъулго хӏисаб гьабун, гьелъул багьа гьабсагӏаталда букӏине кколаан 500 гъурщидаса дагь гьечӏеб.

— Чӏегӏербоцӏи сундуе дуца хьихьулеб?

— Доб буго калмыказул гьаналаб тайпа, рахьдае хьихьун гьезул пайда букӏунаро, гьел речӏчӏизе кумекги щоларо. Ричула бачал. Хасало нилъер гӏадамал рачӏуна гьел росизе ва гьеб рахъалъ щибго къварилъи гьечӏо.

— Хӏалтӏи гьабизе гӏияхъанасе добайищ бигьаго бугеб яги гьанибищ?

— Дагъистаналда захӏмат буго. Щайгурелъул нилъер гьаниб гӏи гочинабун хьихьулеб букӏун. Гьеб къагӏида хӏалтӏизабичӏого ресги гьечӏо. Россиялда нилъергӏан халатаб нухлул манзилги кибго гьечӏо. Кочубеялъул зонаялдаса мугӏрузде буго 250-300 километр. Хӏисаб гьабе, гьеб нахъа толаго вехьасда бихьулеб захӏмалъиялъул.

— Фермер хӏисабалда къарзалъе гӏарац босизе кканищ, пачалихъалъул рахъалдасан кумек щолищ?

— Къарзалъе гӏарац босичӏо, босизе ракӏалдаги гьечӏо. Субсидия хӏисабалда, цо чахъу рикӏкӏун пачалихъалъ кьола 100 гъурущ, тӏокӏаб кьолеб-толеб жо гьечӏо.

— Дур буго 58 сон. Хӏалтӏана, гӏела, тана гьаб захӏматаб хӏалтӏийин абун ракӏалдего кколищ?

— Гьанже кӏолеб гьечӏо цебе гӏадин хӏалтӏизе, гьечӏо сахлъиги. Гьал ахирал соназда доба букӏана ракъдаллъи, беразда цебе ракь сверулеб буго салул авлахъалде. Гъоркьиса цониги нухалъ бачӏо цӏад, исанаги жеги бачӏо. Доб соналъ гӏезегӏан гӏи унтана, хвана, инсанас киб гурин, гӏи-боцӏуца хӏехьолеб хӏал лъугьунеб гьечӏо. Гьединлъидал дирги пикру ккана дагьдагьккун росулъе тӏад вуссине.

Батӏияб гьабизе дун ругьунлъун гьечӏелъул, гьанивги вукӏинин кко- ла гьабго магӏишаталда.

Калмыкиялъул ракьалъул гӏатӏилъи буго 75 азарго кв.км. (Россиялда 42-абилеб бакӏ). Гьениб гӏумру гьабула 290 азаргогӏанасев чияс (Россиялда 80-абилеб бакӏ). Гьезул 4 процент ккола магӏарулал ва даргиял. Республикаялъулгун гӏаммал гӏорхъаби руго Волгоград, Астрахань ва Ростов областазул, Ставрополь краялъул, Дагъистан республикаялъул ва Каспи ралъдал. Гьелъул тахшагьар ккола Элиста (105 азарго чи).

Гӏабаш ГӏАБАШИЛОВ