Советияб заманалда Дагъистаналде хӏалтӏизе ритӏун рачӏарал гӏурус учительзабаз кӏудияб бакӏ ккола нилъер тарихалда. Дагьаб мехалъ хӏалтӏизеян рачӏарал гӏолохъанал учительзабазул чангиязе нилъер гӏаздалал мугӏрул лъугьана гӏагараллъун, гьезда батана гьаниб жидерго къисмат. Гьезул цояй ккола Седакова Валентина Петровна.

Гьелъул гӏажаибаб къисматалъул хӏакъалъулъ дие бицана Валентинал яс Раисатица. Гьединго, гьелъул рукӏарал цо-цо цӏалдохъабазги рекӏелъ рохелги пашманлъиги жубараб асаргун бицана жидерго хирияй Валентина Петровнаялъул хӏакъалъулъ.

Кьогӏаб лъимерлъи

Валентина Седакова гьаюна 1929 соналда Тула областалъул Белев районалъул Старая Велична росулъ, мугӏалимзабазул хъизамалда. Эбелалъ жиндирго лъимерлъиялъул хӏакъалъулъ рицарал баянал, ракӏалдещвеял мухӏканго цӏунун ругоан гьелъул яс Раисатица:

«Аваданаб ва талихӏаб дир лъимерлъиялъул заманги тӏолабго гӏумруги кӏалагъоркье буссинабуна рагъалъ. 12 сон букӏана дир Кӏудияб Ватӏанияб рагъ байбихьараб мехалъ. Ракьхасало ниж рокъоса нахъе рахъинаруна, гьенире немцал рачӏана. Гьебмехалъ ниж батӏияб районалде гочине ккана. 1943 соналда хвана нижер эбел. Рагъдаса хадуй дун, 9 классги лъугӏизабун, цӏализе лъугьана Белевалъул педучилищеялде. Мугӏалимзабазул хъизамалда гӏеялъгӏаги батила, дида гьеб махщел гьитӏинго берцин бихьулаан. 1952 соналда педучилище лъугӏана. Ниж, гӏолохъанал мугӏалимзаби, СССРалъул батӏи-батӏиял бакӏазде хӏалтӏизе ритӏизе рикьа-къотӏи гьабулеб букӏана. Дица тӏаса бищизе кколаан Сибирь ялъуни Дагъистан. Цинги инсуца къватӏибе бахъана карта ва балагьана: киб бугеб Сибирьги Дагъистанги. Дагъистан гӏагарда букӏин бихьидал, инсуца абуна, дуца Дагъистан тӏаса бищейилан. Ва гьединго гьес абуна мун цӏакъ цӏодорго йикӏайин».

Къо-мех лъикӏ, гӏурус ракь!

Салам, Дагъистан!

«Къо-мех лъикӏ, гӏагараб Тула! Мун кидаго дир рекӏелъ букӏине буго. Дагъистан…Киндай дун къабул гьайилей рорхатал мугӏрузги, кьварараб тӏабигӏаталъги, дагъистаниязги?»-гьединал пикраби ххенолел рукӏун ратила поездалдаги рекӏун Дагъистаналде ячӏуней Валентинал ботӏролъ. Гьелда киданиги ккун букӏун батиларо рикӏкӏадаб Дагъистаналъул мугӏрузда жиндихъ балагьун чӏараб талихӏаб къисмат бугилан.

Дагъистаналде щвейгун, гьел киналго учительзаби рачана Лъай кьеялъул министерствоялде. Гьениб гьабураб рикьа-къотӏиялъул хӏасилалда Валентина Петровна йитӏана Хунзахъе. Гьедин, хасалихълъиялъул квачараб къоялъ щванин жий Хунзахъейин бицунаан гьелъ.

Хундерица жий цӏакъ лъикӏ къабул гьаюнилан абулаан Валентинаца. Гьелъул хӏеренго бицунеб гӏурус мацӏ хехго хисана тамахго ва кӏарчамго бицунеб авар мацӏалъ, ругьунлъана росдал рукӏа-рахъиналдеги. Валентина цӏакъ аваданай, ракӏрагьарай, гъорлъ йосарай гӏадан йикӏанин бицуна хундерицаги.

Гьелда цадахъ рачӏун рукӏарал цогидал учительзабазул гӏемерисел мугӏрузул кьварараб гьава-бакъги, росдал гӏумруги данде ккечӏого, гӏемераб мех балелдего нахъе ана гьаниса.

Валентина Седаковалъул хӏалтӏулаб нух байбихьана Хунзахъ росдал школалдасан. Гьенив гьелда дандчӏвала вукӏинесев гӏумрудул гьудул -школалъул завуч Гӏаликулов Мухӏамад. Ва гьезул къисматал цолъула.

Цодагьал соназдасан гьей Гӏараниб интернаталде хӏалтӏизе лъугьуна.

«Доб заманаялъ ниж хӏурулъ тӏерхьун хӏалтӏизе кколаан школалда. Батӏи-батӏиял росабалъа гьенире интернаталде цӏализе рачӏарал лъималазул цӏакъ тӏалаб-агъаз гьабулаан нижеца. Чвердезарулаан, гьезул гъизараб чурулаан, бихъараб букъулаан, битӏахъе гьацӏул гӏучӏал гӏадин чӏезарулаан. Ниж кида кьижулел рукӏаралалиго лъаларо дида. Доб мехалъ гьанже гӏадал шартӏалги кирха рукӏинел. Амма гьитӏинго захӏмалъи-къварилъи бихьиялъгӏаги батила, дун кидаго хӏалтӏукьа хӏинкъулароан», -илан гӏемер бицунаан гьелъ жиндирго ясалъе.

Хадуб, Гӏаликулов Мухӏамад Самилахъ хъутаналде школалъул директорлъунги витӏун, гьенире рахъана гьел. Ва тӏолабго гӏумруялъ гьений хӏалтӏана Валентина Петровнаги. Гьелъие школаги лъималги цӏакъ рокьулаан, цӏалдохъабазеги гьей цӏакъ къиматай йикӏана.

«Дун цӏакъ талихӏай

чӏужу йикӏун йиго»

-Эбел цӏакъ талихӏай йикӏана жийго мугӏрузул Ватӏаналда-Дагъистаналда хутӏиялдасаги жиндирго къисматалдасаги. Коммунистазул кьварараб заман доб бугониги, инсуе ячӏунеб мехалъ гьелъ босана исламияб дин. Хадубин абуни, цӏарги хисана Муслиматилан. Жиндир бищунго кӏудияб талихӏ-жий бусурманчӏужулъун лъугьин бугин рикӏкӏунаан гьелъ кидаго. “Дун йикӏана Валентина, лъугьана Муслиматлъун”-абулаан гьелъ.

Эбелалъе цӏакъ рокьулаан росуцоял, магӏарул мацӏалъ гурого гьездаги кӏалъалароан. Хундериеги гьей цӏакъ йокьулаан, хасго гьелъул цӏалдохъабазе. Жакъа къоялдаги, рихьанщинахъе бицуна гьез эбелалъул. Гьелъул цӏалдохъаби зама-заманалдасан гьаюраб къо ялъуни учителасул къо баркун гьелъухъе щвезеги рачӏунаанилан бицана Раисатица.

Нижер хирияй мугӏалим

Цо чанго соналъ цебе, Самилахъалде щвезе унев вукӏана дун. Маршруткаялде вахиндал, дида гьений гӏодой чӏун ятана кодор чӏумалги ккун, Аллагь рехсолей Муслимат. Гӏемераб мех балелдего гьение жание лъугьун ячӏана цӏикӏкӏараб ригьалъул чӏужугӏадан. Нуцӏил кӏалтӏа гӏодой чӏарай Муслимат йихьигун “Дир хирияй Валентина Петровна! Чан сонха мун йихьичӏого бан букӏараб”, -анги абун, гьей гьелда хурхун йиччан тана. Гьей чӏужугӏаданалъ Муслиматида бицана жий дур йикӏарай цӏалдохъан йигин. Ва Гъизилюрталде щвезегӏан гьез рицунел ракӏалдещвеязухъ гӏенеккун хӏайранлъун рукӏана маршртукаялда гӏодорчӏанщинал.

Гьаб макъала хъвалагоги дун дандчӏвана гьелъул рукӏарал цӏалдохъабигун.

-Муслимат (Валентина Петровна) йикӏана нижер классалъул нухмалъулей. Гьелъ гӏемераб рекӏел хинлъи кьолаан цӏалдохъабазе, нижееги гьей мугӏалим цӏакъго йокьулаан. Валентина Петровна нижеда кидаго магӏарул мацӏалъ кӏалъалаан. Гьелъул букӏана цӏакъ кӏарчамаб, хӏеренаб мацӏ. Киданиги кӏалъачӏо гьей нижеда хъачӏго, гьаракь борхун. Муслиматица кӏудияб кӏвар кьолаан нижелъ рухӏияб рахъ куцаялде. Захӏматалде рокьи бижизабиялъул мурадалда гӏемерго рачунаан колхозалде хӏалтӏизе. Гьелъул нухмалъиялда гъоркь гӏуцӏараб нижер производствоялъул бригадаялъе тӏоцебесеб бакӏги щолаан кидаго. Гьарулаан сапарал, тадбирал.

Школа лъугӏун ниж унеб къоялъ нижедасаги цӏакъ гӏодилей йикӏана гьей. Гьелдаса хадуб гӏемерал сонал ана, амма Муслиматги гьелъ кьурал дарсалги, гьелъул малъа-хъваялги кидаго нижер рекӏелъ хутӏана. Ниж гӏемер щолаан гьелъухъе. Гьей йикӏана унго-унгояй мугӏалим, -ан ракӏалдещвезаюна Муслиматил рукӏарал цӏалдохъабаз гьей.

Кӏудияб Ватӏанияб рагъдаса хадуб цӏидасан гӏуцӏулеб улкаялъе хӏажат рукӏана лъайги бажариги бугел гӏадамал. Нилъер республикаялда гьединал гӏелал куцаялъулъ кӏудияб бутӏа лъуна гӏурус миллаталъул мугӏалимзабаз. Рикӏкӏадал магӏарул росабалъ жидерго талихӏ батарал гьез, даимго мисалалъе мустахӏикъаб лъалкӏги, лъикӏаб тарбия-лъай кьун куцараб жидерго наслуги тана Дагъистаналда.

Мухӏамад МАНАПОВ