18 октябралда ДРялъул нухмалъиялда тӏобитӏана коронавирус тӏибитӏунгутӏиялда бан гӏуцӏараб оперативияб штабалъул данделъи.
ДРялъул бетӏерасул официалияб сайталда хъвавухъе, Сергей Меликовас бицана «Стопкоронавирус.рф» абураб сайталда араб анкьалъ тӏолабго улкаялдаго бугеб хӏал багӏараб кьералъ бихьизабулеб букӏанин. Гьелъул магӏна кколила вакцинацияги тестированиеги нилъер гьаниб гӏураб къадаралда гьабунгутӏи. Кигӏан гӏарац биччаниги, гьеб рахъалъ план тӏубалеб рагӏуларо. Масала, риидал ПЦР-анализал гьаризе биччан букӏун буго 67 млн гъурущ. Гӏагараб заманалдаги биччазе буго 204 млн гъурущ. Гьеб харж гьабизе буго гӏадамазе вакцина гьабуралъухъ медиказе премиял хӏисабалда.
Меликовасул баяназда рекъон, жакъа республикаялда вакцина гьабун буго 480 чиясе. Амма сентябралдаги октябралдаги гьеб дагь гьабун буго.
Роспотребнадзоралъул Дагъистаналда вугев нухмалъулев Николай Павловас бицухъе, республикаялда хъвай-хъвагӏай гьабун буго ковидалъ унтарав 54 азарго чиясул. Анкьалъ цебе микьго район букӏана тӏаде унтарав чи гьечӏел. Гьанже гьеб лъабго гурони гьечӏо — Бежтӏа участок, Цӏунтӏа ва Лак районал.
Аслияб куцалда унтулел руго 30-59 сонал рарал гӏадамалги лъималги. Амма больницаялде рачӏунел гьечӏо, иш ахиралде ккараб мехалда гурони. Гьединго унтунги рукӏун, эркенго гӏадамазда гьоркьор чӏолел руго. Гьелъ хехго унтиги тӏибитӏулеб буго.
Унтарал цӏакъго гӏемерлъани, кислородалъул гӏунгутӏи букӏинецин бегьулин хабар буго. Гьабсагӏаталда гьеб къваригӏарал унтаразул къадар бахун буго 670 чиясде. Сахлъи цӏуниялъул министрасул ишал тӏуразарулей Татьяна Беляевалъ бицана 49,5 млн гъурщихъ кислород кьолеб 15 газификатор босун бугилан. Цӏакъго захӏматал унтарал регарал больницабазда лъун рагӏула гьел. Гьединго ноябралдехун гьединаб цо алат лъезе буго Гъизилюрт шагьаралъул больницаялдаги. Гьелдаса хадур лъезе руго цогидал шагьараздаги (анкьго газификатор).
Меликовас республикаялъул Минпромторгалда тӏадкъана кислород нилъерго гьаниб гьабулеб къагӏидаялда тӏад ургъеян.
Гьениб бицухъе, вакцина гьабидал щолеб QR-код гьечӏев чи кӏвар бугел идарабазде виччачӏого тезеги рес буго.