Ихдал хур бекьизеги, хаслихъе бачӏин бакӏаризеги кколеблъи лъидаго лъала. Магӏишат гьабизе кколелъулха. Магӏишатияб рахъалдаго цадахъ щивав чиясе хӏажалъула «рухӏияб квенги». Гьебин абуни жакъа мукъсанлъун унеб буго, нилъер хьвада-чӏвадиялдаги гӏамал-хасияталдаги тӏад хӏур бетизабулеб заман букӏиналда бан. Амма заман гьадинаб бугинги абун, гьелде гӏайибги рехун нилъ чӏани, кинаб нухдедай ккела гӏун бачӏунеб гӏел, нилъер лъимал. Гьезда рукӏа-рахъинеги, адаб-хъатирги, адабиятгун маданиятги, тарихги малъичӏони, гьеб кинабго ясбер гӏадин цӏунизе кколеблъиялде жакъа нилъеца гьел кантӏизаричӏони, огь, бухӏаябилан ккечӏого хутӏиладай? Умумузул аби буго, бекилалде бухьине кколин бетӏерилан абураб. Ахираб заманалда нилъеца «бетӏер бухьинчӏолъиялъул» хӏасил жакъа дагь-дагьккун загьирлъулебги буго. Гьелдаса, ай жагьлуялдаса хвасарлъиялъул мурадалда, «Хӏакъикъат» газеталъги хӏаракат бахъулеб буго щивав чи «рухӏияб кванде» вуссинавизе, нилъ щал ва киса рачӏарал чагӏияли, наслабаз наслабахъе кьун, рекӏел тӏиналда бикӏун хутӏуледухъ хӏалтӏи гьабизе. «Дица газета цӏалуларо, цӏаланиги гьениб хъвараб мукъулукъидаса эхебе унаро», — ян абулел гьалмагъзаби гьаб заманалда гӏезегӏан руго. Гьединазе ургъелги букӏунаро жакъа жидеего щолеб жоялъул гурони. «Щолеб жоян буго жиранщинаб кӏал»- абун хъванги гьечӏищха шагӏирас. Кигӏан нилъ хадур рекераниги, Аллагьас хъвараб гурони щоларин абула цӏаларал чагӏаз. Кинабгоги щун мурад тӏубарав чиги дунял бижаралдаса вахъинчӏин буго. Хӏакъаб жо, кӏалдибе борта багӏаргӏечилан чӏунилан магӏишат лъугьунаро. Аварагасул хӏадисги бугелъулха, щивас гӏамал гьабизе кколин абураб.
Магӏишат гьабиялдаго цадахъ тӏалаб гьабизе ккола «рухӏияб квенги». Чехь гӏорцӏизабураб гӏоларелъулха! Чохьонибе ккараб унеб бакӏ буго цо, гьеб лъиего хӏажалъуларо, гьелъухъ щивго валагьуларо.
Амма ботӏронибги рекӏелъги бугеб – абадиялъ нахъе хутӏула, наслабаз гьелдаса пайда босула. Жакъа гьабураб метер батулин абухъе, жакъа миллаталъул гӏузрабаздеги миллияб газеталдеги кьолеб кӏвар чучлъизе тани, метерисеб къоялъ нилъеда гӏарада речӏчӏизе букӏин хӏакъаб буго. Гьедин ккечӏого букӏине, «рухӏияб кванидалъун» гӏумру хьезабизелъун хӏалтӏи гьабулеб басма буго газетаги. Гьединлъидал, щивав магӏарулас хӏаракат бахъизе ккела гьелдаса битӏун пайда босизе, пайдаяб ирсалъе тезе. Хӏурматияв магӏарулав, тӏасияб соналъе газеталъе подписка гьабулеб заманги тӏаде щун бугелъул, гьелъухъ кьолел гъурщазда барахщичӏого, хъвай ва цӏале миллияб басма. Гьеб хъвазе кколеблъи ракӏалде щвезабе мадугьаласда, гьудул-гьалмагъасда. «Нилъго нилъехъангойилан» абурабила гӏатӏахинкӏицаги. Гьелъухъего, нилъеца нилъерго мацӏалъулги, тарихалъулги, адабиятгун маданияталъулги, гӏадат-гӏамалазулги къимат гьабичӏони, гьеб гьабизе къватӏиса чи вачӏунаро ва вачӏарасда цебеги нилъго намусаб ишги ккола. Гьединлъидал метералде тӏамун течӏого, почтальон вачӏинегӏан чӏечӏого, хӏаракат бахъе жакъаго магӏарул миллаталъул аслияб басмалъун кколеб «Хӏакъикъаталъе» подписка гьабизе.
Кидаго нужее баракат-рахӏмат гьарулеб «Хӏакъикъат» газеталъул редакция