4 октябралда «Замана» газеталъул редакциялда тӏобитӏараб данделъиялда ДРялъул рагъулав комиссар Дайитбег Мустафаевас бицана хасалилаб призывалда хурхун бугеб ахӏвал-хӏалалъул хӏакъалъулъ. Гьесул рагӏабазда рекъон, исана ихдалилаб призывалда Дагъистаналдаса рагъулаб хъулухъалде ахӏизе кколаан лъабазаргогӏанасев гӏолохъанчи. Гьеб планги тӏубана 100 проценталъ.
Хасалил призывалда тӏолабго Россиялдаса ахӏизе ккола 126 азарго призывник (гъоркьисаялде дандеккун гьеб къадар дагьаб буго). Югалъулаб рагъулаб округалъул штабалъ чӏезабураб планалда рекъон, ихдалго гӏадин, хасалоги Дагъистаналдаса вачине вуго лъабазаргогӏанасел гӏолохъаби. Гьез хъулухъ гьабизе буго армиялъул батӏи-батӏиял тайпабазда, гьездаго гьоркьоб ВДВялдаги (ихдал цониги дагъистанияв ккечӏо гьениве), Росгвардиялдаги. 700-гӏанасев дагъистанияс хъулухъ гьабулеб буго контракталда рекъон, 450-гӏанасев цӏалулев вуго аскариязул тӏадегӏанал цӏалул учреждениязда.
Армиялде гӏолохъаби ахӏиялъул тадбирал унел руго чӏезабураб низамалда рекъон, коронавирусалдаса ва хасалил сезоналда цӏикӏкӏунел цо гидал рахунел унтабаздаса цӏуниялъул киналго шартӏалги цӏунун. Мустафаевас абухъе, гъоркьиса республикаялъул прессаялдасан къватӏибе бачӏана рагъулаб комиссариаталъул, армиялде призывникал ахӏулел ко миссиязул хӏалтӏи бихьизабулеб 400-гӏанасеб макъала-баян. Гьелъухъ гьес журналистазе кьуна баркалаги.