Дагъистаналъул Культураялъул министерствоялъ лъазабураб рагьараб конкурсалда рекъон, Авартеатралъул директорлъун вищана Мухӏамад Бисавгӏалиев. Гьеб цӏияб хабар лъана араб итни къоялъ. 5 октябралъ, ай хадусеб къоялъин абуни, цӏияв директор хъулухъалде тӏамулев вукӏин бицине, коллективалъул гьесул лъай-хъвай гьабизе Авартеатралде ячӏун йикӏана, ДРялъул культураялъул министралъул заместитель Мадина Жаватханова. Директор хӏисабалда цӏияв вугониги, Авартеатралъе жив цӏияв, чиярав вукӏинчӏин абуна Бисавгӏалиевас саламалъулаб калам гьабулаго.

— Миллияб театралъул хӏалтӏул даража борхизаби, гьеб халкъалъе гӏагараблъун лъугьинаби буго мурад, — ин абуна гьес цадахъ рекъон хӏалтӏиялде коллективги ахӏулаго.

Нижер баян:

Машгьурав журналист, публицист, хъвадарухъан, ДРялъул культураялъул мустахӏикъав хӏалтӏухъан Мухӏамад Гӏалиев (Бисавгӏалиев) гьавуна 1973 соналда Лъаратӏа районалъул Салда росулъ. 1998 соналда лъугӏизабуна ДГУялъул авар ва гӏараб мацӏазул факультет. Журналистасул нух байбихьана республикаялъул «Хӏакъикъат» газеталда. Хӏалтӏана ДРялъул Хъвадарухъабазул союзалда Расул Хӏамзатовасул кумекчилъун. Гьениса Бисавгӏалиев ахӏана жидерго районалъул «Лъаратӏа» газеталъе нухмалъи гьабизе. 2011 соналда гӏуцӏун, 2018 соналде щвезегӏан къватӏибе биччана жамгӏиябгун политикияб «Миллат» газета. 2014 соналдаса нахъе Бисавгӏалиевас бетӏерлъи гьабуна республикаялъул «Дагъистан» журналалъе. 2021 соналда, «Балъгояб даптар» («Тайная тетрадь») тӏехьалъухъ Мухӏамадие кьуна пачалихъалъулаб премия.

ВАКЪУН ХОЛЕСЕ САДАКЪА ГӏАДИН

Жиндир гӏумруялда жаниб Авар театралда 16 батӏияв директор хисанин хъвалеб буго «Дир театр» абураб тӏехьалда мунагьал чураяв Махӏмуд Гӏабдулхаликъовас (гьезул цояв живгоги вукӏана). Махӏмуд аралдаса жеги лъабгоялги хисана. Гьезда гьоркьоса бищун цӏикӏкӏун заманалъ директорлъи, мунагьал чураяв, Хӏабиб Хӏажиевас гьабуна. Театр борхалъуда бугел, ахалъуде ккарал, цӏидасан куркьбал рорхизе хӏаракат бахъарал, хисардулеб политикаялъул сонал рукӏана гьел. Советияб заманалъул гӏуцӏи биххиялда цадахъго хисана халкъалъул театралде бербалагьи, хъантӏиялъ кверде росарал хӏакимзабаз хӏулун хутӏарал гъурщал, вакъун холесе садакъа гӏадин рехулаан культураялъе. Бихьулаго чӏунталиде ккун букӏана миллияб маданият. Авартеатралдайин абуни, хӏукуматалъул бюджеталъул рахъалдаса тӏоцересел бакъул чӏоралги щун, ремонталъул хӏалтӏаби байбихьун рукӏана. Гьеб заманалда, «Хӏакъикъат» газеталда рагьараб миллияб телестудиялъ хӏадурун букӏана театралъул хӏакъалъулъ передача. Гьеб бихьизабун букӏана РГВК каналалъги. Мурад букӏана театралъул хӏакъикъияб гӏумру, масъалаби рагьи.

Авартеатралъул нухмалъулел, режиссерал, актерал гурелги, гьенир кӏалъан рукӏана театр бокьулел, гьелъул кӏварги хӏажалъиги бичӏчӏулел магӏарул интеллигенция. Гьезул цояв вукӏана Мухӏамад Бисавгӏалиевги. Цогидаз пригласительный тӏалаб гьабулеб заманалда Бисавгӏалиев вукӏунаан, босун билетгун, цӏи лъуралщинал спектаклязде хьвадулев. Школа лъугӏун магӏарухъа шагьаралде вачӏаралдаса нахъего театралъулгун бухьен тӏечӏев Мухӏамад гьанже директорлъун тӏамидал, дица цӏидасанги хал гьабуна, 15 соналъ цебе хӏадурараб передачаялда, гьес загьир гьарун рукӏарал пикрабазухъ.

«Расул Хӏамзатовасул кечӏцин букӏана: Щай театралъул цебесеб кьерда Тукенчагӏи ругел, гьеб бичӏчӏуларо, — ян. Гьел рагӏаби хъвалеб заманаялъ театралде белтал щвеялъул масъалайищ букӏарабали лъаларо. Жакъа театралъул цебесеб кьерда цониги тукенчи яги министр вихьизе гьечӏо. Замана хисун буго. Москваялъул, Ленинградалъул яги Европаялъул церетӏурал пачалихъазул чӏахӏиял театрал рукӏуна интелектуалияб элита, хъулухъчагӏи, гӏаммаб къагӏидаялъ абуни — дунялалда битӏккарал чагӏи унеб бакӏлъун. Авартеатралда гьанже рукӏуна, зал цӏезеян, билет босичӏого жанире риччарал университеталъул студентал, Родопалъул бульваралда тира-сверулаго гьениб спектакль букӏин лъан жанире лъугьарал чагӏи. Гьединго, дагьал ругониги, гьоркьохъеб даражаялъул, унго-унгоги театр бокьулел гӏадамалги. Гьединаб буго театралде бачӏунеб гьанжесеб публика, зритель».

РУХӏИЯБ ТӏАЛАБ БУКӏУНА РЕКӏЕЛ

Расул Хӏамзатовасул 80 сонил юбилеялде Авартеатралъ бихьизабун букӏана «Сонал, саринал, сапарал» абураб литературиябгун музыкалияб композиция. Живго Расулил гьариялда рекъон гьеб композициялъе сценарий хӏадурун букӏана Мухӏамад Бисавгӏалиевас. Сценаялда гьеб лъуна Салихӏ Имангъоловас. Гьеб ккана театралъул сценаялда Расул Хӏамзатов цеве вахъараб ахирисеб тадбирлъунги.

Цӏидасан ракӏалде щвезарила дол соназго Бисавгӏалиевас абурал рагӏаби:

«Цойги, аслияб масъалалъун Авартеатралъ рикӏкӏунеб жо буго нилъер миллияб драматургия гьечӏилан. Доб заманалдаго Цӏадаса Хӏамзатица, Гӏабасил Махӏамадица, цо-цо хъвадарухъабаз хӏалбихьиялъе хъварал пьесаби руго гъоз лъолел. Драматургия кин букӏинеб, гьеб хъвалев чи гьечӏелъул нилъер. Нагагь вугониги гьеб хъварав чи разияб хӏалалъ мухь, харж гьечӏо кьолеб. Кинабгоги тӏубан нахъе хутӏарал гъурщазде ккун буго культура. Театр букӏине ккола, тӏоцебесеб иргаялда, гӏадамасе тарбия кьолеб бакӏлъун. Литератураялъулго гӏадин, театралъулги аслияб масъала буго берцинаб берцинаблъун, сурараб сурараблъун, гьунар гьунарлъун, рогьо рогьолъун бихьизаби. Гъова хӏалев геройги лъугьине ккола халкъияв геройлъун. Тарбия кьеялъул масъалаги тун, театр гӏемерисеб мехалъ рекӏелгъеялде буссун буго. Гуржиязул, асатӏиназул, кабардиназул цо-цо асарал авар мацӏалдеги руссинарун рихьизарула сценаялда. Дида ккола, цӏияб хъвараб миллияб драматургия батичӏони, букӏа абе гьагъавго Цӏадаса Хӏамзатил «Айдемир ва Умайгьанат», «Хьитазул устар», «Балагьалъул гъамас», «Кӏодоласул ригьин», Гӏабасил Махӏамадил лъабабго пьеса, «Хъахӏаб росулъа Махӏмуд» трагедия, Мухӏамад Сулимановасул асар. Авартеатралъул аслияб масъалалъун букӏине ккола магӏарулазул гӏумру бихьизаби. Гьаб ахӏи-хъуй гӏемераб шагьаралда, батӏияб мацӏ, батӏияб культура, хьвада-чӏвади бугеб бакӏалда жанив вугев чиясул рухӏияб тӏалаб букӏуна рекӏел. Гъов чи магӏарул театралде уна магӏаруллъи бихьизе…».

ТЕАТРАЛЪ БАЛАГЬАРАВИЩ КУЦАЛЕВ, БАЛАГЬАРАС ТЕАТРАЛЪУЛ РЕПЕРТУАРИЩ?

«Театр букӏин рагӏизабизе ккола» — гьадин абулаан Авартеатралъул режиссер, мунагьал чураяв Салихӏ Имангъоловас. Гьунаралда гугьар бугев, гӏамалалда нур бугев чи вукӏана гьев. Гъобго передачаялда, театралъул масъалабазул бицунаго, гьадин абун букӏана Имангъоловасги: «Миллияб драматургиялъул цӏилъи гьечӏо, цебе гӏадин гьеб жанралда хъвадарулел гьечӏо нилъер гьанжесел хъвадарухъаби. Нилъерго миллияб драматургия репертуаралда цӏикӏкӏун гьечӏони, магӏарул халкъалъул тарихги бихьизабичӏони, магӏарулал данделъулеб бакӏалъул къиматги къадруги дагьлъула».

Доб мехалъ гӏезегӏанго харжал гьаризе кколел рукӏана телевидениялда, киналго гӏенеккулеб «Прибой» радиоялдасан реклама кьезе. Гьанже гьел ресал гӏемер рукӏиналъ батила, спектаклязде гӏадамал рачӏунел руго. «Рачӏа, рачӏа нижехъе», — ян Родопалъул бульваралде, ралъдал рагӏалде рачӏунезде ахӏи балеб зурмил накъитгицин букӏуна театралъул кӏалтӏа. Амма щалха цӏазе кӏварал театралда жиндихъего: ричарухъабийищ, рокъор эркенго ругел руччабийищ, рукъалъул хӏалтӏудаса хӏухьбахъизе бокьарал захӏматчагӏийищ, интеллигенцияйищ? Театралъ зрителищ куцалев вугев, зрителасул даражаялде театралъул репертуарищ бачӏун бугеб? Хал гьабураб мехалъ, цӏун зал бугониги, интеллигент гӏадав чи гьенив нагагьги вихьуларо. Цӏун зал бугони, гьенир гӏодор чӏарал кинал ругониги батӏалъиго гьечӏин театралъеян кколеб бугоха. Хъат балеб бугищ, релъулел ругищ — гьеле аншлаг, бергьенлъи, лъугьана спектакль, къабул гьабуна халкъалъ. Щиб бицунги гьабунги, гӏадамал релъизари буго мурад.

«Магӏарул мацӏалъул рагӏаби рицине бажари гуро магӏарул мацӏ лъай. Лъазе ккола щибаб рагӏул магӏна, кинаб къагӏидаялъ ва киб гьеб рагӏи хӏалтӏизабизе бегьулебали. Гъорлъе раккун лъазабизе ккола гӏолохъанал актераз нилъерго мацӏ. Гьезие бокьани, гьеб бажарула». Гьадин абун букӏана халкъияв артист Хӏусен Казиевас, тӏадехун бицен гьабураб передачаялда.

Жакъасеб сценаялда гӏезегӏанго руго магӏарухъ гӏурал, чваххун мацӏ бицунел, лъикӏаб гьунаралъул актерал. Цӏалуладай гьез аваразул классикал, раккуладай адабияталъул халкъияб нахъраталиде яги жидерго роль лъазабиялдалъундай лъугӏулеб магӏарул мацӏалъулгун гьоркьоблъи? Магӏарул роль хӏалел актерал ритӏун ккезаризе гӏурусалъ мацӏалъ режиссер ахӏтӏолев, малъулев режиссер вугони, актеразулги мацӏалъул гӏала-гъважа лъугьунарищ?

Битӏун бицани, театралде ракӏцӏалароан ахирал соназ. Жанахӏалъуре лъугьарабго, гьениб дандчӏвалеб гӏурус мацӏалъ гали нахъехун тӏамизе бокьулаан. Бисавгӏалиев театралъул нухмалъуде вачӏин — гьеб буго театр бокьулезе унго-унгояб рохел. Халкъалда рагӏарав чи вугелъул, жавабчилъиги гьесда тӏад цӏикӏкӏараб букӏина. Лъикӏалщинал хьулал рухьинарулел руго магӏарул интелигенциялъ гьесда. Жинцаго 15 соналъ цебе абухъе, интеллигенция гьенибе цӏалеблъун театр гьабизе, шагьаралъул халкъалъул рухӏияб тӏалаб тӏубалеблъун, миллияб къеч хьвалеблъун гьеб лъугьинабизе къуватги кьеги Бисавгӏалиевасе ва театралъул тӏолабго коллективалъе.

«Хӏакъикъаталъул» редакциялъ баркула Мухӏамадида гьаб миллаталъе кӏвар цӏикӏкӏараб хъулухъ ва гьарула чӏахӏиял бергьенлъаби.

Патӏимат ГЬИТӏИНОВА