Хириял «Хӏакъикъат» газета цӏалулел. Жакъа нижеца кьолеб буго нилъерго гӏагарав, къанагӏатаб махщалил хъвадарухъан, магӏарулазул машгьурав прозаик Муса Мухӏамадовасе сайигъат гьабураб чанго гьумер. Араб гӏасруялъул 60— абилел соназдаса байбихьун гьесул тӏехь цӏаличӏебги, хвел гьечӏел Мусал асараз ракӏал пана гьаричӏебги росу-рукъ, гъансито хутӏун батиларо магӏарухъ.

Исана чӏаго вукӏаравани Мусал гӏумруялъул тӏубалан 95 сон. Цӏакъ хеккого анин абизе бегьула мунагьал чурад. 70 сонил гӏумруялда 1997 соналъул 26 февралалда ана гьев ахираталъул рокъове. Гьеб 70 сонил гӏумруялда жаниб, 70 цоялдаса цояб цоялдаса пасихӏаб, бечедаб, бергьун гъваридаб мацӏалда тӏахьалги хъвана Муса Мухӏамадвоас. Бечедаб адабияталъул ирс тана Мусаца нахъе. Советияб заманалда цоцазухъе кьун, щибаб гъасда, гӏухьбузул цӏадухъ, хури-харинир гӏодо чӏараб бакӏалда, хӏатта нухда рилълъун унагоцин цӏалулел рукӏарал Мусал тӏахьазул гӏемерисел жакъа кодоре щолел гьечӏо. Магӏарулазул адабият бокьулел жакъаги гӏащикъго руго гьесул тӏахьазде тӏаде къулизе, Мазгаруласулги Ханикалги гӏажаибаб рокьул хӏакъалъулъ цӏализе, Салимил Гӏашурал, Гӏалисултанил ва Зубражатил къисматалъул цӏидасан пикру гьабизе, гьелгун цадахъ рохизе ва пашманлъизе.

Жакъасеб номералда нужее рес щвела машгьурав хъвадарухъансул творчестволъул хӏакъалъулъ гӏатӏидго цӏализе, гьесул лъималазул ва гӏагарлъиялъул ракӏалдещвеязухъ гӏенеккизе. Харбалго гӏадин кутакалда пасихӏго хъварал Мусал кучдӏулги цӏализе.

Хъвадарухъанасул юбилеялда хурхун гӏуцӏарал тадбирал байбихьана Махӏачхъалаялдасан. Тӏоцебесеб октябралда, Поэзиялъул театралда, тӏобитӏана Муса ракӏалде щвезавиялъул дандчӏвай. Гьенив кӏалъазе вахъарав ДРялъул Хъвадарухъабазул союзалъул правлениялъул нухмалъулев Мухӏамад Ахӏмадовас бицана Муса Мухӏамадовас хъварал хвел гьечӏел, магӏарулазе къиматалъун лъугьарал асаразул, щибаб гъасда гьел цӏалулел, цоцахъе кьолел рукӏараб куцалъул хӏакъалъулъ. Бицана 14 сон барав жиндихъе, Гьоноде, Мусаца кагъат битӏун бачӏараб куцалъулги.

— Гьитӏинавин, кӏудиявин абун батӏа гьавичӏого, чиясул адаб гьабизе лъалев чи вукӏана Муса. Хасго адабияталде тӏоцебесеб гали лъолел гӏолохъанал шагӏирзабазул, хъвадарухъабазул къимат гьабулаан гьес. «Гьудуллъи» журналалде битӏараб дирго тӏоцебесеб кечӏалда тӏасан саламатаб тӏамач цӏураб кагъат Мусаца битӏун бачӏиндал, дир рохалие гӏурхъи букӏинчӏо. Хадур дандчӏвайдал, щулалъана нижер гьудулъиги. Москваялдаги Махӏачхъалаялдаги гӏемер дандчӏвалаан, цадахъ гӏодор чӏолаан. Дица ракӏ-ракӏалъ абулеб буго Мусацаги Фазуцаги, вас гӏадин, къабул гьавурав чи вукӏана дун. Гьезул рокъобе кидаго рагьун букӏунаан нуцӏа ва, нуцӏаго гӏадин, кидаго рагьарал рукӏана гьезул ракӏалги, — ян абуна М. Ахӏмадовас.

Лъикӏаб кӏалъай гьабуна Гьандихъ росдал Муса Мухӏамадовасул цӏаралда бугеб школалъул директор Мухӏамад Гъазалиевасги. Гӏолохъанаб мехалда гӏумрудул гьудул Фазуде Мусаца гьабураб кечӏ ахӏана ДРялъул халкъив артист Гӏабдула Мухӏамадмирзоевас, Фазуца Мусаде гьабураб кечӏ ахӏана Авар театралъул мустахӏикъай артистка Патӏимат Хӏажиевалъ. Данделъаразе асар гьабураб кечӏ ахӏана ДРялъул мустахӏикъай артистка Машидат Гӏумарасхӏабовалъги. Театралъул гӏолохъанал артистаз рихьизаруна Мусал творчествоялда тӏасан сценкабиги.

Ахиралда кӏалъазе вахъарав Мусал васас, «Лезгинка» ансамблялъул директор Жамбулат Мухӏамадовас баркала кьуна Поэзиялъул театралде рачӏаразе.

Гьединабго тадбир Мусал гӏагараб Гьандихъги тӏобитӏизе ракӏалда буго гьаб моцӏрол ахиралда. Амма гьеб къо тӏаде щвезегӏан чӏечӏого, Мусал ватӏаналде, ай Гьандихъе дица сапар бухьана 4 октябралда.

«ЦӏИЯБ КАНЛЪИЯЛДА» МУСАЛ ХАТӏ ЦӏУНУН БУГО

Гьандихъе щвелалде сверана Хӏебда росулъе, Шамил районалъул «Цолъи» газеталъул редакциялде. 1947-1949 соназда «Цӏияб канлъи» абураб цӏаралда гъоркь къватӏибе биччалеб букӏараб газеталъул редакторлъун вукӏана Муса. Гьениса ана гьев Саратовалъул партшколалде цӏализеги. Гьебги лъугӏизабун, Махӏачхъалаялде щварав чи, гьанжего гьанже Литературияб институтги лъугӏун вачӏунев Расул Хӏамзатовгун дандчӏвайдал, гьес мукӏурги гьавун, росулъецин щвечӏого, Литинституталде цӏализеги ана Муса. Тӏокӏлъиялда гьебги лъугӏизабун, вуссана ватӏаналдеги.

Литинституталда цӏалулеб мехалдаго хъвазе байбихьана гьес машгьураб трилогия: «Къисас, «Кьалбаз ккола гъветӏ», «Лъукъарал кьураби». Гьелъул хӏакъалъулъ жиндирго тӏехьалда гьадин ракӏалде щвезабулеб буго Мусаца:

«Инсуе бокьун букӏана хурги бекьун, бокьги бахъун дун жиндаго аскӏов вукӏине. Амма дир ракӏалъ батӏияб иш, ай адабият тӏаса бищана. Тӏоцебе бахъараб дир кечӏ жаниб бугеб газеталъул номерги босун дун вачӏиндал, гьес нодо букӏкӏинабуна: «Кечӏалъ хьихьуларо чи, хьонги бекьун бижараб тӏощалица гурониянги» абун, довехун вуссун арав тӏокӏав дида кӏалъачӏо гьеб къоялъ. Амма чанго соналдасан дир «Къисас» тӏехьги кодоб ккун, разиго сверухъ ругезухъ балагьана эмен. «Гьабни Къуръангӏанасеб тӏехь хъван бихьула васасилан» абуна гьес, аскӏор рукӏаразда. Гьеб букӏана дие бищунго кӏудияб рецц-бакъ, дица гьабураб хӏалтӏуе щвараб бищун кӏудияб къимат. «Инсуе бокьун букӏана хурги бекьун, бокьги бахъун дун жиндаго аскӏов вукӏине. Амма дир ракӏалъ батӏияб иш, ай адабият тӏаса бищана. Тӏоцебе бахъараб дир кечӏ жаниб бугеб газеталъул номерги босун дун вачӏиндал, гьес нодо букӏкӏинабуна: «Кечӏалъ хьихьуларо чи, хьонги бекьун бижараб тӏощалица гурониянги» абун, довехун вуссун арав тӏокӏав дида кӏалъачӏо гьеб къоялъ. Амма чанго соналдасан дир «Къисас» тӏехьги кодоб ккун, разиго сверухъ ругезухъ балагьана эмен. «Гьабни Къуръангӏанасеб тӏехь хъван бихьула васасилан» абуна гьес, аскӏор рукӏаразда. Гьеб букӏана дие бищунго кӏудияб рецц-бакъ, дица гьабураб хӏалтӏуе щвараб бищун кӏудияб къимат. Дун Литинституталде нахъвуссун индал, вацасда цӏализабун буго гьес тӏубараб тӏехь. Вацас бицунаан, жиндирго гӏумру цебесан унеб бугеб гӏадин, вохун вукӏанила эменин абун».

Райгазеталъул редакциялда гьабсагӏатги нахъе цӏунун руго Муса редакторлъун вукӏараб заманалда риччарал газетазул подшивкаби. Цохӏо гьенир гурони, тӏокӏал кирниги басмаялда рахъичӏел Мусал кучӏдулги цӏализе щвана гьенисан.

Жиндиего хасиятаб, хадурккун хъвазе ругел тӏахьазего гӏадаб, бегӏераб пагьму-гьунар букӏун буго Мусал газеталъе редакторлъи гьабизеги. 73 соналъ цебе къватӏибе биччараб газеталъул гьурмазда буго унго-унгояб магӏарухълъи. Къоло цоабилеб гӏасруялъул цивилизациялъги нано-технологиязги хисизабичӏеб умумузул заман буго гьениб бессун. «Цолъи» газеталъул редактор Патӏимат Мухӏамадовалъ кьураб белъараб хъабхъил хӏалги бихьун, хурдузул чайги гьекъон, сапар бухьана Гьандихъе.

«ГУХӏДУЛЪГИ, БАКЪДАБГИ, ГЬАНЖЕ ГЬАНДИХЪГИ»

Кьерхараб хасалихълъиялъул къо. Халкъияв хъвадарухъанас жиндирго асаразулъ гӏемер рехсараб Гьандихъ росу. Амма тӏахьазда гьелъул цӏар чанги батӏияб къагӏидаялъ дандчӏвала нилъеда: Бакъдаб, Гухӏдулъ. Бакъдаб росдал хӏакъалъулъ бицен гьабун буго «Мугӏрул сухъмахъазда», «Борч» тӏахьазда ва «Къисас», «Кьалбаз ккола гъветӏ», «Лъукъарал кьураби» трилогиялда. «Бакъдасел» абураб новеллабаздалъун хъвараб тӏехь тӏубанго росуцоязул гӏумруялъул хӏакъалъулъ хъвараб буго. Кин кӏочон телел копол къучӏбиян гьес жинцаго цӏар лъурал Хӏасанилавги Исхӏакъги. Гьесул лъимерлъидул гьудул Къадиги, Дибирги, бригадир Гӏалихӏмал битӏккечӏеб къисматги, Гӏумарчол къарумлъиги, кӏухӏалав Мутӏалибил вахъарав хӏаракатав вехьги.

Ракӏалде щвезабилин «Бакъдасел» тӏехьалъул байбихьудаса цо гьитӏинабго кесек.

«…Цо-цо къвалакь цо-цо хъарпузги ккун, ссанаби къотӏун, щобал рахун росулъе унеб нухде лъугьана дун. Рикӏкӏадасанго гӏадин ганчӏида гьецӏокъ кьабулеб гьаракь чӏвана гӏинда. Щал гьелали лъазе бокьун, надалда кверзул щурунги гьабун валагьарав дида щугоял рихьана Чӏегӏераб ганчӏида цере. Гьагъав хӏосги кодоб ккун бугев чи Исхӏакъ-даци вуго. Гьале гьев гьанивехун вуссун вачӏана ва, дунги вихьун, гьимулаго данде вачӏине лъугьана. Гьесда данде гали дицаги тӏамуна. — Вай, гьеб къо бихьун шагьаралдаса баччичӏониги, росулъ дагьабищ хъарпуз букӏараб. Сонги хъутаналдаса бачӏун складалда цебе кӏиго машина чӏехьараб гъуни бугин гьелъул, — ин абуна гьес, хъваш-баш гьабилалдего. — Росулъе сайгъат босиялдаса ун буго иш, — илан абуна дица ва тӏадеги жубана бакъдасел хӏайранлъиларин хӏанчӏил рахьги босун дун вачӏанигиян. — Цо-кӏиго шампанскиялъул шиша босун букӏарабани, дунги разияб, дур налъиги тӏубараб мурад, — илан абуна гьес хадубги. — Бихьулищ, Къадил ригьда цебеса гамачӏ нахъе гьабизе тӏаделъун руго ниж. Цебе гьадинаб мина, хьилил цӏадухъги кӏусун, басриябго буртинадукь сардал рогьунев вехьасдаяли киса, росулъго бечедав Чупаласдаги макьилъ бихьулеб жо букӏинчӏо. Дос тӏоцебе рагъида цӏер ккураб мехалъ, ракӏалда буго, бащдаб росуго букӏана хӏайранлъун. Цӏерги ккураб рагъи буго досулин кицибицаде тӏамулаан. Гьанже кинабго хиса-басун бугеб куц», — илан абуна Исхӏакъица пашманго гӏадин…

Гухӏдулъ росу нилъеда батула «Бигьародул гъутӏби» тӏехьалда. Жиндирго гьитӏинаб заманалъул, вац Мухтарил, эмен Гӏабдулал, гьесул ункъавго вацасул, Бариян кӏодол, Султӏан-кӏудил хӏакъалъулъ хъвараб асар буго Мусал гьеб тӏехь. Гьелъул цо гьитӏинабго бутӏа цӏализе бегьула жакъасеб номералъул 14-15 гьурмазда.

Бариян-кӏодоги гьелъул рос Султӏанги хӏакъикъаталдаги рукӏарал гӏадамал кколин бицана Гьандихъ. Тӏехьалда хисизарун лъун руго гьезул цӏарал, Мусал инсул хӏикъикъияб цӏар букӏана Гӏабдулалмухӏамад. Инсул вацал кколаан Султӏан-хӏажияв, Мусахӏажияв, Гӏабдулалмухӏамад (Мусал эмен), Наби ва Тукъу.

Гьелго гӏадал, хӏакъикъаталдаги Гьандихъ рукӏарал чагӏи ккола Хӏасанилавги Исхӏакъги. Бакъдаб росуйин Мусаца рехсолеб бакӏ ккола, гьесул инсул мина бугеб росдал авал. Бакъудехун рахъ букӏиналъ лъураб буго гьединаб цӏарги.

Гьандихъ дандчӏвай гьабуна Мухӏамад Гъазалиевасги школалъул учительлъун гӏемерал соназ хӏалтӏарав Шамсудиницаги. Хӏумайд-афандиясул наслуялъул чиги ккола Шамсудин. Хӏеренаб каламалъул, велъун гурони кӏалъаларев чи вуго гьев. 1986 соналъ Муса Мухӏамадовасул юбилеялде гьесги цогидав мугӏалимасги хӏадур гьабураб стенд буго гьабсагӏаталдаги Гьандихъ росдал школалъул жанахӏалъуб къеда бан.

Школалда бугеб Мусал музей-рукъалъул хӏакъалъулъ чанго нухалда цӏалунги, телевизоралдасан бихьунги букӏана. Гьениве щведал, битӏахъе Мусал рокъове щвараб гӏадаб асарги лъугьана. Махӏачхъалаялда букӏараб Мусал кинабго къайи-цӏа бакӏарун буго Гъазалиев Мухӏамадица гьенибе. Буго гьениб 50 соналъ Муса нахъа гӏодов чӏараб стол. Гьеб столалда нахъа хъвана Мусаца гӏемерал тӏахьал. Гьесул букӏараб диван, радиоприемник ва гьеб гуребги, ай хъвадарухъанас квализабурабщинаб жо босанин гьанибеян абуна Мухӏамадица. Амма бищунго асар гьабуна Мусал букӏараб какикьтӏамалъги, как балеб мехалъ лъолеб букӏараб тӏагъуралъгун чӏумазги. Гьеб какикьжоялда тӏад рогьалил какдаса хадув къадаралде щвана Муса.

Къеда ран руго гӏолохъанаб мехалъ ва хадуб харадунирги рахъарал Мусал суратал. Цогидаб къед цӏезабун буго магӏарулгун гӏурус мацӏазда рахъарал гьесул тӏахьаз. Гьеб киналдего бер щвезабуна, кӏудияв хъвадарухъанасул бечедаб ирсалда цеве эхетун, сихӏкъотӏиялъ кверде восана.

Гьединаб букӏана Гьандихъе гьабураб сапар. Цӏад балеб букӏун, ракӏалда букӏанщинаб бакӏалде щвезе санагӏалъи ккечӏо. Хъвадарухъан жанив гӏураб гьесул инсул минаялъухъе щвезеги ният букӏана. Гьединго ният букӏана Мусал лъимерлъиялъул гьудул, гьес жиндир го асаразулъ рехсарав Мухӏамадов Сайгидил гӏагарлъиялъухъе щвезеги. Сайгид ккола Мусал кьерилав, 17 сон барав чи нагагьаб балагьалдалъун къадаралде щвана гьев. Мусаца гӏадин, гьесги хъвалаанин кучӏдулилан бицана М. Гъазалиевас.

Палхӏасил, гьединаб сапарги ккун вуссана тахшагьаралде. Жинцаго Мусаца «Бакъдасел» абураб тӏехьалда абухъе ккана:

«Сон къотӏнов дандчӏвана Къади. Лъадул кӏодолгун къо-лъикӏ гьабизе унев вуго, — ян абуна гьес. — Жиндихъего щвечӏого дун ун ватани, тамашаго ракӏбакъвала долъул. Херлъараб мехалъ нилъги лъугьинадай додин манзил къокълъун».

«Кигӏан хехго арал дур отпускалъул къоял?» — илан гьикъана дица пашманго. Гьале гьаб нухалъги щвечӏо рекӏел гьудуласулгун гьуинаб хабаралда гӏодор чӏезе. Гьединго инсудехун бикьизе букӏараб ургъел, урхъи буссинегӏан гьесухъ гӏенеккизе букӏараб анищги хутӏана рекӏел тӏиналда тӏупухъе. Гьаб нухалъги нахъосалалде тӏамундай гьеб хутӏизехъин бугеб? Кида гьеб нахъосалахъ мехго щолеб? Щибаб нухалъ гьале гьадин роржун ун ратула росулъ тӏамурал къоял ва тӏубачӏого анищгун вуссуна дун шагьаралде», — ян хъвана Мусаца.

Шагьранухде щвезегӏан дида цадахъ вилълъарав чи ватана Мусал вацгӏаласул вас Гьитӏинамухӏамадхӏажияв. Гьитӏинамухӏамадхӏажиявги гӏемер рехсон вуго Мусаца жиндирго тӏахьазда. Гьев ккола Мусал эбелалъул кӏудияв эмен. Гьесул цӏар лъурав Гьитӏинамухӏамадхӏажиясда цадахъ вукӏана Гьандихъ росу тезегӏан. Цӏакъ гьуинаб хабаралъул чи ватана гьевги. Инсул вацгӏаласул хӏакъалъулъ гӏемерал ракӏалдещвеялги рукӏана нух тезегӏан рицунел. Цӏакъго халалъулеб букӏун гьанир кьечӏого толел руго. Къваниб росдал рагӏалда, хасалихълъиялъул тӏогьилаб ретӏел ретӏарал гъутӏбиги нахъа ккезарун, Гьитӏинамухӏамадхӏажиясул суратги бахъана.

Лъугӏизабизе бокьун буго Мусал «Мугӏрул сухъмахъазда» абураб тӏехьалъул ахиралда ругел мухъаздалъун:

«Гьанже абуни дун шагьаралде нахъвуссунев вуго, тӏоцебесеб тӏехьги лъугӏизе толеб буго. Гьале дун дирго хабар байбихьараб бакӏалде — росдал магъил багъилаб расалъуде, чинаридул гъотӏокь кьижарав Мухӏумаханасул хабаде вачӏун вуго.

Хасалихълъиялъул гьороца хьвагӏезабулеб буго гьесул хабада гьарзаго бижараб, роол кьер свараб хер. Хвачезарун тӏамхалгун дида тӏаде къулун буго пири речӏчӏун бихъараб гьаб ганчӏидаса аскӏоса баккун бачӏараб, гьанже кӏудияб гӏураб чинаридул гъветӏ. Гьелъул тӏанхазул щуриялъусан дида рагӏулеб бугин ккола: «Гьанибе дуда нух къосунге, чӏагоязда хварал кӏочене бегьуларо», — абун гьабулеб калам.

«Кидаго къосинаро», — ян жаваб кьола дицаги.

Ашахан ЮСУПОВ, Гьандихъ-Махӏачхъала

Авторасул суратал