Араб гӏасруялъул лъабкъоабилел соназда Советский (Шамил) районалъул росабалъ Хӏамидова Мариянил цӏар цӏакъ машгьураб букӏана. Щиб росулъе щваниги, КПССалъул райкомалъул кӏиабилей секретарьлъун хӏалтӏулей йикӏарай Мариянида жамагӏатаз дандчӏвай гьабулаан разиго. Хӏамидовалъул гӏадат букӏинчӏо, хӏакимзабазда аскӏое ун, халкъалъул хӏал-хӏукму цӏехолеб. Гьей унаан годекӏание, ай жамагӏаталъухъе ва цӏехолаан гӏолел-гӏоларел рахъал. Халкъалъе кьураб рагӏиги заманалда тӏубазабулаан. Гьелъин абулебги букӏараб, Мариянил рагӏи къеда чӏвараб магӏ бугин абун. Мариянил хӏакъалъулъ бицунаго, ракӏалде щола Н. Некрасовасул «Мороз, Красный нос» поэмаялъул бахӏарчӏужуялъул хӏакъалъулъ хъварал шагӏирасул гьал рагӏаби: «Тӏурун унеб барти чӏезабулей, цӏа гьелегьараб рокъое хӏинкъичӏого кӏанцӏулей», — ан. Хӏакъикъаталдаги гьединай гӏадан ккола Гӏурадаса Хӏамидова Мариян. Кватӏичӏого гьелъул гӏумруялъул 85 сон тӏубаялъул юбилей кӏодо гьабизе бугеблъиги хӏисабалде босун, бокьун буго гьелъул хӏакъалъулъ бицине.

Цеехъан йикӏана, кие кканиги

Лъабго сон барай гӏадан йикӏана гьей, эмен тушманасдаса ватӏан цӏунизе рагъде араб мехалда. Гьев рагъул майданалда абадиялъго хутӏана ва бесдаллъана лъимал, къороллъана лъади. Амма, кин-щиб гьабунги, Хирапатӏиматица лъабайго ясалда я чадикълъи, я ратӏликълъи бихьизе биччачӏо.

Мариян цӏализе лъикӏай йикӏана ва гьелъул сурат кидаго букӏунаан Хӏурматалъул хъорщода. Лъимал гӏезаризе Хирапатӏиматие бугеб захӏмалъи бихьун, росдал школалъул директор Нурасул Хӏажихӏмад вачӏана гьезул кӏудада Хӏажихӏмадихъе ва ретӏелги квенги кьолеб, Гӏарани ясазул школа-интернаталде Мариян цӏализе йитӏизе кколин абуна. Мугъзада чемоданги бан, эбелгун цадахъ, анкьабилеб классалде яхъарай Мариян ана Гӏарани школа-интернаталде. Гьенийги гьей йикӏана тӏокӏлъиялда цӏалулезул цебесеб кьерда. Гьениб тӏатана гьелъулъ сундулъго цеехъанлъи гьабизе бокьулеб хасиятги. Гьебги бихьун, цӏалдохъабаз гьей йищана интернаталъул хозкомалъул председательлъун.

Тӏокӏлъиялда школа лъугӏарай Мариян, пединституталъул физикаялъулгун математикияб факультеталде цӏализе лъугьана. Наккдалъ бахчун варани тӏубаларин абухъе, гьенибги тӏатана гӏолилалъул цеехъанлъи гьабизе бугеб гьунар. Кӏиабилеб курсалда цӏалулей Мариян йищана институталъул комсомолазул организациялъул секретарьлъун. Гӏолилазда гьоркьоб гьелъ гьабураб лъикӏаб хӏалтӏуе республикаялъул комсомолалъул обкомалъ тӏадегӏанаб къимат кьуна. Амма бищунго цӏакъ Мариян йохараб жолъун букӏана партиялъул мухъилъе йоси. Пединститут лъугӏидал, Мариян ячӏана гӏагараб росдал школалде математикаялъул ва физикаялъул учительлъун хӏалтӏизе. Гӏолохъанай учительницаялъул гъваридаб лъайги, гӏуцӏарухъанлъиялъе бугеб гьунарги, лъималазде бугеб кьварараб тӏалабги бихьун, гьей тӏамуна школалъул парторганизациялъул секретарьлъун.

Гьеб заман ракӏалде щвезабулаго, Хӏамидовалъ абуна: «Учителасул хӏалтӏи дие цӏакъ бокьулаан. Радал райкомалде хӏалтӏуде унеб мехалъги дир ботӏролъ букӏунаан школалде хӏалтӏуде уней йигин абураб пикру», — ян.

«Революция гьабичӏониги…»

Марияница школалда парторганизациялъул хӏалтӏи гӏуцӏун бугеб куцалдаса разилъун, дол соназда райкомпартиялъул тӏоцевесев секретарьлъун хӏалтӏулев вукӏарав Тӏидиса Хӏайбуласул Мухӏамадица 1966 соналда гьей ячана Советск РК КПССалде хӏалтӏизе. Тӏадги къана, дол соназда бищунго захӏматаблъун рикӏкӏунеб букӏараб, халкъалда гьоркьоб бичӏчӏикьеялъулаб хӏалтӏи гӏуцӏулеб отделалъул секретарасул хъулухъ. Гьелъул бажариги халкъалда гьоркьоб бугеб къадруги бихьун, 1971 соналда тӏамуна РК КПССалъул кӏиабилей секретарьлъун. Гьеб букӏана унго-унголъунги захӏматаб ва лъугӏи гьечӏеб хӏалтӏи. Марияница абуна:

«Революция дица гьениб гьабичӏо, амма рукь гурун хӏалтӏана», — ян.

Кӏиабилей секретаралъ жаваб кьезе кколареб хӏалтӏи районалда къанагӏатги букӏунароан: гӏаммал магӏишатазул хӏалтӏи, чӏвай- хъвей ккаразда гьоркьое лъугьин, риххарал хъизамал рекъезари… Мариянихъ гӏадамал гӏенеккулел рукӏин бихьун, райкомалъ гьей йитӏулаан, цоги хӏалтӏухъабазухъа бажаруларел, захӏматал масъалаби тӏуразе. Гьелъие нугӏлъи гьабулеб цо мисалги бачинин. Нахъе ккараб кӏиго росдал колхоз цолъизабулеб букӏана. Цӏияб колхозалъул председатель жидер вукӏине кколин абун, жамагӏатазда гьоркьоб дагӏба ккана. Председательлъун тезе цояб росулъа чиги вачун, бетӏерлъуда Мариянгун рачӏарал райкомалъул хӏакимзабаз кӏиабилеб росулъ жамагӏаталъул данделъи тӏобитӏулеб букӏана. Председатель жидер вукӏине кколин абун, гьеб росдал жамагӏат тӏирун чӏана. Колхозалъе нухмалъи гьабун бажарулев чи нужер гьечӏин абун чӏана райкомалъул хӏакимзабиги.

Дагӏба-рагӏиялда данделъи букӏаго, цо гӏаданалъ мугъалда ваччун вачӏана гӏемерал соназ районалъул росдал магӏишаталъул управлениялда зоотехниклъул хӏалтӏарав чи ва дванкан клубалъул сценаялде рехизе гьевги виччан, абуна:

«Ма, нужее председатель», — ан. Мариянихъа бажарана кӏиго росдада гьоркьоб рагъ- кьал ккезе хӏинкъараб ахӏвал-хӏал роцӏинабун ва кӏиябго жамагӏат разияв председатель валагьун.

Мариянил букӏана берцинаб, талихӏаб хъизан. Гьелъул рос Хӏамидил Мухӏамад вукӏана «кинабго рахъалъ нусабго процент тӏубаравин» гьидерица абулев чи. Урма росдада аскӏоре щолеб бакӏалда, машинаялъ авария гьабун, къадаралде щвана мунагьал чураяв. Доб мехалда Мариян йикӏана гӏолохъанай гӏадан. Гӏарзаги кьун, хъулухъалдаса нахъе иналъе ккараб гӏиллаялъул бицунаго, гьелъ абуна:

«Вачӏуневги уневги бадивеги валагьун, рос хварай дихъа Хӏебда хӏалтӏун бажаричӏо», — ян.

Ракӏалъ ахӏаралде тӏад юссана

1977 соналда Мариян тӏад юссана учителасул хӏалтӏуде. Лъабкъого соналъ гьабуна учительлъи, гьелдаса 48 соналъ Гӏурада росдал школалда. Жакъаги, жинцаго абухъе, «хӏалкъан рокъой чӏечӏого, школалда хӏалтӏулей йиго». Гьей ккола тарбия кьеялъул рахъалъ директорасул заместитель.

Хӏамидовалъул хӏалтӏуе къимат кьолаго, Шамил районалъул лъай кьеялъул начальник Ибрагьим Хӏажиевас абуна: «Мариян ккола лъикӏаб лъаялъул, кӏудияб хӏалтӏул хӏалбихьиялъул, творче- скияб къагӏидаялда хӏалтӏулей учитель. Гьелъул хӏалбихьи лъикӏ лъала районалъул математикаялъул учительзабазда ва гьел гъираялда уна гьелъул дарсазде. Гьелъул цониги дарс букӏунаро цогидалда релълъа- раб, гьел рукӏуна унго-унголъунги цӏалдохъабазе рокьулел. Гьелъги батила, Мариянил букӏунаро цӏалуда хадуб гъолареб лъимер, цӏалдохъабазул лъаялъул даражаги 50-55 процен- талдаса гӏодобе кколаро», — ян.

Жакъа пачалихъалда лъугьун бугеб ахӏвал-хӏалалъул, халкъияб лъай кьеялда ругел масъалабазул ва учителасул хӏалтӏул гьечӏеб къадруялъул хӏакъалъулъ бицунаго, Марияница абуна: «Лъай бугел чагӏи хӏукуматалъе къваригӏун гьечӏо. Гьеб мурадалда ургъараб буго ЕГЭги. Киназдаго лъана ЕГЭ халкъияб лъаялъе бухъараб хоб букӏин, пайда щиб…

Хӏакимзабаздаги цӏакъ лъикӏ лъала 15-20 азарго гъурщихъ учителас гӏетӏ тӏун лъималазе лъайги тарбияги кьолареблъи», — ян.

Хӏамидовалъул хӏалтӏуе хӏукуматалъ тӏадегӏанаб къиматги кьуна. Гьелъие кьуна «Хӏурматалъул гӏаламат» орден, СССРалъул Верховный Советалъул президиумалъул Хӏурматалъул грамота, Россиялъул Лъай кьеялъул министерствоялъул Хӏурматалъул грамота, РФялъул Лъай кьеялъул министерствоя- лъул просвещениялъул хӏурматияй хӏалтӏухъан абураб цӏар, районалъул бетӏерасул Хӏурматалъул грамота.

Ахирал соназда гьей диналде цӏакъго машгъуллъунги йиго. Борхана хӏеж, цӏалула Къуръан ва мадугьалихъ ругел лъималазда гьеб цӏализеги малъула.

«Хӏакъикъаталъул» киналго хӏалтӏухъабазул рахъалдасан баркула Мариянида тӏаде щолеб байрам, ай учителасул къо, ва гьединго гӏумруялъул 85 сон тӏубалеб букӏиналъул юбилей. Гьарула щулияб сахлъи, халатаб гӏумру, талихӏ ва рохел.

Нури НУРИЕВ