30 августалда Силди росулъа анкьго гӏолохъанчи вахана ункъ азарго метралдаса цӏикӏкӏараб борхалъиялъул, даим цӏороца бацараб Диклосмта мугӏрул тӏогьире.
Гьел ккола Хӏабиб Гӏабдулатӏипов, Ахӏмаднаби Гӏабдулхӏамидов, Мухӏамадрасул Асхӏабов, Мухӏамадгӏали Хучбаров, Гӏали Хучбаров, Шапи Къурамухӏамадов ва Ахӏмадрасул Камилов. Гьезул бищун гьитӏинасул буго 22, бищун кӏудиясул — 46 сон.
Гьел ккола гӏадатиял чанахъаби. Диклосмта буго Дагъистаналъулгун Чачан Республикаялъул ва Грузиялъул гӏорхъода. Гуржи мацӏалда «мта» ккола мегӏер, Дикло — Тушетиялъул росдада цӏар.
Диклосмтаялда гӏагарлъухъ руго Хушет ва Гьакъо росаби.
Тӏоцебесеб къоялъ силдадерил гӏолохъаби ана цӏер къараб магӏарда гъоркье щвезегӏан. Гьениб сордоги бан, лъебе-лъебер кило бугел раччалабиги мугъзада лъун, кодор ккун гъанцӏа-тӏилалгун хадусеб къоялъул къалъуде гӏагарлъулеб мехалда щвана Диклосмтаялъул тӏогьире. Квентӏехалъе гьез цадахъ босун букӏана мохмох, тӏех, урба ва цогидаб гьелда релълъараб квен.
Силди росдал хӏурматалда гьев анкьавго гӏолохъанчияс гьеб бакӏалда ганчӏил сиги бана. Силди росдал бегавул Мухӏамад Нурмухӏамадовас бицухъе, ахирисеб нухалда гьеб цӏорол магӏарде гӏадамал рахун рукӏана 2005 соналда.
«Гьелги кколаан нижерго, цӏумадисезул гӏолохъаби. Гьезул цояв — Мухӏамад Камиловасул вас Ахӏмадрасул вукӏана гьанже доре рахарал васазда гьоркьов. 16 соналъ цебе гьез доба магӏарда тӏогьиб бахчун тараб кагъат босун бачӏана гьанже силдадерил гӏолохъабаз. Гьединабго кагъат жидецагоги бахчун тун буго гьез, хадур аразда батизе.
Гьединлъидал 16 соналда жаниб къватӏиса цониги чиясда кӏвечӏо гьениве вахине. Амма Москваялдаса, Махӏачхъалаялдаса ва цогидал бакӏаздаса рачӏарал экспедицияз гьеди- нал хӏалбихьиял гӏезегӏан гьаруна. 150 метр хутӏараб бакӏалде щвезегӏанги ун, нахъруссине ккана гьел.
Гъоркьисаги бокьун букӏана гьел гӏолохъабазе доре рахине. Амма гьенир гӏагарлъухъ чӏарал гӏорхъаби цӏунулез риччачӏого, нахъруссун рачӏун рукӏана гьел. Исана дица гье- зухъе кагъат хъвана гьелъие изну гьарун. Гӏицӏго спортивияб мурадалъ къватӏире рахъарал гӏолохъаби рукӏин бичӏчӏизабуна гьезда.
Гьеб мегӏер буго силдадерида дандбитӏун. Дове уневщинав чи нижедаги Гьакъо росдадаги аскӏосан уна. Гьединлъидал нижеда лъала доре щал арал ва инчӏелали», — ян бицана Мухӏамад Нурмухӏамадовас.
Гьел гӏолохъабазул рагӏабазда рекъон, хӏетӏе чӏолел цо-цо бакӏал рукӏана тӏасан балагьун салуца, ракьуца рацаралин кколел, амма дагьдагьккун гъоркьан биун унеб цӏер бугел. Гьедин гӏемер рукӏун руго биараб цӏорода гъоркьан речӏчӏун яги гирун рачӏунел гьарчал, ганчӏал. Гьедин цӏоролъ гӏезегӏан кӏудикӏудиял кьватӏалаби лъугьун ратун руго гӏолохъабазда. Гьениве жа- ниве вортарав чи хвасар гьавизе бажарунгутӏизегицин рес рагӏула.
Диклосмтаялде рахиналде силдадерил гӏолохъаби щун руго Гӏадалло Шулъгел мегӏералде, хӏаталдаса ун бегӏераб Хъвайни магӏарде, гьединго чияс хӏетӏе чӏезе бищунго захӏмалъулелин рикӏкӏунел Дагъистаналъул цогидал рорхалъабазде.
Гьанжейин абуни гьел хӏадурулел руго Эвересталъул тӏогьире рахине.
З. ХӏАЖИЕВА