Москваялда РФялъул президентасда цебе рагьараб ДРялъул вакиллъиялъул нухмалъулевлъун тӏамуна гьанжелъизегӏан республикаялъул бетӏерасул кумекчилъун хӏалтӏарав Владислав Толстюк.
Пачалихъияб Думаялъул депутатлъун инегӏан, гьеб хъулухъалда вукӏана Жамалдин Хӏасанов. Гьесде щвезегӏанги гьенир нухмалъиялда рукӏана Хӏажи-Къурбан Шайдаев, Хӏажи-Мухӏамад Хӏамзаев, Рамазан Мамедов, Юрий Левицкий, Хӏажи Махӏачев, Александр Ермошкин, Изумруд Мухӏудинова.
Гьединаб вакиллъи Москваялда рагьана ДАССРалъул Министрзабазул советалъ 1991 соналъул 15 августалда гьабураб хӏукмуялда рекъон.