Дагьал церегӏан къоязда «Каспий» санаториялъул базаялда тӏобитӏана «Теологическое об- разование: проблемы и перспективы развития» абураб цӏаралда гъоркь Тӏолгороссиялъул гӏелмиябгун лъай кьеялъулаб конференция. Гьелда гӏахьаллъи гьабуна Россиялъул батӏи-батӏиял шагьаразул университетазул студентаз, аспирантаз, гӏалимзабаз ва теологиял гӏелмабазул докторзабаз. Гьениб борхана жакъасеб жамгӏияталъе диналъул бугеб кӏваралъул суал ва тӏадчӏей гьабуна, динал батӏи-батӏиял ругониги, гьезул гӏемерисел гӏаммал масъалабиги цоцаздаса мисал босизе рекъарал тадбиралги рукӏунеблъиялда. Хасгьабун тӏобитӏараб «Школа молодого теолога» абулеб секциялда гӏахьаллъана батӏи-батӏияб миллаталъул гӏолилал. Конференция гӏуцӏана ДРялъул муфтияталъ ва гӏахьалчагӏазе тӏобитӏана тӏабигӏиял ва тарихиял бакӏазде экскурсия. Дагъистаналда бихьа-таралъул, туристазе гӏуцӏун ругел шартӏазул ва гӏолел-гӏоларел рахъазул бицун, нижеца гара-чӏвари гьабуна рехсараб конференциялъул гӏахьалчи, «Наследие ислама» абураб бусурбабазул (татаразул) бакӏалъулаб динияб идараялъул председатель Марат-хӏазрат Багдаловасулгун.

— Гьаб дир кӏиабилеб сапар ккола Дагъистаналде гьабураб. Хъизангун цадахъ цеве Табасаран районалде щвана. Гьеб ракьалда бугеб «Анкьго вацасул хъала» абураб тарихияб памятникалъги, борхатаб чвахиялъги, Ахтиялда бугеб хӏамамалъги кӏудияб асар гьабуна. Дербенталъул Нарын-Хъалаялъ тӏуранго асир гьаруна, Сулахъалъул къварилъиялъул, «Главрыба» абураб ччугӏа гӏезабулеб магӏишаталъул, мугӏрузул берцинлъиялъул бицун хӏалго кӏоларо. Кӏудияб, гӏатӏидаб, кинабго рахъалъ санагӏатаб Махӏачхъалаялъул аслияб мажгитги цӏакъ берцин бихьана, — ян бицана гьес.

— Дагъистан туризмалъул хасаб бакӏлъун гьабизе бегьулин абулеб пикруялъул рахъ кколищ дуца?

— Гьелъие гьанир Аллагьасго кьун руго ресал. Гьаниб туристазе рес буго ралъдалъ чвердезеги рорхатал мугӏрузде рахинеги. Дагъистаналда руго цӏакъ гӏемерал ва рорхатал мугӏрул. Ниж гӏадал, шагьараздаса рачӏарал туристал, тӏоцере гьезухъ балагьун гӏорцӏуларого, гьадинабги берцинлъи букӏунищин абун, нижерго беразда божуларого рукӏана. Туризмалъе руго лъикӏал ресал, амма туризм цебетӏезабиялъе чара гьечӏеблъун кколеб инфраструктура галадулеб буго.

— Кинаб къимат кьелеб гӏадамазе, кинаб гӏамал-хасияталъул чагӏи дагъистаниял ратарал?

— Нижеда бихьана дагъистаниял цӏакъ гьалбал хириял чагӏи рукӏин. Гьелъие нугӏлъи гьабулеб цо мисалги бачина. Дирго гӏайибалдалъун, Дербенталда машина тункун, цо гӏолохъанчиясул машинаялъул хьибил хъарсана. Гӏолохъанчи гьаракь борхунцин кӏалъачӏо, гьелъул гӏаксалда, дир машинаялъе ккараб заралалъул бицунев вукӏана. Тӏоцебе дида гьаниб рагӏана гаиялъулас «Ас- саламу гӏалайкум» абун салам кьолебги. Дун Москваялдаса вачӏарав вукӏин лъайдал, до- кументазул халцин гьабичӏо. Хӏал-хӏукмуги цӏехон, нух битӏагиян абуна.

Амма нужер республика туристазул «Маккалъун» лъугьинищин абураб суал бараб буго тӏалъиялда ругезул бажари-лъаялда.

— Каспий ралъдал рагӏаллъабазда хӏухьбахъиялъе санагӏалъаби гӏуцӏун гьечӏин гӏарз букӏуна гӏемерисел туристазул…

— Цо мисал бачинин. Дербенталъул пляжалда хӏухьбахъи гьабуна нижеца. Гьениб гӏадаб лъикӏаб сали кибго гьечӏо. Амма кьищниялъ гьеб сурукъ гьабулеб буго, ралъдал лъимги буго чорокаб, ай чвердезе гъира кколареб. Дагъистаналъул аслияб бечелъи ккола ралъад, гӏемерисел туристазе бокьула чвердезе. Севералда, Сибиралда гӏумру гьабун ругезул анищ букӏуна ралъад бихьизе. Гьелъие гӏоло гьанире рачӏунелги гӏемер рукӏуна. Дир пикруялда, кӏванагӏан хехго, нужеца ралъадги пляжалги рацӏцӏад гьаризе ккола. Республикаялъул тӏалъиялъги, тӏоцебесеб иргаялда, гьелде кӏвар кьезе ккела.

— Дагъистаналъул квен-тӏехалъул хӏалбихьанищ, бищунго кинаб квен бокьараб?

— Цӏурачадал, хинкӏал, пихъ, шашликӏал, цӏибил, къокъго абуни, гьеб рахъалъ цӏакъ бечедаб, гучаб бакӏ буго нужер. Базаразда ва тукабазда бокьараб нигӏмат буго, багьаби учузал руго. Диего бокьараб жо, кибго буго хӏалалаб квен.

— Къватӏиса вачӏарасда хехго рихьулелъул гӏунгутӏаби, Дагъистаналда туризм цебетӏезабиялъе гӏоларел рахъал кинал ругел?

— Гӏунгутӏаби гӏезегӏан руго. Масала, гӏей гьечӏеб буго туристал унел бакӏазул маршрутал гӏуцӏиялъул иш, къанагӏат гурони гьечӏо смотровиял майданал. Гьединго гостиницабазда ва гьалбазул рукъзабахъ туристазе бакӏал гӏолел гьечӏо, реклама гьечӏолъиялъ, къватӏахъ гӏадамазда цӏехезе кколеб буго туристаз гостиницабазул, тӏабигӏиял ва тарихиял бакӏазул адресал. Цо-цо гӏолохъабаз машинаби рачунеб куц бихьидал, рекӏелъе хӏинкъи ккана. Киса-кирего шагьранухазда видеокамерал лъуни, гьеб масъалаги тӏубазе кӏвелин ккола.

— Цо-цояз Дагъистан рикӏкӏуна хӏинкъи бугеб бакӏлъун…

— Гьереси щай, Москваялдасаги дир ракӏалъеги хӏалалъеги гьаниб хӏалхьи буго. Берцинаб тӏабигӏат, тӏагӏамал хинкӏал, гӏодобе биччараб ахӏвал-хӏал, разиял гӏадамал. Дие цӏакъ бокьана Дагъистан. ИншаАллагь, хъизангун цадахъ дун жеги щвела нужехъе гьоболлъухъ.

Нури НУРИЕВ