Муса Мухӏамадовасул кӏиго васасул цояв ккола Жамбулат Мухӏамадов — «Лезгинка» ансамблялъул нухмалъулев. Дагьалъ цеве Аллагьасул къадаралде щун, гӏумруялдаса ватӏалъана цогидав вас — Махӏач. Гьес гӏезегӏан мехалъ нухмалъи гьабуна республикаялъул газетазулгун журналазул комплексалъе. Гьаниб гъоркьехун кьолеб гарачӏвариялда Жамбулат Мухӏамадовас ракӏалде щвезабулеб буго жиндиргоги вацасулги лъимерлъи, машгьурал эбел-инсул цоцаздехун букӏараб бербалагьи.
— Жамбулат, цоцахъа рахъи гьарун, цӏализе ралагьулаан гӏадамаз дур инсул тӏахьал. Гьелдаса кинабгӏаги пахрулъи букӏунаандай гьесул? Гьединго рокъов кинавлъун дуда гьев ракӏалда чӏарав?
— Гьединав машгьурав, гӏемерал тӏахьал къватӏире риччалев хъвадарухъан вукӏаниги, хъизамалъеги заман батулаан инсуда. Гьитӏинаб къоялдаса нахъе дида ракӏалда буго, Махӏачги дунги рачун, къойилго ралъдахъе хьвадулаан гьев, куцалаан нижелъ лъикӏаб гӏамал.
Гьаракь борхун цониги нухалда нижеда кӏалъарав чи гуро эмен. Гьес кидаго абулаан, вореги, нужеца я дун, я эбел суризаругейила гӏадамазда цереян.
Гӏумруялда жаниб щиб къварилъи бихьаниги, вореги, нужеца гӏадамазда тӏасан чорокал гӏарзал хъваге, мацӏал гьаругеян малъулаан гьес.
Гьесул гӏумруялъул хӏалбихьи букӏана. Гӏамал-хасияталъул рахъалъ жиндие данде кколарев чи вугони, расги жоги абичӏого, инсуца гьев рикӏкӏад толаан. Гӏагарал чагӏиги цӏакъ рокьулаан гьесие, лъималазул лъималги, вацазул лъималги. Мадугьалзабазулгунги лъикӏаб гьудулгьалмагълъи букӏана.
Рокъоб инсул лъиениги кинабгӏаги зарал букӏунароан. Ахиралда инсульт ккедал, кӏалъазе санагӏалъи букӏинчӏо гьесул. Гьеб мехалдагицин живго жинцаго тӏувазе хӏаракат бахъулаан гьес.
Инсуца нижеда малъулаан гӏадамазул адаб гьабизе, гьезда гьоркьор гӏадатияб куцалда рукӏарахъине. Гьев живгоги вукӏиндалха цӏакъ гӏадатияв чи. Гьесулъ кутакалда цебе рехун бихьулеб жо букӏана киназдаго: СССРалъул Хъвадарухъабазул союзалъул член, гӏемерал шапакъатал ругев машгьурав хъвадарухъан – амма живго хӏатталдаса ун гӏадатияв, рецц-бакъ къваригӏунарев, жинда сверухъ кинабгӏаги ахӏихӏур хӏажат гьечӏев чи гьев вукӏин. Хӏурматалъул гӏаламат кьолеб мехалдацин, жив гьеб босизе цодагьалъ хадув (киналго нахъе араб мехалда) вачӏине бегьуларищан гьикъун буго гьес.
Гьесие бокьулароан телевидениялъе, газетазе интервьюял кьезе, гьале дунилан, цеве вахъине.
Гьев кидаго гьимулевго гьимулев вукӏунаан. Росулъ, гьитӏинаб мехалда, дун хӏамида рекӏине ругьунлъунилан, лъимер гӏадин вохун, чӏухӏун вукӏана эмен. Дие гьеб росдал гӏамал, рукӏа-рахъин рекӏее гӏолеб бугилан абураб пикру букӏун батиларищха гьесул.
Гьитӏинго бигьаяб гӏумру букӏинчӏолъиялъ, гӏиси-бикъинаб жоялдасагицин рохел букӏунаан гьесул. Цӏакъ къимат гьабулаан богӏоллъиялъул. Дагьаб жоялда гӏейги гьабун чӏолаан. Масала, гьесул анищлъун букӏинчӏо модаялда бугеб, хирияб машина боси. Хӏалтӏизе гӏурал шартӏал ругони, гӏун букӏунаан гьесие. Гӏадамалгун гара-чӏваризе, гьудулзабигун дандчӏвазе щваниги, мурад тӏубалаан. Гьеб гьудуллъиги цо-кӏиго къоялъе гуреб, тӏубараб гӏумруялъего гьабулаан инсуца.
Магӏарул мацӏги агъал хӏубазулъе щун лъалаан инсуда. Лъикӏаб даражаялда лъалаан гӏурус мацӏги. Литинститут гьес тӏокӏлъиялда лъугӏизабидалха.
Кваназе столалда нахъа гӏодор чӏараб бакӏалда эмен вугони, дунги Махӏачги дагьал рахӏатхварал гӏадин лъугьунаан. Гьесул ракӏ рекъолареб жо щибдай бугеб, школалда нижер цӏалуда хурхун кинаб къиматдай гьес кьелаян, халккун чӏун рукӏунаан ниж. Эмен нижеде киданиги вагъулароан, амма гьесда лъалаан ниж нечолеб куцалда, хадубккунги нижеца жиндир адаб рехун толаредухъ хабар бицине. Гьесул рагӏудаса хадур кутакалда намуслъизе бачӏунаан. Рачлица яги тӏилица рухиялдасаги цӏикӏкӏараб асар гьабулаан гьелъ.
Гӏумруялъ инсул жиндехунго рукӏарал тӏалабалги рихьулаан нижеда. Масала, дида цониги нухалда эмен вихьичӏо гьекъон яги гӏадамазе дагӏба-рагӏи гьабулев. Кидаго къартӏалда, вацӏцӏа-вакъадго вукӏунаан.
Кинабго жо гӏуждаги мухӏкангоги гьабизе бокьулаан гьесие. Кивениги сапаралъ вахъунев вугони, масала, Переделкиноялде унелъул, нусго нухалъ балагьулаан гьев эбелалъ кинабго хӏажатабщинаб къайи цадахъ лъун бугищали, цинги цевеккунго унаан вокзалалде яги аэропорталде, мухӏканлъизабизе ккараб жо бугодаяли балагьизе.
Гьес гьоркьоб течӏо цониги какги. Гьелги инсуца ралаан лъиениги зарал, къварилъи кколареб куцалда, сверухъ ругезда лъан-лъачӏого. Доб мехалдани гьеб балъгоги гьабулаан (идеология батӏияб букӏиналъ). Гьединлъидал дида эмен вихьулаан яги хъвадарулев яги какал ралев. Цӏакъ берцинаб хатӏги букӏана гьесул. Тира-сверизе къватӏиве вахъарав чи, цониги пикру ракӏалде бачӏани, хехлъи гьабун, къалмиде гьеб босизе вачӏунаан. Цинги цӏидасан тира-сверизеги унаан.
— Гьелгощинал асаразе сюжетал кисадай гьес росулаан?
— Инсул ракӏ цӏалеб бакӏлъун букӏана росу ва гьелъул гӏадамал. Гьесда ракӏ-ракӏалъ ричӏчӏулаан гьел. Гьесие кутакалда бокьулаан росуцоязулгун накъиталда вукӏине. Гьезги рицунел рукӏун ратиларищха гьесие батӏи-батӏиял лъугьа-бахъиназул хӏакъалъулъ.
Тӏокӏкӏун лъалаан росдал гӏумруги. Лъаларел цо-цо жал баян гьарулаан. Гьелъги квербакъулаан инсуца гъодинал асарал хъваялъе. Росулъе-нахъе унелъул, гӏезегӏан мехалъ мугӏрузухъ балагьун чӏолаан гьев машинаялъуса къватӏивеги вахъун. Гьеб мехалдаги ургъулев вукӏун ватиларищха цониги къисаялда гъорлъ лъезе пикруялда тӏад. Магӏарул тӏабигӏат гӏемер рехсолеб бугелъул асаразулъ.
Кӏиабизе бугони, инсухъе рачӏунаан гӏорхъолъа ун гӏемерал кагътал. Почтальоналъ дунги Махӏачги гъоркье ахӏулаан гьел росизе. Цо нухалда кагътазул хачӏги кодоб ккун, дица вацасда абуна, Махӏач, рачӏа нилъеца гьал кагътал гӏодоре разе, инсухъа кида гьал цӏалун рахъунелин абун. Амма инсуда гьеб лъайдал, гьесие цӏакъ бокьичӏо. Жинца щибаб кагътие жаваб кьезе кколин лъазабуна гьес нижеда. Гьедин гьабизеги гьабулаан. Цояз инсухъе хъван бачӏунаан дуца кинабалиго тӏехьалда хӏарп-хӏарпккун жидер къисмат бихьизабун бугилан. Гӏолилазги хъвалаан, чӏахӏиязги хъвалаан, гӏисиназги хъвалаан. Гьезул щивасе данде жаваб инсуцаги битӏулаан. Цо-цоязе тӏахьалги ритӏулаан.
Гьединго рукӏана инсухъе жидерго къисматалъул бицун хъвадарулелги. Хадурккун гьел лъугьунаан къисабазул сюжеталлъунги. Къойилго ралъдахъе хьвадулаан гьев. Гӏезегӏан гьудулзаби гьенирги рукӏана гьесул. Жидерго ккара-тараб яги цогидазул рагӏараб гьезги бицунаан инсуда.
— Гьесие хъвадаризе щиб мехалда бокьулеб букӏараб? Цо-цоязде шавкъ къаси сардилъ, цогидазде рогьалилъ щолин бицунелъул.
— Инсуе кутакалда бокьулаан хасел. Гьединлъидал хъвадаризеги гьев аслияб куцалда хасало хъвадарулаан. Щай гьесие хас гьабун хасел бокьулеб букӏарабали лъаларо. Хасало гӏемер Переделкиноялде унев вукӏиналъгӏаги батила. Гӏурус ракьалда кутакаб гӏазуги бан, хӏатталдаса ун берцинаб хаселлъидалха букӏунеб.
— Машгьурав хъвадарухъанлъун вахъиналде, районалъул газеталъул редакторлъунги вукӏанагури гьев?
— Гьеб мехалда гьесул корреспондентлъун вукӏун вуго Мухӏамад Гӏабдуразакъов. Гьесул лъайги бажариги бихьун, инсуца Махӏачхъалаялде хӏакимзабазухъе кагъат хъван буго гьев кутакалда цеветӏурав вас вугин, хӏисабалде босеян. Гьелеха, гьелдаса хадув Гӏабдуразакъов МВДялъул министрлъун вахъана. Гьелъухъ инсуе кидаго баркала кьолев вукӏунаан Мухӏамад.
Гьесдехун гуребги, гьунар бугел киналго гӏолохъабаздехун букӏунаан инсул гьединаб бербалагьи. Жахӏда-хӏусудги букӏунароан. Гьелъул гӏаксалда, жинхъа бажарараб кумек гьабулаан.
— Кӏиялго халкъиял (хъвадарухъанги поэтессаги) ругеб хъизан цохӏо нужер букӏанаха…
— Гӏамалалъул рахъалъ гьел батӏиял рукӏана. Эбелалъул букӏана гьелегьараб цӏа гӏадаб, хехаб гӏамал. Эмен вукӏана гӏодове виччарав, сабурав. Амма кутакалда данде кколаан гьезул. Дида киданиги бихьичӏо гьел цоцалъ къацандулел яги барщун. Гӏодове виччараб гӏамал букӏаниги, инсул букӏана жиндирго пикруги рагӏиги. Творчествоялъул рахъалъги цоцазе цӏакъ кумек букӏунаан гьезул. Инсуца жиндирго асарал тӏоцере эбелалъе цӏалулаан. Гьелъги жинда рекъон рихьичӏел бакӏал хисизарейин абулаан.
— Хадубккун нужеца махщел тӏаса бищулелъул тӏадкӏалъай букӏунаанищ гьезул?
— Эбел-инсуе бокьун букӏана Махӏач гуманитарияб рахъалдеги ун, хъвадарухъан вахъине. Гьединлъидал филфакалде цӏализеги ана гьев. Багӏараб дипломалда лъугӏизабуна гьес гьебги Москваялда аспирантураги.
Дун экономистлъун цӏализе лъугьунелъул, инсуца кӏудияб дандечӏейго гьабичӏо. Амма хадув дун искусствоялда, хореографиялда гъорлъе вачӏиндал, гьеле гьеб иш дур бугин, гьев кутакалда вохун вукӏана. Эбелги разилъана.
Махӏач банкалде хӏалтӏизе лъугьиндалги рекӏее гӏечӏо инсуе. Гьеб иш нилъер жо гурин, гьелъ нилъ цо къваригӏел гьечӏеб бакӏалде ккезаризе рес бугин абуна гьес вацасда. Гьединлъидал лъикӏ ккана Махӏач, жиндир заманалда банкги тун, басмаханаялде вачӏин. Инсуда гьединал жал хӏаладаго лъалаан.
Гара-чӏвари гьабуна Зульфия ХӏАЖИЕВАЛЪ.