29 сентябралда Избербашалда ахиралде щвана «Каспий -2021» абураб гӏолилазул форум. Гьелда гӏахьаллъана ДРялъул нухмалъулев Сергей Меликовги.

Гьесул рагӏабазда рекъон, 2011 соналда «Каспий» ургъун букӏана цӏакъ кӏвар бугеб проект хӏисабалда. Гьелъул аслияб мурад кколаан гӏолилазда гьоркьоб гьудуллъи-вацлъи рагӏизаби, бухьенал щула гьари ва гьунар бугел гӏолохъаби тӏатинари.

Гьелдаса нахъе араб 10 соналда жаниб улкаялъул батӏи-батӏиял регионаздаса гӏолилазул анлъазарго чиясе, хасго гьезул гӏелбащадазе гьаб форум лъугьана цоцазулгун пикраби дандразе ва цӏиял, интересал проектал гӏумруялде рахъинаризе рес кьолеб щулияб кьолъунилан абуна С. Меликовас.

А. ЮСУПОВ