Гьале тӏубана дагъистанияз жидерго Конституциялъулаб борч — жигараб гӏахьаллъи гьабуна 17, 18 ва 19 сентябралда тӏоритӏарал рищиязда. Гьелъул хӏасилал гьаруна Дагъистаналъул избиркомалъул председатель Мухӏамад Дибировасул нухмалъиялда гъоркь 20 сентябралда тӏобитӏараб данделъиялда. Гьес бицана, Пачалихъияб Думаялде депутатазул рищиязда, бищунго цӏикӏкӏун гьаркьалги щун, «Единая Россия» партия (81,18 %) тӏоцебесеб бакӏалде бачӏанин. — Кӏиабилеб бакӏ ккуна КПРФалъ (6,20 %) ва лъабабилеб бакӏ щвана «Справедливая Россия» партиялъе (5,56 %).

Северияб цо мандаталъулаб избирательнияб округалда Пачалихъияб Думаялде депутатазул рищиязда бергьана Гӏабдулхӏаким Хӏажиев.

Гьесие щвана 84,87 процент гьаркьазул. Централияб цо мандаталъу- лаб избирательнияб округалда чӏел босана 81,18 процент щварав Му- рад Хӏажиевас.

Югалъулаб цо мандаталъулаб избирательнияб окру галда халкъалъул 73,31 проценталъ рахъккуна Жамалдин Хӏасановасул.

ДРялъул Халкъияб Собраниялде борчӏана лъабго партия — бищунго цӏикӏкӏун гьаркьал щварал «Единая Россия» (73,74 %), «Справедливая Россия» (12,71%) ва КПРФ (11,62 %), — ян абуна М. Дибировас.

ЛДПРалъегун «Партия роста» гӏуцӏабазе Халкъияб Собраниялда депутатазул мандатал рихьизаризе гӏураб къадаралда гьаркьал щвечӏо.

Данделъиялда журналистаз кӏвар буссинабуна цо-цо избирательниял участкабазда рукӏарал законалда данде кколарел рахъазде. Мисалалъе, рехсана пуланаб ясли-ахалда избирательнияб участокалда гьаркьал кьолезул сияхӏалда гьанжеялдаса лъабго-ункъо соналъ цеве гӏумруялдаса ватӏалъарав чиясул цӏар батанилан. Мухӏамад Дибировасул рагӏабазда рекъон, къадаралде щварал чагӏазул цӏар сияхӏалдаса нахъе бахъула гьесул гӏагарлъиялъ ЗАГСалдеги ун, гьев хванин лъаза- бурабго. Избирательнияб комиссиялъул хӏалтӏухъабазда балъголъи лъаларин кӏалъана гьев.

Данделъиялда кӏвар буссинабуна Цӏияб Сивухъ росдал гӏадамазул ккараб лъугьа-бахъиналдеги. Жамагӏаталъул цо бутӏаялъе къваригӏун букӏана жидерго гьаркьал Басрияб Сивухъ кьезе. Амма гьез гьеб Гумбет районалъул территориалияб ва росдал участкаялъулаб избирательниял комиссиязда лъазабун букӏун гьечӏо. Избиркомалъул председателас бицаралда рекъон, республикаялъул избирательнияб комиссиялъ ахӏвал-хӏалги цӏехон, гьел гӏадамазе Басрияб Сивухъ гьаркьал кьезе изну кьуна. Амма бакӏалда гӏураб къадаралда бюллетенал ратичӏолъиялда бан, гьел рищиязда гӏахьаллъичӏого хутӏана. Гьединал хӏужаби цере ккун дандчӏван рукӏинчӏин ва хадуб хӏисабалде росизе ругин абуна гьес.

РФялъул Пачалихъияб Думаялде ва Дагъистаналъул Халкъияб Собраниялде депутатазул рищиял исана ана лъикӏаб даражаялда, абизегӏанасел гӏадлу хварал хӏужаби ккечӏого, ахӏи-хӏур бахъинчӏого.

Дагъистаналъул Жамгӏияб палатаялъул председатель Гӏабдулмуъмин Ибрагьимовасул рагӏабазда рекъон, гьес нухмалъи гьабулеб гӏуцӏиялда цебе бугеб рищиязда хадуб халкколеб централъ лъабабго къоялъ гьабуна кӏудияб хӏалтӏи.

Жамгӏияб палатаялъ рищиязда хадуб халкквезе ункъазарго чи вихьизавун вукӏаниланги тӏаде жубана гьес. Гьелде тӏадеги, централъул вакилзабаз «Ростелекомалъул» минаялдаги чӏун, видеокамераздасанги рищиязда хадуб гьоркьоса къотӏи гьечӏеб халкквей чӏезабун букӏана.

Рищиязда хадуб халкколеб жамгӏияб централъул нухмалъулев Буниямин Мухӏамадовас бицана жидеда цебелъураб аслияб масъала гӏадлу хварал ишал тӏатинари ва хехго жавабиял идарабазда гьезул хӏакъалъулъ лъазаби букӏанилан. 2016 соналда рукӏаразда дандеккун исанасел рищиял гӏемерго гӏуцӏадго ва лъикӏ ана. Территориалиял ва участковиял избирательниял комиссиязда абизегӏанасел низам хвезабиялъул хӏужаби ккечӏо, ян бицана гьес.

Дагъистаналъул Халкъияб Собраниялде вищана 90 депутат. Гьезда гьоркьоса 69яв ккола «Единая Рос- сия», 11яв «Справедливая Россия» ва 10яв – КПРФялъул вакилзаби.

Анкьабилеб ахӏиялъул Халкъияб Собраниялъул депутатазул мухъилъ дагьлъана руччабазул къадар.

Цебесеб ахӏиялъул Собраниялъул депутатазда гъорлъ рукӏун ратани микьго чӏужугӏадан, гьанжесел рищиязда гьение ана гӏицӏго ункъо чӏужугӏадан.