Рагӏад битӏуларебин,

Тӏил гьетӏараб бугони,

— Тӏад толел хӏакимзаби

Хӏалкӏун лъикӏал ралагье» —

ян хъвана магӏарул адабияталъул классик Цӏадаса Хӏамзатица 1921 соналдаго «Советазде щал рищизе кколел?» абураб жиндир кочӏол асаралда. Гьелдаса нахъе ана 100 сон.

Рищиял нилъер гӏумруялда лъугьана кидагосел лъугьа-бахъиналлъун.

Гьездехун щивасул букӏуна батӏи батӏияб бербалагьи – цояз депутатлъиялде кандидатазул щулияб рахъги ккун, кьола гьаракь, цогидаз – гьезде дандечӏун рехула бюллетень, цогидалин абуни, гьеб иша лъул жиндие щибниги ургъел гьечӏеб гӏадин, гӏахьаллъиго гьабичӏого чӏола.

Амма цӏикӏкӏарасез гӏумру лъикӏаб рахъалде хисизабиялде божилъигун жигаралда тӏамула рищиязул къо.

Щайгурелъул Россиялъул Федералияб Собраниялъул Пачалихъияб Думаялде ва республикаялъул Халкъияб Собраниялде рищарал депутатаздаги бараб бугелъул нилъер халкъазул рукӏа-рахъиналъул даража ва роцӏараб букӏинеселде божилъи.

Дагъистаниязе рищиял кидаго рукӏана ва руго кӏвар бугел политикиял лъугьа-бахъиналлъун.

Гӏумруялъул кигӏан захӏматал шартӏал ругониги, тӏолгодагъистаналъул букӏа, цо районалъул, цо шагьаралъул даражаялда гьарулел ругониги, нилъер халкъаз хӏаракат бахъула гьезда жаниб жидерго пикру загьир гьабизе. Россиялъул цо-цо бакӏазда букӏунеб гӏадаб ургъел-агъаз гьечӏолъи нилъер миллатазе хасиятаб гьечӏо. Гьединаб жигарчилъи бижиялъе ругел гӏиллабазул цояблъун, дир хӏисабалда, ккола нилъерго миллаталъул букӏа, къавмалъул, тухумалъул чи дагъистаниясе кумек гьабизе, гьесул рахъ кквезе бугеб гъира. «Дагъистаналда тухумчилъи тӏагӏинабизе ккола», ян цо-цо политиказ цере рехулел пикраби кидаго гуро ритӏарал ратулел, щайгурелъул лъикӏаб магӏнаялда босун ургъани, гьелъулъ руго гӏемерал лъикӏал рахъалги. Тӏоцебесеб иргаялда, гьеб ккола миллаталъул цолъи, гъунки бихьизабулеб гӏаламат. Бокьараб миллат цолъараб бугони, тӏолго Дагъистанги цолъараб букӏуна. Кӏиабизе бугони, гӏумруялъул цо кинаб бугониги бутӏаялда хӏалтӏулес гьенире жиндирго гӏагарал –гӏунтӏарал рачин – гьеб ккола гьес гьезие гьабулеб кумек. «Коммерсант» сайталъул мухбирасе Дагъистаналъул бетӏерасул ишал тӏуралев С. Меликовас кьураб интервьюялда гьес абулеб буго: «Мисалалъе кӏудияв вехьас жиндирго гӏагарал гьеб хӏалтӏуде рачин – гьеб кколищ тухумчилъи? Ккола. Гьеб лъикӏищ бугеб, квешищ? Лъикӏ буго. Дир инсул эмен вукӏана офицер, эмен вукӏана офицер, дун вуго офицер, дир вас – офицер. Гьесул васги вахъине бегьула офицерлъун. Гьединго тохтурзаби росани – бетӏерав тохтур эмен вугони, гьес гьенир хӏалтӏулел жиндир васасул яги ясалъул махщел дагьабги камил гьабилародай. Тухумчилъиялъулъ гуро Дагъистаналда иш бугеб, иш буго гьезул щивас гьарулел лъикӏал ва квешал ишазулъ», ян.

Рищияздаги цо рахъалъан гьеб гӏиллаялдалъунги гӏадамал цо гӏадин рахъуна жидер гӏумру лъикӏ гьабилин гьасин ракӏалде ккарасе, ялъуни партиялъе гьаракь кьезе.

Гьединлъидал, гӏажаиблъи гьабизе ккараб жо гуро гьал рищияздаги нилъер гӏадамаз жигараб гӏахьаллъи гьабиги. Гьеб ккола улкаялъул букӏа, республикаялъул букӏа нухмалъулездехун божилъи букӏиналъул гӏаламат.

Жакъасел нилъер нухмалъулезде гьеб божилъи тӏадеялдаса тӏаде щулалъулеб бугин абизе бегьула, бакӏалдасан рачӏарал ва гьединго жамгӏиял гӏуцӏабаз цере лъурал масъалаби тӏуразе гьез гьабулеб хӏаракаталде ва гьезие халкъалъ кьолеб къиматалде балагьун.

Исанасел рищиязда цереккунисезде данде ккун загьирлъана чӏаголъи, жигарчилъи ва гӏадамазул жидеда тӏадаб борч тӏубазабизе ва Конституциялъулаб ихтияр гӏумруялде бахъинабизе бугеб хӏадурлъи.

Гьал рищиял дандчӏвана нилъер жамгӏияталда квешаб вирусалъул унтиялъ ханлъи гьабулеб заманалда. Избирателазул участкабазде щведал, бихьулеб букӏана гьаракь кьей гӏуцӏараб къагӏидаялда ин мурадалда гуребги, коронавирусалде данде гьарулел тадбиразулги ракӏа-рахари букӏинги.

Аслияб куцалда рищиял квеш инчӏин абизе бегьула. Гьелъие нугӏлъи гьабуна къватӏисел пача- лихъаздаса рачӏарал нуснус наблюдателазги. Кигӏан нахулъ рас балагьизе гьезие бокьун букӏаниги, ритӏухълъиялъе гьел мукӏурлъана.

Амма цо-цо гӏунгутӏаби камунги, узухъда, рукӏинчӏо. Тӏоцебеб иргаялда гьел рухьарал руго рищияздаса рищиязде жидеца рищулезул сияхӏал мухӏкан гьарулел гьечӏолъиялда.

Масала, чанго сон буго дир ниж жанире кколеб Махӏачхъалаялда Кировский районалда избирателазул участокалде рищиял ругеб къоялъ гьаракь кьезе унеб, амма цебе-цебеги гьениб цӏар батичӏого, тӏадеги гьабулеб сияхӏалда хъвалеб дир цӏар, гьал рищияздаги гьединго гьабизе ккана. Гьеб ккола районалъул админстрациялъул хӏалтӏухъабазул тӏалаб гьечӏолъиялъул хӏасил. Гьединал рахъазде хадубккун кӏвар бусинабизе ккей хӏакъаб буго.

Кин бугониги, ракӏалде ккола гьаб нухалда Федералияб Собраниялъул Пачалихъияб Думаялде ва республикаялъул Халкъияб Собраниялде ва бакӏазде нилъеца рищарал депутатаз нилъер гӏумруялъул даража борхизаби мурадалда гъеж гурараб хӏалтӏи гьабилилан. Киналго рищаразда баркула ва халкъалъул божилъи ритӏухъ гьабизе гьезие тавпикъги гьарула.

Зикрула ИЛЬЯСОВ