Коронавирусалъ циндаго хисизабураб кӏудияб дунял, къаси-къалъи гьечӏого цивилизация гӏуцӏулеб инсанияталда цебе лъунщинаб масъала. Макьилъгицин бихьани хӏикмалъулеб хӏалалъ хисараб гӏумруялъул гӏуцӏиялде ругьунлъизе ккун руго нилъги.

Росдал гьоцӏиб сухӏмат, сухӏматул горсверулъ хьвадулаго ахӏулел кучӏдул, гӏолохъабаз ирга далъ цоцахъе бегьулеб тӏамур, ясазул сверулъа биччалеб бакъан. Цебесеб бертадул тартиб тӏубан цебечӏезабизецин кӏочонеб буго нилъеда. Бахӏарав викъи, бахӏарай яхчи, гӏакӏа къотӏи, лъидаго рихунареб махсара, гьарзаго чед, бахъухъгун натӏухӏ, гьангун гьагӏу — рихьдае гӏоло гӏуцӏичӏеб тепси. Заманаялъул гьураз лъукъа-къотӏун шагьаралъул банкетазул залазде гочун букӏана гьеб, росдаего рохел кьолеб гьайбатаб гӏадат. Кигӏан гӏемерал ругониги, банкетазул залалги кквезе ккола гъоркьлъалие гӏарацги кьун, чанго моцӏалъ цебеккунго.

«Хӏатӏикь дарай тӏаме, васасул эбел…»

Цогидал рахъалго гӏадин, заманаялъ хисизабуна бертин тӏобитӏиялъул къагӏидаги. Дагьал соназ цебеги рикӏкӏунаан эстрадаялъул машгьурал кочӏохъаби гӏахьаллъараб бертин бищунго цӏакъаблъун. Жидер берталъ Махаева йикӏанила, Кристина, Хӏажилав рукӏанилан бицунаан цӏаруе. Гьал ахирал соназ бертин гӏуцӏулаго цогидаб рахъалде кьезе байбихьана кӏвар — цӏакъаблъун рикӏкӏунеб буго миллияб къагӏидаялъ ретӏакъарал гӏадамал гӏемераб бертин. Гьеб рахъ бечед гьабула жидерго росу-ракьалъул маданияталъул гьунарчагӏаз, фольклоралъул коллективаз.

Цо-цо гьанжесел бертабалъ рагӏула церегӏан соназ бахӏаразулъ ахӏулел рукӏарал кучӏдулги:

Вай, нижер бахӏарав, нижер бахӏарав,

Росу данде къалев гӏарцул къадиро.

Исхъалидулъ гӏурав, гӏарцулъ хьихьарав,

Лочнол бусадаса хоно босарав…

****

Вай, нижер бахӏарай, нижер бахӏарай,

Нодо маргъалулай, гъал меседилай.

Чоде яхунелъул эбел гӏодарай,

Гӏодой рещтӏунелъул якьад йохарай.

«Дагьал цӏекӏлъулел гьечӏищ?»

Хъизаналъул бетӏерлъуда рос вукӏунин рикӏкӏаниги, гьанже бертин ва хвел нухда бачиналъул иш руччабазе бокьухъе букӏунеблъиялъе мукӏурлъула жалго бихьиналгицин. Исана риидал банкетазул залал къай кӏудияб масъалалъун лъугьана ригьнаде хӏадурлъулезе. Цӏиял гӏорхъичӏваяз бертин тӏобитӏиялъе батӏи-батӏиял нухал ралагьизе тӏамуна гьел.

Хадижат, социалияй хӏалтӏухъан:

«Росас жиндирго багьаяб машинацин бичизе ккана исана васасул бертин гьабизе гӏарац гӏечӏого. Банкетазул залал къаян абун хӏукуматалъул лъазаби баккараб заман букӏана гьеб. Цӏакъго багьаяб залги ккун букӏана нижеца. Жеги гӏезегӏанго тӏадеги кьезе ккана гьенибе. Законалда дандеги чӏун, жидее хӏинкъигун биччалеб бугин нужер бертинин гӏиллаби ратана залалъул бетӏергьабаз. Тӏадбан сухӏмат унеб заманалъ рачӏана халгьабулел идарабазул гӏадамал, гьезиеги гӏарац кьезе ккана. Росасе росулъ тӏубазабизе бокьун букӏана васасул ригьин, дунго данде чӏана гьесда. Цӏакъ рекӏекълъана».

Мариям, лъималазул тохтур:

«Цо роценго гьечӏеб, гӏорхъолъа араб буго нилъер гӏадамазул бертин ва цогидаб тадбир гьаби. Къец бан, цоцаздаса бергьине хӏаракат бахъулеб буго сундулъго. Роддомалдаса лъимер къватӏибе бачиналъул тӏубараб церемония буго, ургьибго лъимер васищ-ясищали лъарабгоцин байрам-хӏисабалда буго халкъалда рагӏизабулеб. Бертабалъ кӏалъазе рахъунезул рецц-бакъалъул гӏемерлъи. Лъиего кеп щоларел, кӏалъанго бажаруларелги гӏадамал цере ахӏун чӏамучӏ гьабула. Магӏарулазул бертабалъ букӏараб гӏадатцин гуро гьеб. Цӏакъго бажари бугев тамадаяс нухда бачунеб, магӏнаялда гӏуцӏараб бертадул сурат рекӏелъ хутӏула, хутӏараз бетӏер унтизабула.

Хирапатӏимат, юкъарухъан:

«Ригьин гьабиялъул цӏакъго гӏорхъолъа рорчӏарал гӏадатал раккун руго. Ясалъул рагӏи щвей, баргъич бай, чумадан кьей кӏодо гьабун тӏубараб бертин гӏадаб жо гьабулеб буго банкетазул залазда. Аскӏосеб гӏагарлъи гьенире чӏорогоял квералгун ине бегьуларо, кигӏан рес гьечӏезги кьезе кколеб буго гӏарац. Цоги жоялде регӏулеб хӏал гьечӏо, налъукье лъугьунги бер- табазул «намус» тӏубазабулаго щибго нахърател хутӏулеб гьечӏо нижерго лъималазе ригьин гьабизе. Дагьалниги гъурщал тӏокӏлъилародаян ниж Дагъистаналдаса Москваялде гочана. Доба гӏумру гьабулаго бихьулеб буго нилъер гӏадатазул тӏасанккей».

Гӏарац чвантинибго хутӏана

Хӏалимат, мугӏалим:

«Августалъ вацасул васасе ригьин гьабизеян лъикӏаб зал ккун букӏана нижеца, хасалого гъоркьлъалие гӏарацги кьун. Бертаби гьукъараб мехалъ гьабизе дарман лъугӏун рукӏана. Цӏикӏкӏаразул гӏакълуги гӏадахъ босун, росулъ гьабуна бертин. Бицун божиларо, киналго рази хутӏараб куц. Рокъоб гьитӏинабго мавлид ахӏана, тӏабигӏаталъул гӏатӏилъуде рахъун сухӏматги гьабуна. Росуго чӏаголъанин рукӏана хараби роххун. Банкетазул залалда къваригӏуна цӏакъго чӏухӏараб ретӏел, цо берталъ ретӏун би- хьараб цогидалъубе ретӏине бокьуларелъул. Гье- динго, тӏабигӏаталда хӏажалъуларо гъол чӏухӏун къачӏарал кьер-кьерал, багьа хириял нигӏматал. Хӏасил- саламатаб гӏарац чвантинибго хутӏана. Тӏабигӏаталда бертин гьабиялдаса пашманлъарав чи дандчӏвачӏо исана. Магӏарухъ гӏумру гьабулел рукӏана аман гьарун банкеталъул залал цӏехон шагьаразул рагӏаллъаби сверулел, шагьаралда ругелин абуни росабалъе рачӏана бертаби тӏоритӏизе».

Патӏимат, тукадул бетӏергьан:

«Гъоркьиса дица васасул бертин гьабуна «Марракеш» залалда. Гьелъул ижараялъухъ, богогьабазул хӏалтӏигун цадахъ, 500 азарго гъурущ ана. Кинабго цадахъ рикӏкӏани, ай квана-гьекъей, музыкантал — цо миллионгун анкьнусазарго ккана. Нижер букӏана гьоркьохъеб даражаялъул бертин. Дагьабги бер- цинго гӏуцӏаразул кӏиго миллионалдаса цӏикӏкӏунги гӏарац уна. Дир росас лъазабуна, нилъер хъизанрукъ беццун, цӏекӏал кӏалъаял гьарулел чагӏи цере риччагеян. Нилъеда баркизе рачӏаразе разияб ихтилатги тепсиги гӏуцӏеян лъазабуна гьес дида. Гьединго росас гьукъана гӏарац бакӏарулеб ящик лъезеги. Кьурдизе рахъиндал, бахӏаралдеги дидеги банаха гӏадамаз гӏарац. Росдал ясал рачӏана миллияб ратӏлил формагун. Гьез цӏакъ берцинлъиги кьуна нижер тадбиралъе. Амма магӏарухъ, гьоцӏиб гьабуралда бащалъуларо кигӏан цӏакъабги залалда гӏуцӏараб бертин.

Исана нижер росулъ рохьил майданалда къачӏан буго чӏахӏиял тадбиразе санагӏатаб бакӏ. Щибаб росдаца бегьилаан жидерго жамагӏаталъе гьединаб бакӏ гьабизе. Дагь-дагьккун гӏадамаздаги бичӏчӏулеб бугин ккола бертаби магӏарухъго тӏоритӏиялъул хайир букӏин. Росдай цӏилъиги буго, рукъалъе экономияги буго».

Адабгун гӏадат

Асият, богогьан:

«Рес бугездаги гьечӏездаги лъималазул ригьин жиде-жидер росабалъ тӏубазабизе бегьилинго кколеб букӏинчӏо. Сухӏматгьекъел исламалъ гьукъараб букӏиналъе мукӏурал росабазул гӏадамал, жамагӏаталъул гӏайибалдаса хӏинкъун, шагьаралде уна сухӏмат гьабизе. Гьенибего доб жамагӏатги бачӏуна.

Аллагьги динги шагьаралдаги магӏарухъги хиси гьечӏеб букӏиналдейищ ургъуларел. Гьеб кӏигьумерчилъи гурищ? Исламалъул къагӏидаялъин абунги гьарула бертаби шагьаралъул залазда. Гьенир нашидал ахӏулел, вагӏза гьабулел чагӏи рукӏуна, амма гӏадамал гӏенеккуларо. Гьеб гурищ адаб гьечӏолъи. Бусурбабиянги рукӏун, цо роцӏинго гьечӏо нилъер гӏамалалъул».

Фатима, исана ригьнаде арай медуниверситеталъул студентка:

«Нижер росулъ цебего тана сухӏмат, гьекъел-мехтел бугеб бертин гьабулеб къагӏида. Руччабазеги бихьиназеги тепси батӏибатӏияб бакӏалда тӏибитӏула. Кӏиябго бакӏалда гьукъун гьечӏо ихтилат, рекӏелгъей гьабизеги, амма бихьиналгун руччаби батӏа-батӏаго. Рихьдае гьабулеб жо нижер росулъ нагагьги букӏунаро.

Дие бокьичӏо прокаталъе бахӏаралъул хъахӏаб горде босизе. Лъикӏал устарзабаз букъана дие хъахӏаб дараялъулги гордеги, нижерго умумузул къагӏидаялъул бахӏаралъул ретӏелги. Эбел-инсул рокъоса миллияб ратӏлилъ ана, бахӏарасул авалалде щведал, доб хъахӏаб дараялъул гордеги ретӏана. Гьединго, кьерилаз гӏажаиблъи гьабулеб букӏана дица гьурмада косметикаги бахинчӏого, прическа гьабичӏого теялда. Дие бокьана нижер бертин араб къагӏида, кинабго гӏуцӏун букӏана, ,росдал лъикӏал гӏадаталги цӏунун, исламалъул адабги течӏого».

Нусазарилал ижараялъе кьун рукӏарал банкетазул залал чӏорого руго гьанже. Гӏезегӏан заралги ккана гьеб ишалъул гӏадамазе. Гьездаго цадахъ хайир дагьлъун батила музыкантазе, кочӏохъабазе. Кин батаниги, буго гьеб киналъулъго лъикӏаб рахъги.

Патӏимат ГЬИТӏИНОВА