Хӏурматиял магӏарулал!
Ракӏ-ракӏалъ баркула нужеда республикаялъул халкъал цолъиялъул къо. Гьаб байрамалъ щулалъизабула халкъазда гьоркьоб гьуинлъи ва цолъи.
Дагъистаниял, щиб заман бачӏаниги, кидаго цадахъ рукӏана Россиялъул цогидал халкъалгун ва кӏудияб бутӏа лъуна пачалихъ социалиябгун экономикияб, рухӏиябгун маданияб рахъалъ цебетӏезабиялъулъ ва гьеб щулалъизабиялъулъ. Рагъдаги ракълилаб заманалдаги къотӏизе течӏо нилъер халкъаз цоцазе гьабулеб кумек ва гӏагараб Ватӏаналде бугеб рокьи. Нилъер миллатазул хаслъи — гьеб ккола нилъер чӏухӏи, ва гьелъ квербакъула Дагъистан цебетӏеялъе.
Дагъистаналъул халкъаз, Ватӏаналде къо ккедал, бихьизабуна бахӏарчилъиялъул, гъункиялъул ва цолъиялъул мисал. Нилъер умумуз тарих цӏунана ясбер гӏадин ва ракӏчӏола хадубккун гьезул мисалияб нухдасан ине нилъерги таваккал гӏеялда. Гьеб цӏунизеги, ракӏалде щвезабизеги, гьелъул бицинеги кидаго тӏадаб бугониги, гьаб байрамкъоялъ цоги нухалда ракӏалде щвезабула ва гӏун бачӏунеб гӏел ахӏула гьелъие ритӏухъаллъун рукӏине.
Ракӏ-ракӏалъулаб баркиялда цадахъ гьарула нилъее киназего, ай Дагъистаналъул тӏолалго халкъазе, ракълилаб ва талихӏаб гӏумру.
РЕДАКЦИЯ