«Магӏарухълъи цӏунизе кколин ахӏи балелги рукӏун, цо-цо тӏадчагӏаз магӏарухълъиялдехун тӏаса-масагояб бербалагьи гьабиялъул магӏна щиб?» — абун гьикъулеб букӏана Гъазимухӏамадица, заводалда жаниб нижее экскурсия гьабулаго.

Сезоналъул лъабго-ункъо моцӏида жаниб консервазул 3 млн шартӏияб банка къазе кӏолеб къуваталда букӏараб Харахьи завод ккола гьеб. 12 соналъ чӏун хутӏиялъги, гьелде щвезегӏан пачалихъалъул квер тӏаса иналъги, тӏатӏала ккезе байбихьараб гьелда рухӏ гъезе лъугьун вуго Гъазимухӏамад.

«Хӏакъикъат» газеталъ гьесулги заводалъулги хӏакъалъулъ цебегӏанго хъванги букӏана, амма гьелдаса нахъе хисараб жо ккечӏо. Гьадабго хӏалалда заводалъе гӏарац балагьулев, тӏадчагӏазде ахӏи балев Гъазимухӏамадги вуго, гъоркьлъалие лъезе шагьаралда мал-мулк букӏун гурони, кредиталъул гӏарац кьеларин чӏун банкиралги руго.

Амма социалиябгун экономикияб рахъалъ Дагъистан цебетӏеялъул мурадалда исана 28 сентябралда Махӏачхъалаялда тӏобитӏараб конференциялда бицунеб хабар батӏияб букӏана. РФялъул Минэкономразвитиялда цебе гӏуцӏараб Департаменталъул директор Игорь Храновскияс абуна бизнесменазе кредитал кьолелъул бигьалъаби гьаризе хӏаракат бахъизе ккелин. Гьединго Сергей Меликовасги бицун букӏана шартӏал гьечӏолъиялъ къойидаса къойиде гӏадамал росабалъа гочунел ругин, гьединлъидал гьениб рукӏа-рахъин лъикӏлъизабиялда тӏад ургъизе кколилан. Гьайгьай, гьеб мурад тӏубалаан Гъазимухӏамад гӏадал чагӏазе квербакъи гьабуни.

— Лъабго нухалъ кагътал хъвана дица Сергей Меликовасухъе, — ян бицана Гъазимухӏамадица. — Дир хӏисабалда, гьесухъе щвезе течӏо гьел. Чанцӏулго хитӏабал гьарун, гӏемер чиясда кӏалъана лъабго млн гъурущниги кьейин кредиталъе. Гьеб жоялъе кумек щолеб гьечӏо. Амма руго бащдаб гъоркь тани, гьеб гӏарац пачалихъалъухъа щвезабизе рагӏи кьолел гӏадамал. Гьеб жоялъул дие щиб мунпагӏатха букӏинеб?

Цо нухалда Росдал магӏишаталъул министерствоялде ракӏарун рукӏана дунго гӏадал, росдал магӏишаталда, производствоялда хӏалтӏулел чагӏи. Жив разияв вугин лъагӏалие лъабго процентги гъоркь ккун, нужер бокьарасе кредит кьезеян кӏалъана гьенив Сбербанкалъул Дагъистаналда бугеб филиалалъул вакил. Гьеб мехалда цояв вахъана тӏаде: лъабнусго гектаралда гӏезарурал ахал ругила жиндир, гьезде дару речӏчӏизабизе кӏиго комбайн босизе 30 млн гъурущ къваригӏун бугинги абун. Цинги гьесул документазухъги балагьун, банкирас абуна дуца гьеб ракь 49 соналъ ижараялъе босун бугила, гьеб данде кколарин. Гьедин батаниян абуна дица, дунги магӏарухъа вачӏарав чи вугин, диеги инкар гьабулеб батилинха нужеца. Шагьаралдаса 120 километралъ рикӏкӏад ругел чагӏазе жидеца гӏарац кьоларин кьуна диеги жаваб. Гьеб манзилги Лавашиса борцунеб бугоан банкирас. Гьанже магӏарухъе нух гендерил тоннелалдасан бугин бичӏчӏизабизе лъугьаниги, бихьулеб букӏана гьесие магӏарухъ бугеб халкъалъулгун щибго гьоркьоблъи гьабизе бокьун гьечӏолъи.

Гьабсагӏаталда Гъазимухӏамадие бищунго къваригӏараб жо ккола цӏорол банкабиги заводалда хӏалтӏаралъухъ гӏадамазе кьезе гӏарацги.

Консервал гьаризе къайи-цӏа гьес тӏаде цӏиябги босун буго, гъоркь букӏараб къачӏанги буго.

— Сверухъ ругел цогидал росаби малъичӏого, цохӏо Гӏоротӏасагицин бачӏунаан гьанибе пихъил 800 тонна, — ян ракӏалде щвезабуна Гъазимухӏамадица. — Бакӏалъул гӏадамазда тӏадеги, каникулазул заманалда практикаялъ нус-нус студентги вачӏунаан. Бачӏинахъего пихъ цӏулеб аппаратги Дагъистаналда цохӏо Харахьи заводалда гурони гьечӏо. Амма пихъил консервал гьарулеб кӏиго заводги районалда букӏаго, чанго миллион гъурщил зарал кколеб буго гьабсагӏаталда гӏадамазе. Хасго пихъ гӏемераб исана гӏадаб соналъ. Масала, Гьамущи кутакалда лъикӏаб сорталъул гени буго гӏадада холеб.

Гьединаб гара-чӏвариялда ниж рукӏаго, тӏаде ячӏарай Гъазимухӏамадил лъади Патӏиматица абуна жий йикӏунила, гьесда гьебгощинаб бетӏерунти дуегоги жиндиегоги гьабичӏого, нилъерго рокъоб бугеб мини-цехги хӏалтӏизабун чӏезе ругин нилъилан.

— Росдал ясли-ахалда хӏалтӏулей йигониги, пихъил сезон бугеб мехалда кумекалъе дунги чӏезе ккола гьесда аскӏой. Амма гьабсагӏаталда гьес гьеб гӏадахъ босулеб гьечӏо. Гьесие кутакалда бокьун буго гӏодоса-эхедего росулъ хӏалтӏулеб букӏараб завод цӏи гьабизе. Гьединлъидал бихьулеб къоялдеги вачӏунев гьечӏо. Данделъараб щибаб гъурущги гьелда тӏад харж гьабула. Амма басрияб къачӏаялдасаги, цӏияб бакӏ базе лъугьинго бигьа букӏунин абухъе, гӏезегӏан захӏмалъулеб буго нижерго къуваталда божун чӏезе, — ян бицана Патӏиматица.

Гъазимухӏамадил мини-цех бихьидал, гӏажаиблъана ниж, гьабугьин гьебги хӏалтӏизабун чӏанигицин лъикӏго цеветӏелаан гьев. Бокьараб пихъилги овощазулги консервал хӏадурулеб техникаялдалъун хьезабураб саламатаб цех буго гьесул минаялда аскӏоб. Гьелда тӏаде, жеги кӏкӏуйдуца мохмох бакъвазабулеб къайи-цӏаги лъун буго гьес гьениб.

— Дида гӏемерисез абула тӏатӏала кколеб заводалъул ургъел гьабун щайилан. Кидаяли тӏубараб росуги участокги жаниб хӏалтӏулеб букӏараб гьеб берда бихьулаго чӏунтизе тезе бокьун гьечӏо, ракӏунтулеб буго гьелъухъ балагьун, — илан бицана Гъазимухӏамадица.

Росулъе щвараб мехалда технолог хӏисабалда Гъазимухӏамадие малъа-хъваяздалъун кумекалъе ватула Харахьиса Хӏайдар Маликовги. Амма гьев гьабсагӏаталда Кӏикӏуни заводалда хӏалтӏулев вуго.

— Чияр бакӏалде инегӏан, нусцӏул бокьилаан хӏалтӏулев дирго росулъ чӏезе. Пайда щибха. Гьав Гъазимухӏамадие дагьабниги кумек щолебани, пачалихъалдаса яги цоги бакӏалдаса, жегиги нусго соналъ хӏалтӏизабизе бегьулеб къайи-цӏа бугоан гьаниб. Гъоле, банкротлъунги лъазабун, дагьалъ хутӏана Кӏикӏуни заводги къазе. Сергей Меликовас кверги чӏван, рухӏ речӏчӏизехъин буго гьанже гъолдаги. Гьединабго бербалагьи хӏажат бугоан Харахьи заводалъеги, — ян бицана Хӏайдарица.

Гьел лъабазухъго гӏенеккараб мехалда ракӏалде щвана дагьалъ цебе рагӏараб цо хабар. Жив диниявги жамгӏиявги хӏаракатчиян, бечедалги машгьуралги чагӏазда аскӏов чӏун суратал рахъун, интернеталде гьелги рехун, жиндиего цӏар гьабулев цо нилъер ракьцояв вуго. Унго-унголъунги гьев кутакав чийилан божиялъищали, Москваялда гьесие рукъ сайгъат гьабун рагӏула нилъерго гьаниса кутакав цо бизнесменасул гӏагарлъиялъ. Гьедигӏан хъулухъ гьечӏого цояз цогидазда тӏад харж гьабулеб гьеб гӏарац Гъазимухӏамад гӏадал патриотазе щайдай щоларебин абураб суал бачӏунеб буго.

Дица гьеб суалалда хурхун хитӏаб гьабуна республикаялъул хӏукуматалъул лъабго идараялде. Жеги жаваб щвечӏо. ДРялъул бетӏер вищун хадуб министрзабазул кабинетги гьанже цӏидасан гӏуцӏизе кколеб букӏиналъ батила, гьезда сверухъ цо чӏванкъотӏи гьечӏеб. Амма гьеб суалалде нилъ цӏидасан тӏад руссина. Щайин абуни мугӏрул ругебгӏан мехалъ нилъеца магӏарухълъиги нилъерго росабиги цӏунизе кколелъул.

Зульфия Хӏажиева