Дагъистаналъул бетӏерасул ва хӏукуматалъул администрациялъул нухмалъулесул ишал тӏуралев Махӏач Гӏумаровас гӏахьаллъи гьабуна республикаялъул бетӏерасда цебе гӏуцӏараб Жамгӏият цебетӏеялъул ва инсанасул ихтиярал цӏуниялъул советалъул данделъиялда. Гьениб кӏварбуссинабуна умумуз аманат гьабун нилъехъе кьурал Дагъистаналъул миллатазул гӏадатал, мацӏал, маданият, ай миллияб буголъи цӏуниялда ва цебетӏезабиялда сверухъ ругел гӏунгутӏабазде. Кӏалъазе вахъарав рехсараб советалъул председатель Зикрула Ильясовас бицана ахираб заманалда миллатазул аслулъун кколел мацӏалги, гӏадаталги, адабият-маданиятги дагь-дагьккун кӏочон толел ругилан. Гьединго миллиял мацӏазда къватӏире рачӏунел газет-журналазул подписка гӏодобе кколеб букӏиналъул, рахьдал мацӏал малъиялда сверухъ школазда бугеб гӏей гьечӏеб ахӏвал-хӏалалъул, миллиял мацӏазда хъварал цӏалул тӏахьал гьечӏолъиялъул, республикаялда херазул рукъзабахъе рехун таразул къадар цӏикӏкӏунеб букӏиналъул хӏакъалъулъ. Гьесул рагӏабазда рекъон, гьабсагӏаталда бугеб къагӏидаялда гьеб кинабго тани, чанго соналдасан нилъ лъугьине руго миллатги, мацӏги, гӏадатги, гӏамалги кӏочарал манкурталлъун.
— Жакъа гьанире ракӏараразда гъорлъ руго министралги бажари-гьунар бугел гӏадамалги. Хӏажат буго гьеб рахъалъ ругел гӏунгутӏабазул бицун течӏого, унго-унгояб къагӏидаялда гьел тӏагӏинариялда тӏад хӏалтӏизе, гьанир цере лъурал суалал ва масъалаби гӏумруялде рахъинаризе. Нилъер щивасда тӏадаб борчлъун ккола гьеб, — ан абуна З. Ильясовас.
Республикаялъул лъай кьеялъулгун гӏелмуялъул министр Яхӏя Бучаевасул рагӏабазда рекъон, Дагъистаналъул школазда рахьдал мацӏал малъиялъе рихьизарурал сагӏтал рикьизе ихтияр кьун буго учреждениязул нухмалъулезухъе.
— Нилъеца щиб бицаниги, жидер лъималазе рахьдал мацӏ хӏажат гьечӏин абулел эбел-эмен дагьал гьечӏо республикаялда. Амма министерствоялъ миллиял мацӏал, маданият ва Дагъистаналъул тарих цӏуниялда сверухъ кӏудияб хӏалтӏи гьабулеб буго. Мисалалъе, хӏаракат бахъулеб буго Дагъистаналъул тарихалъул дарсал цӏидасанги цӏалул программаялда гъорлъе рачине. Гьединаб суал лъун буго Россиялъул Лъай кьеялъул министерствоялда цебе. Ресал ралагьулел руго тарихалъул ва миллиял мацӏазул учебникал къватӏире риччазеги. Мугӏалимзабазе харжал цӏикӏкӏинаруна 23 проценталъ. Гьеб гӏемер гьечӏо, амма тӏоцересел галаби тӏамуна ва гьелда къокълъун чӏезе ракӏалдаги гьечӏо, — ян абуна Я. Бучаевас.
Гьеб рахъалъ гьабулеб бугеб хӏалтӏул хӏакъалъулъ бицана миллияб политикаялъул ва диниял ишазул министр Энрик Муслимовас, Жамгӏияб палатаялъул нухмалъулев Гӏабдулмуъмин Ибрагьимовас ва профсоюзазул нухмалъулев Гӏабдула Мухӏамадовас.
Культураялъул министрасул заместитель Мурад Хӏажиевас бицана, эпидемиологияб ахӏвал-хӏалги хӏисабалде босун, культураялъул учрежденияз цебе лъураб суалалда хурхун гьабулеб бугеб хӏалтӏул хӏакъалъулъ.
Дагъистаналъул туризмалъул ва халкъиял художествиял промыслабазул министр Эмин Мердановасул пикруялда рекъон, нилъехъе рачӏунел туристал цӏикӏкӏанагӏан республикаялъул халкъазул миллияб маданиятги буголъиги рагӏдукь бахчизе, тӏагӏине гьечӏо, гьелъул гӏаксалда, цӏилъизе буго.
— Туристазе къваригӏун букӏуна нилъер хаслъи бихьизе. Кинабго хӏисабалдеги босун, нижеца хӏадур гьарулел руго батӏи-батӏиял программаби, гӏумруялде рахъинаризе руго батӏи-батӏиял проектал, — ан абуна Э. Мердановас.
Данделъиялъул хӏасил гьабулаго, М. Гӏумаровас абуна Дагъистаналъул миллатазул гӏадатал, мацӏал, маданият, ай миллияб буголъи цебетӏезабиялда ва инсанасул ихтиярал цӏуниялда сверухъ гьабулеб хӏалтӏуде жеги цӏикӏкӏун кӏвар кьезе бугин.
Темирхан ХӏАСАНОВ