ьал къоязда Хабаровск краялдаса туроператоразул анцӏгониги къокъаялъул вакилзабаз хӏухьбахъи гьабуна нилъер республикаялда – Дербенталда, Дагъогниялда, Хунзахъ, Сулахъ къварилъухъ, Чӏикӏаб хӏорихъ, Гъуниб районалда.
Гьелъие квербакъи гьабуна гьеб краялда вугев ДРялъул официалияв вакил Бейдулагь Гӏисаевас, республикаялъул Миллияб политикаялъулгун диниял ишазул, гьединго Туризмалъулгун халкъиял махщелазул рахъалъ гӏуцӏараб министерствабаз.
Гьедин бицана 19 октябралда «Дагъистан» РИАялда тӏобитӏараб пресс-конференциялда. Гьелда гӏахьаллъана Бейдулагь Гӏисаевги миллияб политикаялъулгун диниял ишазул министрасул заместитель Арсен Махӏмудовги.
«Цере Хабаровск краялда гӏумру гьабулел гӏадамал хӏухьбахъизеги бизнесалъул ишазги унаан Китай, Корея, Тайвань гӏадал улкабазде. Пандемия байбихьун хадуб гьенибе нухги къан, улкаялда жаниса-гӏебеде сапарал гьаризе байбихьана гьез. Гьедин тӏаса бищараб буго Дагъистанги. Амма батӏи-батӏиял харбазда божун, цо-цоял хӏинкъана гьанире рачӏине», — ян бицана Б. Гӏисаевас.
Бизнес-туралъул вакилзаби разиго хутӏана тӏабигӏаталдасаги ракӏ рагьарал нилъер ракьцояздасаги. Хасго Хунзахъ, Цӏобокь рагӏалалъги цогидал бакӏазги асир гьарурал гьел чӏун рукӏун руго чадрахъ сордоги бан, дагьабги мехалъ жал гьанирго теян.
Б. Гӏисаевас бицухъе, цебеги жеги ункъо батӏияб къокъа бачӏун букӏун буго Дагъистаналде. Масала, гьесул квербакъиялдалъун гъоркьиса Шамил районалда тӏоритӏун рукӏана Хабаровскиялдаса спортсменазул спортивиял сборал.
Дуца гьалбал Шамил районалдеги, Хунзахъеги, Гъуниреги, Чӏикӏаб хӏорихъеги рачун ругин, цониги нухалъ мун гьелгун цадахъ дурго Хив районалде щай щвечӏевин абун махсаро гьабуна Гӏисаевасе пресс-конференциялда табасараназул газеталдаса журналисталъ. Ракӏ-ракӏалъ жиндир пикруялъул рахъ ккураб бакӏалде анин живин жаваб кьуна гьесги. Гьединго тӏаде жубана магӏарулал, табасаранал абун, жинца Дагъистаналъул халкъазда гьоркьоб кинабгӏаги батӏалъи гьабуларинги.
Гӏисаевасул рагӏабазда рекъон, туристазда гьоркьор рукӏине бегьула инвесторлъи гьабизе рес бугел гӏадамалги. Гьединлъидал гьес гьаб ахиралда гьабураб сапаралда «Бизнес-тур в Дагестан» абун цӏарги лъун букӏараб.
«Дир хӏисабалда, Хабаровскиялдаса туристазе рекӏее гӏун батизе ккола этнотуризм, гастротуризм, промышленнияб, стоматологиялъул ва зияратчилъиялъул туризм. Масала, Дагъистаналда цаби-гӏусал къачӏалел тохтурзабиги лъикӏал, багьабиги учузал ругилан, гӏезегӏан гьалбал рачӏунел руго Россиялдаса. Дагъогни шагьаралда бугеб цӏер гьабулеб заводалъги асир гьаруна гьел. Щиб лъалеб, гьеб рахъалъ бухьенал гьаризе къасд ккарал гӏадамалги ратила туристазда гъорлъ», — абун кӏалъана Бейдулагь Гӏисаев.
Гьесда ракӏалда буго Хабаровскиялдаса Махӏачхъалаялде самолетазул рейсал рагьиялъе квербакъизеги. Нилъер аэропорталъул вакилзабазулгун кӏалъа-басайги гьабун буго гьес гьал къоязда. Пачалихъалъги кумекги гьабуни, белтил багьа 20-30 азарго гъурщиде букӏине бегьулин бицана Гӏисаевас.
Гьесул рагӏабазда рекъон, Хабаровск краялда гӏумру гьабулеб буго щуазарго дагъистанияс. Гьединго рагъулаб хъулухъалдаги вуго нилъер гьаниса кӏиазаргониги чи.
Зульфия Хӏажиева