Чанго къоялъ тӏатӏалаго ралел чвахунцӏадазул хӏасилалда, анлъабилеб октябралда биххана Гъуниб- хъала сверун бараб некӏсияб къадал цо бутӏа. Шамилил абулел кавабазда цураб къед ккола гьеб. Къед биххана битӏун туристаз гьелъул видео бахъулеб заманалда. Тарихчагӏазул баяназда рекъон, гьеб къадал халалъи ккола анкь нусгоялде гӏагарун метр. Бакӏ- бакӏалдаса гьелъул биццалъи буго цо метр. Гъуниб-хъала гӏурус пачаяс бан буго ХӀX гӏасруялда, Кавказалъул рагъ лъугӏун хадуб. Цо-цо баяназда рекъон, хъалаялъул къед тӏасияб соналда къачӏазе букӏун буго.