ДРялъул Миллияб библиотекаялда тӏобитӏана Москваялдаса журналист Владимир Севриновскиясул тӏехьалъул хӏакъалъулъ цебелъей (презентация).

Ичӏго соналъ Дагъистаналдеги хьвадун, гьес данде гьабураб тӏехьалда цӏар лъун буго «Чӏагояб Дагъистан» абураб. Гьенире росун руго нилъер тӏабигӏат-гӏамалалъул, рукӏа-рахъиналъул, квен-тӏехалъул ва цогидалъул хӏакъалъулъ батӏи-батӏиял басмабазда рахъарал макъалаби.

Россиялъул киналго регионазда гьоркьоса хас гьабун Дагъистаналъ жиндир рекӏелъ ккураб бакӏалъул хӏакъалъулъ гьадин бицана Владимир Севриновскияс «Хӏакъикъат» газеталъе:

Дида ракӏалде ккана Россиялъул киналго регионаздеги щун, гьезул хӏакъалъулъ тӏехь хъвазе. Гьедин, чанго соналъ цебе къватӏибе бачӏана «Люди на карте. Россия: от края до крайности» абураб тӏехь.

Хадуб хӏукму ккана гьел киналго бакӏазда гьоркьоса хас гьабун цоялда тӏадчӏей гьабизеги. Кигӏан цӏакъ улкаялъул цогидал регионал рокьулел рукӏаниги, дица Дагъистан тӏаса бищана. Щайгурелъул культураялъул, тӏабигӏаталъул ва цогидалъул рахъалъ интересаб регион букӏин гуребги, сапаралъ рахъине бигьаяб, санагӏатаб бакӏ буго гьеб.

Доб мехалда, 2012 соналда, Дагъистаналъул имиджги батӏияб букӏана – республикаялда бугеб унгоунгояб ахӏвал-хӏалги Россиялда гӏадамаз гьелъул хӏакъалъулъ бицунеб хабарги тӏубан данде кколароан. Дие бокьун букӏана гьеб пикру хисизабизе.

Гьединлъидалин дун ункъо соналъ Дагъистаналда гӏумру гьабунги чӏун вукӏарав. Хадубги щибаб соналъ гӏадин щолаан гьаниве.

Тӏехьалда буго ахираб ичӏго соналда жаниб данде гьабураб материал.

— Цо халкъалде яги цо росу-ракьалде цӏикӏкӏун кӏвар кьун бугищ гьениб?

Гьедин ккечӏого букӏине хӏаракат бахъана. Шагьаралги, росабиги, миллаталги, нужер халкъазул рукӏа-рахъинги, мугӏрулги, авлахъалги, ралъадги бащадго бихьизабун буго.

Дагъистаналъ гӏажаибаб асар гьабула дие. Тӏубанго батӏи-батӏияб тӏабигӏаталъул бакӏ ккола гьеб. Масала, тӏолабго северияб рахъ буго авлахъазул цӏураб. Мугӏрузда гӏумру гьабулеб буго республикаялъул гӏадамазул бащдалдаса цӏикӏкӏараб къадаралъ.

Шагьаразулги буго жиде-жидер хаслъи. Хасго дие рокьулел шагьаразул цояб Махӏачхъала буго хӏатталдаса ун гӏажаибаб, ракӏ тӏаде цӏалеб шагьар. Амма тӏоцеве Махӏачхъалаялде щведал, виххун хутӏун вукӏана, дун ккараб бакӏго щибин, хъатамасан лъутизе кколин гьанисаян. Дагь-дагьккун бичӏчӏана гьеб гьайбатаб шагьар букӏин. Гьединабго батана Дербентги.

Амма дие цӏикӏкӏун росаби рокьула. Масала, кутакалда хирияб Чечень чӏинкӏиллъиялда бугеб росу.

Махӏачхъалаялъул Кировский районалда гъорлъе уна гьеб, гьелдаса гӏезегӏан рикӏкӏад букӏаниги.

— Дуца абуна Махӏачхъала гӏажаибаб, ракӏ тӏаде цӏалеб шагьар кколин. Гӏажаибаб архитектураялдалъун гуребги, цоги сундалъун гьеб ракӏ тӏаде цӏалеблъун бугеб?

Гьелъул архитектураялъ лъикӏаб асар гьабулин дица абиларо. Гьелъул гӏаксалда, дир ракӏ унтула Махӏачхъалаялда замазаманалдасан гъутӏби къотӏулел рукӏиналдаса, АкГель хӏор къунеб букӏиналдаса.

Амма асар гьабула Махӏачхъалаялда гӏумру гьабулел гӏадамаз. Тӏаде балагьун гьел батӏи-батӏиял руго – диналъул, миллаталъул, рукӏа-рахъиналъул, жидедаго цере лъурал мурадазул рахъалдасан. Рукӏаниги, бахиллъизе бачӏуна гьезул рагӏидандеккеялда, гъункиялда. Масала, руго цӏакъго диниял чагӏазул горсвериял, руго коньяк-чагъир гьекъон аваданлъи гьабизе гӏадамал хьвадулел дискотекабиги, философазул клубалги. Гьединал контрастал къваригӏарал чагӏазда гьел ратизе рес буго Махӏачхъалаялда. Амма лъалев чи цадахъ гьечӏони, гьенире рорчӏизе захӏмалъула.

— Ичӏго соналъ данде бакӏарараб материал инчӏин гьеб тӏехьалдейин абулеб рагӏана. Масала, щиб инчӏеб?

Тӏехьалъе бакӏарулеб материал тӏадеялдаса тӏаде гӏемерлъулеб букӏана. Гьале гьанже гьеб басма- ялда бахъун хадубги чанго макъала хъвана дица Дагъистаналъул хӏакъалъулъ. Азарго экземпляралъул тиражгун биччараб гьеб тӏехь бичун ани, ракӏалда буго тӏаде бачӏараб материалги гъорлъе бачун, цӏидасан биччазе. Цо-цо жал гьениса нахъе рахъана композициялъул рахъалъ дандеккечӏого. Цогидал макъалаби тӏехьалде инчӏо дидаго гьенире росизе кӏочон теялъ. Масала, гьезул цояб ккола «Лезгинка» ансамблялъул вукӏарав тӏоцевесев солистасул хӏакъалъулъ хъвараб хабар.

Гьев гьабсагӏаталда Америкаялда вуго гӏумру гьабун. Кутакалда рекӏекълъун вуго дун гьедин ккеял- даса.

— Тӏехь цӏалараз бицана дуца гьениб щибго балъго гьабичӏого, сурукъалги лъикӏалги рахъал ругеб куцалда рихьизарун ругин.

Хварав чиясул хӏакъалъулъ лъикӏаб гурони, квешаб бицине бегьуларин абула. Гьеб тӏехьалда цӏар «Чӏагояб Дагъистан» бугелъул, чӏагояб жоялъул хӏакъалъулъ лъикӏабги квешабги бицине ккеларищха.

Дие цӏакъ рекӏее гӏуна Катя Капустиналъ (Екатерина Капустина,

Санкт-Петербургалдаса этнограф – авт.) Дагъистаналъул рахъалъ загьир гьарурал пикраби: «… в первый раз я не очаровалась, так как мне это было чуждо.

А на следующий год влюбилась по-настоящему. Меня завораживало буквально все. Любой чабан мог уйти за мечтой и поступить в институт. Никто не сидел на месте, все что-то делали, и, пусть у них часто не получалось, для меня фраза «на движениях» — до сих пор синоним Дагестана. Потом первая влюбленность прошла, страсти поутихли. Я обнаружила, что любимый и храпит, и косолапит. Если этот момент преодолеть и не разочароваться, то любишь уже со всеми недостатками. Сейчас я все равно что старая жена, которая может прикрикнуть: «Не чавкай!» — но это тоже от любви. Хотя множество мелочей меня страшно бесит».

Гьеб макъалаги босун буго тӏехьалде. Катял рагӏабазул магӏна ккола гӏунгутӏаби рукӏаниги рукӏинчӏониги, гьелъие Дагъистан кутакалда рекӏее гӏун букӏин, гьелда гьеб тӏокӏкӏун лъан букӏин.

— Махӏачхъалаялъгун Чечень чӏинкӏиллъиялъ тун батӏияб, цоги кинаб росу-ракьалъ мун асир гьа— вурав?

Юждагъалда бугеб Кӏусур росдаца (Рутул районалда бугеб магӏарулазул росу; гьелъул гӏадамал гочун руго Бабаюрт районалъул Гъамбулат хъутаналде – авт.). Амма дир рекӏее бокьичӏо исана хасало гьениса ахирисев чи нахъе ун вукӏин (гъоркьисагицин лъабго-ункъо чи вукӏана гьенив – авт.).

Гьединлъидал кигӏан дие цӏидасан дове ине бокьаниги, янгъизго хутӏарал минаби рихьани, кутакалда захӏмалъизе буго рекӏее.

— Хӏукуматалъ машинадул нух бахъаницин жал росулъе руссинин абулеб букӏана гьеб росдал гӏадамаз.

Яндекс картаялда бихьизабулеб буго Кӏусуралде гьединаб нух букӏин. Лъаларо, хӏакимзабаз документазда бихьизабун батилаха гьенибе нух бахъун бугилан. Палхӏасил, ахираб заманалда дун гьеб рахъалде, Юждагъалде, гӏемер щола. Щайгурелъул бакътӏерхьул Дагъистаналда лъаларебги, дица хӏетӏе чӏечӏебги бакӏ хутӏун гьечӏо.

— Тӏехьалде тӏадруссани, гьелдаса кинабгӏаги разилъи гьечӏолъи хутӏун бугищ дур?

Авторасул кидаго букӏине ккола гьеб – жиндирго асаралдаса разилъи гьечӏолъи, дагьа-макъабниги ракӏ рекъонгутӏи. Гьединго дидаги ракӏалде кколеб буго байбихьуда – гьанжего гьанже Дагъистаналдеги щун, рохалил цӏураб асаралъ кодове восун хъварал макъалабазулъ цо жо гӏолеб гьечӏин, гьанже – республика цӏикӏкӏун лъайдал, дица гьел батӏайисан хъвалаанин.

Дагъистаналъул хӏакъалъулъ хъвазе хӏисабалде босараб аслияб материал хӏадурун бахъаниги, рес кканщинахъе дун щвезе вуго нужехъе.

Гара-чӏвари гьабуна Зульфия ХӏАЖИЕВАЛЪ.