Газеталъул араб номералда хъван букӏана Махӏачхъалаялда нахъеги рекӏадухъ босулеб багьа хира гьабизе бугин абураб хабар тӏибитӏун букӏиналъул хӏакъалъулъ. Тахшагьаралъул мэриялъ гьеб баян тасдикъ гьабун букӏинчӏо. Амма 18 октябралда, «Астория», СТС, «Сктранс» ва «Трансфлот» транспорталъул ункъо компаниялъ Махӏачхъалаялъул администрациялде кагъат битӏана, жидеца багьа бахинабулеб бугин абун. Гьанже маршруткаялда рекӏаралъухъ кьезе ккола 27 гъурущ. Цебе кьолаан 23 гъурущ.

Махӏачхъалаялъул администрациялъул транспорталъулаб управлениялъухъа нижее баян щвечӏо. Гьезул телефоналде чанцӏул ахӏаниги, хӏасилги ккечӏо. Тӏадехун бицен гьабурал «Астория», СТС, «Сктранс» и «Трансфлот» компанияз багьа бахинабиялъе гӏиллалъун бихьизабун буго цӏатариги машинаялъул цогидал гӏиси-бикъинал алаталги хиралъун рукӏин.

36 гъурущ бугин гьабсагӏат Махӏачхъалаялда газалъул цо литрадул багьа. Гьелдаго цадахъ, зама-заманалдаса машинаялда хисизе ккола гьакал, чирахъал ва гьеб гуреб цогидабги. Гьеб кинабго учузго чӏолеб гьечӏин бицана нижее Махӏачхъалаялъул №69 «а» маршруткаялда хӏалтӏулел водительзабаз.

— Киназдаго кколеб батила багьа бахинабурал чагӏи ниж ругин. Амма гьел мекъи руго. Тӏадехун ругел идарабаз гьабулеб жо ккола гьеб. Нижееги бокьилаан кинабго хиралъичӏого букӏунебани. Гьединго бичӏчӏула щибаб къойил маршруткаялда рекӏине кколел гӏадамазе 27 гъурущ кьей расги бигьаяб жо гуреблъи. Амма щибха гьабилеб нижеда бараб жо гьелъул гьечӏелъул, — ян бицана маршруткаялъул шофер Гӏ. Гӏумарасхӏабовас.

Рекӏадухъ багьа бахине бугин 15 октябралдаго лъазаби чӏван букӏана щибаб маршруткаялда. Амма киназго цадахъ циндаго багьа бахинабичӏого букӏине, жидеца къотӏи гьабунин, 18 октябралдаса байбихьун цо компаниялъ бахинабулеб къагӏида гьабизеян бицана шоферзабаз.

Гьеб ахӏвал-хӏалалда бан щибха абулеб бугеб пассажираз? Щибаб къоялъ маршруткаялда рекӏун хӏалтӏуде-нахъе ине кколел гӏадамал гӏемер руго. Хӏатта цо-цояз кӏигониги хисизе ккола гьеб. Мисалалъе, гьединазул цояй ккола Хунзахъ районалдаса Гӏабидат Гӏалиева. Гьей хӏалтӏулей йиго шагьаралъул школалда мугӏалимлъун.

— Кӏиго батӏияб бакӏалда хӏалтӏулей йикӏиналъ кӏигониги маршрутка хисизе ккола дица. Гьебгиха цо рахъалде. 23 гъурущцин дагьаб жо гуро дун гӏадал, кӏудияб харж гьечӏел чагӏазе. Гьанже 27 гъурущ босизе байбихьана. Цо рахъалде кӏиго маршрутка хисизе ккани, 54 гъурущ кьезе ккола. Къаси рокъоеги рекӏине ккани, унеб буго гьебго 54 гъурущ. Къойие 108 гъурущ. Моцӏида жаниб цохӏо рекӏадухъ кьезе кколеб буго гӏага-шагарго 3000 гъурущ. Кванихъищ кьелареб гӏарац, ретӏел-хьитищ босилареб? Мугӏалимасул гъаримал гъурщал цохӏо кванихъги рекӏадухъги кьун тӏагӏинехъин руго моцӏида жаниб.

Нилъер республикаялда тӏокӏаб чӏечӏого бицуна коронавирусалдаса цӏунизе жамгӏияб транспорталда соцалияб дистанция цӏунизе кколин абун. Амма цо-цо маршруткабахъ балагьеха, гӏодор чӏаразулни бицинарин, рахъун чӏун, цоцалъ къан, битӏахъе консервадул банкаялда жанир гӏадин рукӏуна гӏадамал. Хӏухьел цӏазе рес гьечӏеб хӏал буго. Шагьаралъул цояб кӏалалдаса цогидаб рахъалде гьединаб къагӏидаялда ине ккани, расги бигьаяб иш гуро. Гьеб мехалъ унтичӏого рукӏинищ? — абун гьикъулеб буго Гӏ. Гӏалиевалъ.

Пассажирал раччулеб транспорталъул компаниязе бокьун букӏанин рекӏадухъ багьа 30 гъурщиде бахинабизеян ракӏалде щвезабуна «Черновик» газеталъул обозреватель Мухӏамад Мухӏамадовас.

— Рес букӏарабани гьез гьеб гьабизеги букӏана, халкъалъ ахӏи бахъинабилин хӏинкъун чӏана. Кӏиабизе босани, жакъа Махӏачхъалаялда хӏалтӏулел ругел маршруткаби руго цӏакъ санагӏат гьечӏел. Чанго соналъ цебе 23 гъурщиде багьа бахинабизе хӏукму гьабидал, Махӏачхъалаялъул тӏалъиялъ рагӏи кьун букӏана, цӏакъго гӏемераб къадаралда пассажирал рекӏинарурал маршруткабазе гӏадлу гьабизе. Гьезул низам гьабизе ГИБДДялъул хӏалтӏухъабазда тӏадкъазеги. Гьединго маршрутазул линиязда машинабазул къадарги цӏикӏкӏинабизе рагӏи кьун букӏана. Амма цонигияб рагӏалде бахъинабичӏо. Жакъа нилъеда бихьулеб буго Махӏачхъалаялда хӏалтӏулел маршруткаби кинал ругелали, щиб квегӏенлъи гьезул гӏадамазе бугебали. Хасго «Третий парк» компаниялъул маршруткаби руго цӏакъ санагӏат гьечӏел, гӏодор чӏезе бакӏалги гьенир цере ккаразе гурони щоларо. Хутӏарал рукӏуна цоцалъ къан, ругӏа-русун, рахъун чӏун. Хасго кьерханкъояз, тӏа-тӏала цӏадалги ран хӏориде сверун тахшагьаралъул къватӏалги ругеб мехалда. Гьелъул гӏемераб бицана, хъвана, видеоял лъуна социалиял гьиназда. Гьедин буго жакъа маршруткабазул рахъалъ ахӏвал-хӏал Махӏачхъалаялда. Соналдаса-соналде хира гьабулеб багьаги буго, амма гӏадатияб халкъалъул ургъел гьабун, гьезие санагӏатаб жамгӏияб транспорт букӏине ккелин абураб пикру гьабулев хӏаким гьечӏо, — ян бицана М. Мухӏамадовас.

Ашахан Юсупов