5 октябралда лъагӏел тӏубана Сергей Меликов республикаялъул бетӏерасул ишал тӏуралевлъун тӏамуралдаса.

14 октябралда, «врио» абураб цебелъелги нахъе рехун, гьев бетӏерлъун тасдикъ гьавизе хӏадурлъулел руго Халкъияб Собраниялъул депутатал.

Жакъа къокъго рицун тела лъагӏалида жаниб Меликовас гьабураб хӏалтӏул цо-цо лахӏзатал.

Республикаялъул гӏузраби

Москваялда рагӏизари

Цере рукӏарал нухмалъулезда дандеккун, республикаялъул гӏунгутӏаби рахчичӏого, гӏаксалда, гьел федералияб тӏалъиялда рагӏизаризе хӏаракат бахъана С. Меликовас. Исана марталда Федералияб Собраниялда «Дагъистаналъул къоял» унеб мехалда, парламенталда цевеги вахъун, республикаялда ругел гӏузрабазул хӏакъалъулъ бицана гьес.

Вацал Хӏасанхӏусеновазул

эбел-эмен къабул гьари

Бищунго гӏадамазе асар гьабураб хӏужалъун рикӏкӏине бегьула гъоркьиса 25 декабралда вацал Хӏасанхӏусеновазул эбел-эмен гьес къабул гьари. Жидер балагьалде гӏинтӏамеян, щуго соналъ кодоб васазул суратги ккун, тахшагьаралъул аслияб майданалда эхетун чӏаниги, республикаялъул тӏалъиялда вихьичӏев Муртазагӏалиги гьесул лъади Патӏиматги, Меликовас тӏадеги ахӏун, гьезулгун гара-чӏвари гьабуна.

Халкъалъулгун бухьен

гӏатӏид гьаби

Апрелалдаса байбихьун республикаялъул муниципалитетазде сапарал гьаризе квер бана С. Меликовас. Чанго къоялда жаниб Дербент, Догъузпара, Ахти, Агул, Сулейман-Стӏал, Табасаран, Мухӏарамкент, Хив районазде ва гьединго Дербент и ДагОгни шагьаразде щвана.

Июналда Тарумовкаялде, Хасвюрталде, Шамил, Лъаратӏа ва Гъуниб районазде щвана. Сентябралда щвана Лак, Новолак, Гъизилюрт районазде ва Гъизилюрт шагьаралде.

Больницабазе цӏиял машинаби кьей

Сахлъи цӏуниялъул бутӏаялда цӏилъи чӏвазабизе гӏуцӏараб программаялда рекъон, 27 цӏияб машина щвезабуна республикаялъе.

Меликовас жинцаго кьуна гьел машинабазул кӏулал республикаялъул 27 батӏияб муниципалитеталъул нухмалъулезухъе.

Расулил юбилеялде хӏадурлъи гьаби

2023 соналда Расул Хӏамазатовасул нусго сон тӏубаялъул юбилей улкаялъулго даражаялда тӏобитӏизе букӏиналда жанибги кӏудияб бутӏа лъуна С. Меликовас.

Президент В. Путинилгун букӏараб дандчӏваялда гьес биценги гьабун, улкаялъул бетӏерас лъикӏаблъун рикӏкӏана кӏудияв шагӏирас 100 сон тӏубаялъул тадбирал тӏубараб улкаялдаго тӏоритӏизе.