Халкъалъул гӏумру лъикӏлъизабизелъун чанго батӏияб миллияб проект, программа хӏалтӏизе биччан буго нилъер улкаялда. Ахирал соназда гӏезегӏанго хӏалтӏи гьабун рагӏалдеги бахъана республикаялда.
Квегӏенлъаби цӏикӏкӏанагӏан араб заманалъухъ угьдилел рукӏуна нилъ, жакъа бугелда шукру гьабизе лъачӏого.
Дица гьаниб мухӏканал баянал кьеларо щиб бутӏаялда кигӏанасеб хӏалтӏи гьабулеб бугебали. Пикру гьабулев чиясда гьеб цебетӏей бихьула. Амма щибаб рахъалда жанире лъугьун халгьабуни, гӏунгутӏабиги камилищха.
Битӏахъе хӏикмалъула нилъер бусурбабазул кӏвахӏаллъи, кӏигьумерчилъи бихьидал. Дагьаб цӏикӏкӏун заманалъ цого бакӏалда хӏакимлъун хутӏарав чиясда гьеб бакӏ жиндирго магӏишатлъун бихьула. Дагьавниги нечечӏого хӏукуматалъул чвантинибе гьес квер бегьи — гьебги гӏадатияб жолъун гьечӏищха. Гьединазул чангоязул кверазда маххалги рана ахирал соназда, амма кинго кантӏуларо, цӏитараздаги ратула бикъа-хъа— миялъе батӏи-батӏиял нухал. Хадургъун ругеб куц, халкъалъул гӏумру лъикӏлъизабиялъе биччараб, хӏукуматалъул буголъи хӏулизе, гьел намуслъуларел куц тӏадчагӏазе хӏелизе. Пачалихъалъул гӏуцӏиялда гӏайиб чӏвазе гӏедегӏула, гӏунгутӏаби цӏехола, нилъецаго гьабулебщинаб борцунаро щивасул намусалъ.
Гьитӏинавниги кӏудиявниги чан хӏакимдай вуго, Къуръаналда квер лъун, жиндир ритӏухълъиялъул рацӏцӏен кьезе кӏолев. Бусурбабиянги рукӏуна нилъ.
Маданияталде цо-цо бакъул чӏор
Миллиял проектазе риччарал миллиардаздаса культура цебетӏеялъе бихьизабураб бутӏаялъул цо-цо къатӏраби щолел руго магӏарухъеги.
Дагъистаналъул гьумер, тарих, гӏасрабазул лъалкӏал рагьула маданияталъул гьунарчагӏаз. Росдал гьумер райцентралда, районалъул хаслъи республикаялда, республикаялъул бечелъи улкаялъеги рагьулел кӏудияб рагӏдукь руго гӏемерал соназ.
Лъиего балъголъи гуро, руго росабалъ чӏунтарал клубал, гьенир «хӏалтӏулин» абун харж босулел «гьунарчагӏи». Гьел рукӏинцин кӏочонеб буго жалго жамагӏатазда, гьечӏелъул жаниб тӏобитӏулеб щибго тадбир. Гьединаб цо идараялде щолеб буго бакъул чӏор гьунаралъул махӏ, росдал маданияб хаслъи гьечӏеб бакӏалде миллионалги риччан къачӏалеб буго культураялъул кӏалгӏа.
Щибизейин бижулеб буго суал. Кинаб комиссиялъ, сундул хӏисаб гьабун гьеб хӏукму къотӏараб? Гьебго заманалда буго цоги росдал маданияталъул рукъ, чӏунтизе течӏого санайил бегавуласул хӏаракаталъ къачӏалеб, районалъул гуребги, республикаялъул рухӏияб хазиналъун бугеб хаслъи жаниб цӏунараб, цо гьоркьор течӏого байрамазул тадбир жамагӏаталъе гӏуцӏулеб. Гьеб жамагӏаталъул гьечӏо росулъа рахъарал министрал, чемпионал, чӏахӏиял трибунаялде рахунел депутатал. Гӏарац бикьакъотӏулел тӏадчагӏазда гьеб хӏаракатчилъи бихьуларо. Гьеле гьеб буго миллиял проектазул кумек бищунго хӏажаталъубе щунгутӏиялъе, гӏарац унеб бакӏалда хадуб мухӏканаб халкквей гьечӏолъиялъе хӏужалъун. Цоги мисал лъикӏаб, кӏудияб жамагӏаталъе щвана культураялъул кӏалгӏа цӏи гьабун къачӏазе миллияб проекталъе биччараб гӏарац. Бахилаб хӏалалъ къачӏала маданияталъул мина. Гьез- ги гьелъухъ баркала кьола жидерго росулъа хӏакимасе, хӏукуматалъе гуро. Пуланав чиясул баракат бугилаха гьаб. Гъосул чвантинисайищ бачӏараб гӏарац клуб къачӏазе?
Хӏукуматалъ халкъалъе гьабулелъулги цӏар хӏакимасе щвезе кколеблъиялде ругьунлъун руго нилъ.
Гьединал мисалазин гӏадатияб хал къалъул божилъиги холеб тӏадчагӏазде.
Чорокаб квералъ хъубаб квер чурулаго…
Грантал, проектал, программаби, субсидиял кьун ругелщинал ресал магӏишат-яшав лъикӏлъизабизе бокьаразе! Амма пайда щиб, гьел хӏалтӏизарулел гӏемерисезул ният бацӏцӏадаб гьечӏолъиялъ чӏунталиде ккун буго росдал магӏишат. Буго цо тайпа гӏадамазул гьел киналниги программабазда рекъон жидеего пайда тӏалаб гьабулел. Кагътида кутакалда мухӏканго бихьизабула гьез жидеца росдал магӏишат борхулеб иш гьабизе бугин. Йохъ, гьезул анцӏгоязда гьоркьоса цоясги гӏезабуларо ах, хьихьуларо боцӏи, рекьуларо хурзал! Гьеб гӏарцухъ гьез росула машинаби, багьаяб холодильник, эхетула чӏухӏараб каву-къед, кьучӏ лъола шагьаралда мина баялъе. Ахги фермабиги кагътида рукӏуна, ракьулъ седаралги гъутӏби хъулухъ гьабичӏого ракъвала. Хадур актал гьарула, гьава-бакъалъул битӏгьечӏолъиялъ хӏайванал, ах-хур «хола» ва. гь. ц. Кагътица кинабго хӏехьолелъул, гъулбас гьабулев чи нилъерго вугони. Хӏукуматалъул кумек щун лъикӏаб магӏишат гӏуцӏаралги камун ратиларо, гьебги щвечӏого магӏарухъ лъикӏаб яшав гьабулезулги мисалал жеги цӏикӏкӏун руго.
Гьадинал макъалабаздаса хадуб, дуца чорокаб политикаялъул хӏукумат беццулеб бугин, халкъалъул масъалабазул бицунеб гьечӏин гӏайибал чӏвалел чагӏи камуларо.
Политикаялъул иш лъаларо, лъазе тӏалабги гьабуларо. Кӏудияб гӏелму хӏажалъиларо «хӏалтӏулес хӏанчӏулеблъи» лъазеги.
Кутакалда къапун оппозициялда вугин живан рикӏкӏунев чи вукӏана хӏукумат какун зигардизе вачӏун. «Динги гьукъун гьечӏо, гӏелму-лъай тӏалаб гьабизеги рес буго, магӏишат-яшав гьабизе бокьаразе хӏукуматалъул кумекги буго. Сунцаха квалквал гьабулеб бугеб дур яшав цебетӏеялъе? Кидаго какдолев вукӏинчӏого, гӏезабе ах, бекье хур, лъица гьукъун бугеб умумузул кулиги цӏи гьабун гьениб дурго магӏишат гьабизе?» ян гьесдаса «сурав» босизе лъугьана дун. «Щиб багьана батунги дие нух кьолеб гьечӏо цевехун ине, гранталги, лъикӏалщинал программабазда рекъон щолебщинабги цого къавмалда гьоркьоб бикьулеб буго. Гьезул чамалиго ригьзалги руго, рагьтӏа чӏухӏарал машинабиги руго», ян абулев «оппозиционерасда» тӏуянго разилъичӏогоги рес гьечӏо. Чорокаб квералъ хъубаб квер чурулаго хӏабургъинабулеб буго лъикӏабщинаб.
Гьаниб гурищ бугеб алжанул гӏаркьел
Нилъер заманалда рес буго къватӏисел улкабазул гӏумру бихьизе, гьелда данде нилъерабгоги кквезе. Гӏемериселъул хӏисаб гьабидал, Дагъистан алжанул гӏаркьел бугин шукру гьабула. Къварилъиялда бугеб халкъалъул захӏматаб яшав телевизоралдасан, жамгӏиял гьиназдасан бихьидал, ракӏалде щола хъахӏцӏахӏилал, тӏогьилал автобусазда рекӏун магӏарухъа шагьаралде рачӏунаго, нухда микьго сагӏат балеб букӏараб заман. Хӏалтӏулаб сапаралъ унаго гьанжеги Дагъистаналда гӏезегӏан ратула горбода мусру бухьун машина бачунел бакӏал. Шоферлъиялъул махщел цӏаличӏониги щолеб гьаб заманалда, цӏакъго кӏудияб хӏинкъи буго гьел нухаздаса хьвадулезе. Гьединал нухал ратана исана Бежтӏе унагоги.
Шамил районалде церегоялдаса нахъе лъикӏал нухал рукӏана, заруца хӏакимзабазул остол бухун халкъалъе гӏоло кӏалъалев Суракъат Асиятилов депутатлъул вукӏиналъги батилаха. Гьанже гьел шагьранухал гьенибе гуребги, киналго районазде лъикӏлъун руго. Мисалалъе, ракӏалде щола гьаб гӏасруялъул байбихьуда Чӏараде, Лъаратӏе, Гумбет районазде рукӏарал захӏматал нухал. Жакъайин абуни гьенире унаго ракӏ бохула бергьун кӏудияб хӏалтӏи гьабулеб буго гьеб рахъалъ республикаялда. Руго цо-цо кепал мисалалги. Къого цӏараки гьечӏеб росулъе нух гӏатӏид гьабун буго гӏемерал миллионалги риччан. Гьебго нух, росдал бегавуласул хӏаракаталдалъун, машина бачине щибго квал-квал гьечӏеб къагӏидаялъ къачӏан мех бан букӏинчӏо. Гьитӏинаб росулъе сверулеб бакӏалде щвезегӏан бугеб аслияб, чамалиго росулъе машинаби хьвадулеб, хӏинкъи цӏикӏкӏарал бакӏал гӏемераб нухде цо гъурущ биччалеб гьечӏо. Проекталда рекъон жидер гьелъие изну гьечӏила. Лъил интересазе гӏоло бахъараб нух гьеб?
Гьелъие жаваб щоларо квералъ квер чурулезухъа. Релъулаго гӏодизе бегьулеб суал гьечӏищха.
Хӏукумат какизе лъугьуна нилъ
Лъай кьеялъул бутӏаялда, сахлъи цӏуниялъул мухъда гьабураб хӏалтӏиги цӏакъ гӏемераб буго. Гьел бутӏабазда хадуб, цебеялде данде ккун, цӏикӏкӏараб халкквейги гьечӏищха. Нилъеца гьелъул бицуна- ро, гьеб хӏукуматалда тӏадаб жо бугинги абун. Цебесеб хӏукуматалъул гӏуцӏиялдаги тӏалъуларого букӏун батиларо гьеб.
Санагӏат рекъарабгӏан, квегӏенлъи цӏикӏкӏанагӏан гӏорогунеб буго гӏадамасул намус, чучулеб буго жа- вабчилъи, хъантӏиялъ кверде босулеб буго ракӏ.
Школлъимал раччизе машина босизе биччараб гӏарцухъ жиндиего «Джип» босулев, ремонталъе би- хьизабуралъухъ жиндирго ригьзал къачӏалев директорги, гьебго намусалъул бегавулзаби, бетӏерал тохтурзаби, яслиязул, клубазул заведующиял рукӏараблъи лъиего балъголъи гуро. Гьанжеги камун ратиларо гьединал. Къуватаздаса байбихьун туснахъалъур лъолел рукӏин бихьаниги, кантӏуларо законалъе.
Магӏарухъе щвараб мехалъ бихьула гӏумруялъул церетӏурал ва нахъеккарал рахъал. Руго лъикӏал нухал, санагӏалъи рекъарал рукъзал, тарбиялъай кьеялъе, сахлъи цӏуниялъе, спорт цебетӏеялъе шартӏал. Ратила росаби гӏемерал соназ басралъарал масъалаби жанир тӏепарал. Гьеб жибго жамагӏаталъул гӏайиб буго, тӏоцебесеб иргаялда.
Щай хӏехьезе кколев анцӏанцӏ соназ росдал масъалаби тӏуразарун бажаруларев бегавул? Щибизе ри- щулел, роботаз гӏадин хӏакимасе хӏажаталъуб гурони квер борхуларел, жамагӏаталъе гӏоло рагӏи абизе бахӏарчилъи жиндилъ гьечӏев депутат?
Гьаб эркенлъигун гӏатӏилъи гӏоларого хӏукумат какизе лъугьуна нилъ. Жавабчилъиги цӏикӏкӏинабун, гӏорогараб нилъерго намус буго бацӏцӏад гьабизе ккун.
Патӏимат ГЬИТӏИНОВА