30 сентябралда тӏобитӏизе буго цӏибищараб Халкъияб Собраниялъул тӏоцебесеб сессия. Гьенир рищизе руго парламенталъул спикергун вице-спикералги, комитетазул нухмалъулелги, Федерациялъул Советалде сенаторги (Халкъияб Собраниялдаса вакил). Гьеб якъинлъила 30 сентябралъул сессиялда. Гьабсагӏаталда нижеца хӏукму гьабуна цӏияб парламенталда депутатазул цо-цояз сунде кӏвар кьезе бугебали гьезда жидедаго гьикъизе.
Мухӏамад ПАТХӏУЛАЕВ, Болъихъ районалъул вукӏарав нухмалъулев:
— Депутат хӏисабалда, дица кӏвар кьела экономикиял суалал рорхиялде. Щайгурелъул экономика кинаб даражаялда батаниги, гьелда бараб букӏуна жамгӏияталъул цебетӏей.
Гьединлъидал хӏажат буго гӏиси-бикъинаб даран-базаралъул, фермеразул рахъкквезе, ресукъал гӏадамазда кверчӏвазе, гьезие хӏажатал законал рахъиялъе квербакъизе. Нилъер республика, аслияб куцалда, аграрияблъун рикӏкӏунелъул, кигӏан кӏваниги АПКялде кӏвар кьезе хӏажат буго.
Жакъа нилъеца гӏумру гьабулеб буго цо параялда жаниб хис-хисулеб заманалда. Нилъеда бихьула Афгъанистаналда, Сириялда, Украинаялда ва цогидал бакӏазда бугеб хӏалуцин. Гьениса террористалги къваригӏел гьечӏел цогидал чагӏиги нилъер гьанире раккулареб хӏал ургъизе ккола.
Дие рахӏат толареб цоги суалги буго. Парламенталъул разилъи гьечӏони, нилъер гьанир хъулухъалда тасдикъ гьаруларо республикаялъул бетӏерги цогидал нухмалъулелги. Амма министрал хъулухъазде тӏамулеб мехалда депутатазда гьикъуларо. Гьеб гьикъизе бокьилаан дие. Лъицаялиго гьарун, лъилалиго гӏага-божарав чи вугилан цеве ккарав чи тӏамичӏого, унго-унголъунги иш бажарулев, лъай бугев ва хъулухъалде ккезелъун, парламенталдаги дандбани, лъикӏаб букӏина гьеб суал. Министрал щвезе ккола республикаялъул бищун рикӏкӏад ругел росабалъегун кулабазде, дандчӏвазе ккола гӏадатиял гӏадамалгун. Гьединлъидал батилин тола дица гьезул цо-цоязда магӏарухъ ругел гӏузрабиги лъалел гьечӏел, лъаниги тӏубарал лъагӏалабаз тӏуралел гьечӏел.
Масала, нижер районалда кутакалда къваригӏараб жо буго гьекъолеб лъим. Хасго ахираб заманалда хасалогун хаслихъе гӏазу, цӏадал рачӏолъиялъ къун руго цо-цо иццал. Нижер доба гуребги, цогидал районаздаги буго гьебго хӏал. Масала, токалъул суалги тӏубазе къваригӏун буго. Дагьабниги гьури пурабго, цӏад тӏинкӏарабго, токги ун, гьабизе жоги лъаларого хутӏула тӏубарал росаби.
Магӏарухъ гьелги цогидалги гӏузраби лъугӏизаризе къваригӏун буго. Гурони, гӏодоблъиялде гӏадамалги гочун, ахирги нилъер мугӏрул гӏицӏго хутӏизе руго.
Гӏабдулвахӏид ЛАБАЗАНОВ, «Кизилюртовские вести» газеталъул бетӏерав редактор:
— Рищиязда цебе нижер партиялъ (КПРФ) хӏадурараб хасаб программаялда рихьизарурал пунктал тӏураялъе квербакъи гуребги, аслияб куцалда, дица борхизе буго Бузнаса нух бахъиялъул суалги.
Гьелъул хӏакъалъулъ ДРялъул бетӏер Сергей Меликовасде хъвараб хитӏаб парламенталъул тӏоцебесеб данделъиялдаго кьезе ракӏалда буго дида.
Магӏарухъе нух къокълъила, гьеб бахъани. Тӏадежоялъе, цохӏо гендерил тоннельги гӏоларо тӏокӏалъ чӏечӏого эхеде-нахъе хьвадулел нилъее. Бузнаса нухалъ тӏаса росилаан дунял квачайдалги цогидаб мехалдаги гьенир кколел цо-цо гӏунгутӏаби.
Гьединго терроризм абураб балагьги тӏубанго тӏаса босун гьечӏо. Афгъанистаналдаги Закавказьеялдаги буго хӏалуцин. Хъван батугеги, амма бокьараб мехалда гьелъул тӏири гьанибеги щвезе рес буго. Гьединлъидал Бузнаса нухлул рагъулабгун стратегияб кӏваралъул нухги ккола. Кутакалда санагӏатаб бакӏалдасан унеб буго гьеб.
Гьеб киналдаго тӏаде магӏарухъ бугеб гӏолохъанаб гӏел шагьаразде гочинчӏого росабалъ чӏеялъулги кӏварги буго гьеб нухлул. Дир хӏисабалда, росабалъе нухалги газги бугони, гӏадамал кирениги ине гьечӏо. Къваригӏараб-таралда хадур къватӏире рахъун гурони, гъалмагъиралъе гьал шагьараздеги руссинчӏого, жидерго магӏишаталда парахат рукӏинаан. Нижер (Гьарадерихъ) росулъе щвезе кӏиго сагӏат гурони балароанха Бузнаса нух бахъани.
Туризм цебетӏеялъегицин гӏезегӏанго квербакъи букӏина гьелъул. Масала, Бузнаса нухги бахъун, гьаругьин гъоркьа тӏаде — Гьарадерихъе рачӏинаан туристал, цинги гьенисан Тӏадколоре, Хунзахъе инаан.
Султӏанахӏмад ИБРАГЬИМОВ, боксёр-профессионал:
— Нижер районалда кутакалда къварилъи буго нухазулги, токалъулги, гьекъолеб лъелги рахъалъ. Гьелде кӏвар кьезе къваригӏун буго. Масала, щуго соналъ цебе гӏезегӏан гӏарац биччан букӏана райцентралде лъим бачине. Амма гьелда бан рагӏалде бахъараб хӏалтӏи гьечӏо жакъа къоялдаги. Токалъулги буго гӏунгутӏи. Некӏого лъурал цӏулал хӏубал хисулел руго районалъул тӏасияб участкаялда. Гьезул 60 процентниги хисун бахъана.
Гьел суалал тӏуразе бажарулебани, бокьилаан. Гьелде тӏадеги нижер гӏадамазул анищ буго Лъаратӏе газ бачинеги. Газпромалъулгун дандбараб суалги буго. Гьелда бан хӏадурараб проектги буго. Хӏажат буго гьеб суал тубазабизе. Гурони, хасалил заманалда минаби хинлъизаризе къотӏулел рохьазда ракӏунтун буго. Гьел цӏунизе ккола.
Якъуб ГӏУМАХАНОВ, Халкъияб Собраниялъул депутат:
— Нижеца парламенталда цебесеб нухалдаги гӏемер борхана рахьдал мацӏал цӏуниялда хурхараб суал. Гьанжеги гьелде кӏвар кьезе ракӏалда буго дида. Хасго дир эменги (Сайгидпаша Гӏумаханов – ред.) Пачалихъияб Думаялде вищун вугелъул, гьесулги квербакъи щвела. Гьесул программаялъул цо пункт рахьдал мацӏалги миллияб хаслъиги цӏуниялда хурхараб букӏана.
Нижеца Хасавюрталда гӏемерал тадбирал гьаруна гьеб рахъалъ. Гьезул цояб ккола ичӏазарго цӏалдохъанги гӏахьаллъун тӏобитӏараб «Гамзатовские строки на карте Хасавюрта» абураб марафон.
Рахьдал мацӏал машгьур гьариялъ Хасавюрталъул школазда лъикӏаб хӏалги буго. Цогидал бакӏазда гӏадин я рахьдал мацӏазул сагӏтал яги гьел дарсал кьолел учительзабазул къадар дагьлъизабун гьечӏо.
Дун Хасавюрталдаса вищарав депутатлъидал, гьениб гӏадамазул рукӏа-рахъинги цогидаб ахӏвал- хӏалги рукӏалиде ккезабизе хӏаракат бахъизе ккола. Амма гьабсагӏаталда хӏалкӏоларо гьелъ-ие къваригӏарабщиналъул гьаниб бицун. Къокъго абила, Хасавюрт ккола республикаялъул севери-яб рахъалда бугеб каву. Кутакалда гӏемераб гӏалам бачӏунеб, Севери-яб Кавказалдаго кӏудияб дармилаб центрлъунги лъугьун буго гьеб. Гьединлъидал Хасавюрталъе къваригӏун буго шагьар цебетӏеялъе квербакъулеб, рагӏа-ракьанде щвараб программа. Гьеб мехалда тӏаса росилаан цо-цо кӏвар бугел суалал. Масала, шагьаралда жаниб транспорт гӏемерлъиялъ, машинабазул читӏирал лъугьуна.
Гьединго хӏажат руго лъим бацӏцӏад гьабулелги, шагьаралъул хутӏелал рацӏцӏалъизарулелги стан-циял. Шагьаралда чиги гӏемерлъун, санайилго кӏодолъулеб буго шагьар. Байбихьуда 60-70 азарго чиясе гурони гӏурал ресалги объекталги рукӏинчӏо гьенир. Гьанже абуни кӏинусазаргоялдасаги цӏикӏкӏун чияс гӏумру гьабулеб батула гьениб. Кватӏичӏого тӏобитӏизесеб халкъалъул переписалъги бихьизабила гьеб. Бигьалъабазда рекъон минаби щвезе иргаялда чӏун 4700 чи вуго гье-нив. Амма шагьаралъул ракь гӏолеб гьечӏо минаби разе. Гьединлъи-дал Хасавюрталъе тӏадеги ракьги къваригӏун буго. Гьеб киналъулго хӏакъалъулъ тӏокӏалъ чӏечӏого бицуна нижеца. Шагьаралъул нухмалъулезги хӏаракат бахъула шагьар цебетӏезабизе. Амма цохӏо гьезул къуват дагьаб буго. Пачалихъияб программа къабул гьабичӏони, гӏицӏго мэриялда кӏоларо гьеб суал тӏубазабизе.
Хӏажимурад МАЛЛАЕВ, Махӏачхъалаялъул тӏоцебесеб больницаялъул (ГБ № 1) бетӏерав тохтур:
— Пачалихъияб Думаялда Денис Проценкоца (Москваялъул Коммунаркаялда бугеб больницаялъул бетӏерав тохтур – ред.) нухмалъи гьабизе буго сахлъи цӏуниялъул рахъалъ гӏуцӏараб ЕРалъул комиссиялъе. Гьес абуна жинца квербакъилин улкаялда гӏадамазе гьабулеб медицинаялъул хъулухъ тӏубан хисизабизе. Дицаги рахъккола гьел рагӏабазул. Халкъияб Собраниялда гьел суалал рорхиялъе дидаго цадахъ гьенире рорчӏарал цогидал тохтурзабазги рахъкквелин хьул буго дир.
Гьикъа-бакъи гьабуна Зульфия ХӏАЖИЕВАЛЪ.