Нахъеги авариял, нахъеги нухазда жаназаби. Хӏинкъараб, рахӏат хвараб ахӏвал- хӏал бугин республикаялъул нухаздаян абуни, гьеб ккезехъин буго щибниги абизе- го абичӏин абураб гӏадаб жо. Араб анкьалъул ва гьалъул байбихьуда цоялдаса цоял ракӏгъанцӏизабурал авариял ккана республикаялда.
26 сентябралда Грозныялда ккараб ДТПялъул киназдаго рагӏун батила. «ВАЗ- 21124» маркаялъул машина речӏчӏана «ГАЗельгун». Гьитӏинаб машинаялда жа- ниб букӏараб хъизан къадаралде щвана. Гьел рукӏана нилъер республикаялдаса.
Нахъисеб къоялъ, ай 27 сентябралда Мамедхъалаялда ва ДагъОгни шагьаралда гьоркьоб, КамАЗги «ВАЗ» ва «Мерседес» маркаялъул машинаги дандеречӏчӏун ункъо чи хвана, кӏиго чи лъукъана, гьезул цоявги больницаялда къадаралде щвана.
28 сентябралда Махӏачхъалаялъул Гӏахъушиясул цӏаралда бугеб къотӏноб, 17 сон барав гӏолилас бачунеб ВАЗ-2107 маркаялъул автомобиль речӏчӏана рекламаялъул игӏланал чӏвалеб маххул хӏоболъ. Социалиял сетазде рехун бачӏараб гьелъул видеоролик бихьаралщиназ гьикъулеб букӏана гьенив жанив чӏагого чиго хутӏанадаян абун. Нижехъе щварал баяназда рекъон, машина бачунев вукӏарав гӏолилавги, 22 сон барав гьесул гьалмагъги батӏи-батӏиял лъукъа- къотӏиялгун больницаялде щвезаруна.
Тӏадехун абухъе, цӏакъ гӏемерал авариял кколел руго. Республикаялъул нухазда бугеб расги лъикӏаб гуреб ахӏвал-хӏалалда тӏасан жиндирго пикру гьадин загьир гьабуна хӏалбихьи бугев шофер Шамил Шагьидовас.
— «Хехаб кумекалъул» шоферлъун хӏалтӏулев вукӏиндал, дида цогидаздасаги цӏикӏкӏун рихьула республикаялда, мисалалъе, Махӏачхъалаялда щибаб къоялъ гӏадин кколел ругел авариял. Къасисеб дежурствоялда дун вугев цо-цо сордо букӏуна гьитӏинабниги кӏудиябниги анцӏго авария ккарабги. Щив гьелъие гӏайибияв вугевин чӏванкъотӏараб суал, мисалалъе, дие кьолеб бугони, дица кидаго абула гӏайибияв водитель вугин абун. Щайгурелъул лъимаца гӏадал гъалатӏал риччалел руго гӏемерисел гӏадамаз нухазда.
Мисалалъе босилин, дун чанги ккана гьадинаб магӏнаялъул авариязда тӏаде: гӏадатияб роцӏараб къо, я гьури гуро я гӏазу-цӏад гуро, ракъварал нухал руго, амма лъимералъ гӏадаб гъалатӏги биччан, дандречӏчӏун батула кӏиго машина. Гьединаб чаракъосараб хӏал буго гьабсагӏат нухазда. Чан нухалъ абуниги лъалеб гьечӏо машина бачине, хасго гӏолохъабазда. Дир эменги вукӏана хӏалбихьи бугев, гӏумру рулалда нахъа арав чи. Гьесда цадахъ машинаялъуб ана дирги лъимерлъи. Гьес кидаго абулаан машина бачунесул кӏиябго бер букӏине кколин цебе балагьунилан, амма хьибилалдаги, гьединго нахъасанги лъугьунеб-толебги бихьизе кколин гьесдайилан. Дида, гьитӏинав чиясда, бичӏчӏулароан гьелъул магӏна. Рулалда нахъа хӏалбихьи щведал, бичӏчӏана. Кӏиябго бер цебе балагьун бугониги, аскӏосан, нахъасан, хьибилалдасан рачӏунел машинабиги рихьизе ккола, пиридул хехлъиялда хӏалтӏизе ккола пикру, хӏадурго вукӏине ккола хехго хӏукму къотӏизе. Узухъда, щивниги чи цӏунун гьечӏо аварияздаса, кигӏан хӏалбихьи бугевги авариялде ккечӏого хутӏизе рес гьечӏо, хасго гьаб заманалда. Кигӏан цӏодорго машина бачаниги, цо гӏабдал дуда речӏчӏани, хвана иш. Секундалда жаниб кколеб жо буго авария, щивго гьелдаса цӏунун хутӏуларо. Амма, кин бугониги, гӏайибияв вуго шофер.
20-27 сентябралъул къоязда республикаялда ккарал авариязул хӏасилалда хвана 14 чи, лъукъа-къотӏана 46-яв.
Гъоркьиса республикаялъул нухазда хун вуго 316 чи.
Исана араб ичӏго моцӏида жаниб авариялде ккун хварал гӏадамазул гӏаммаб къадар жеги загьир гьабун гьечӏо республикаялъул ГИБДДялъ. Цӏакъ бокьилаан гьеб тарих, 2020 соналъул баяназде дандеккун, дагьаб батизе.
Амма лъабго къоялда жаниб ккарал авариязухъ балагьун, бичӏчӏулеб буго лъагӏалида жаниб гӏемерав чиясе зарал ккараблъи.
Ашахан ЮСУПОВ